27-ялде бахана Маршруткаялъул такси хираго чIана тахшагьаралда

 

 

Газеталъул араб номералда хъван букIана МахIачхъалаялда нахъеги рекIадухъ босулеб багьа хира гьабизе бугин абураб хабар тIибитIун букIиналъул хIакъалъулъ. Тахшагьаралъул мэриялъ гьеб баян тасдикъ гьабун букIинчIо. Амма 18 октябралда, «Астория», СТС, «Сктранс» ва «Трансфлот» транспорталъул ункъо компаниялъ МахIачхъалаялъул администрациялде кагъат битIана, жидеца багьа бахинабулеб бугин абун. Гьанже маршруткаялда рекIаралъухъ кьезе ккола 27 гъурущ. Цебе кьолаан 23 гъурущ.

 

МахIачхъалаялъул администрациялъул транспорталъулаб управлениялъухъа нижее баян щвечIо. Гьезул телефоналде чанцIул ахIаниги, хIасилги ккечIо. ТIадехун бицен гьабурал «Астория», СТС, «Сктранс» и «Трансфлот» компанияз багьа бахинабиялъе гIиллалъун бихьизабун буго цIатариги машинаялъул цогидал гIиси-бикъинал алаталги хиралъун рукIин.

36 гъурущ бугин гьабсагIат МахIачхъалаялда газалъул цо литрадул багьа. Гьелдаго цадахъ, зама-заманалдаса машинаялда хисизе ккола гьакал, чирахъал ва гьеб гуреб цогидабги. Гьеб кинабго учузго чIолеб гьечIин бицана нижее МахIачхъалаялъул №69 «а» маршруткаялда хIалтIулел водительзабаз.

— Киназдаго кколеб батила багьа бахинабурал чагIи ниж ругин. Амма гьел мекъи руго. ТIадехун ругел идарабаз гьабулеб жо ккола гьеб. Нижееги бокьилаан кинабго хиралъичIого букIунебани. Гьединго бичIчIула щибаб къойил маршруткаялда рекIине кколел гIадамазе 27 гъурущ кьей расги бигьаяб жо гуреблъи. Амма щибха гьабилеб нижеда бараб жо гьелъул гьечIелъул, — ян бицана маршруткаялъул шофер ГI. ГIумарасхIабовас.

РекIадухъ багьа бахине бугин 15 октябралдаго лъазаби чIван букIана щибаб маршруткаялда. Амма киназго цадахъ циндаго багьа бахинабичIого букIине, жидеца къотIи гьабунин, 18 октябралдаса байбихьун цо компаниялъ бахинабулеб къагIида гьабизеян бицана шоферзабаз.

Гьеб ахIвал-хIалалда бан щибха абулеб бугеб пассажираз? Щибаб къоялъ маршруткаялда рекIун хIалтIуде-нахъе ине кколел гIадамал гIемер руго. ХIатта цо-цояз кIигониги хисизе ккола гьеб. Мисалалъе, гьединазул цояй ккола Хунзахъ районалдаса ГIабидат ГIалиева. Гьей хIалтIулей йиго шагьаралъул школалда мугIалимлъун.

— КIиго батIияб бакIалда хIалтIулей йикIиналъ кIигониги маршрутка хисизе ккола дица. Гьебгиха цо рахъалде. 23 гъурущцин дагьаб жо гуро дун гIадал, кIудияб харж гьечIел чагIазе. Гьанже 27 гъурущ босизе байбихьана. Цо рахъалде кIиго маршрутка хисизе ккани, 54 гъурущ кьезе ккола. Къаси рокъоеги рекIине ккани, унеб буго гьебго 54 гъурущ. Къойие 108 гъурущ. МоцIида жаниб цохIо рекIадухъ кьезе кколеб буго гIага-шагарго 3000 гъурущ. Кванихъищ кьелареб гIарац, ретIел-хьитищ босилареб? МугIалимасул гъаримал гъурщал цохIо кванихъги рекIадухъги кьун тIагIинехъин руго моцIида жаниб.

Нилъер республикаялда тIокIаб чIечIого бицуна коронавирусалдаса ц1унизе жамгIияб транспорталда соцалияб дистанция цIунизе кколин абун. Амма цо-цо маршруткабахъ балагьеха, гIодор чIаразулни бицинарин, рахъун чIун, цоцалъ къан, битIахъе консервадул банкаялда жанир гIадин рукIуна гIадамал. ХIухьел цIазе рес гьечIеб хIал буго. Шагьаралъул цояб кIалалдаса цогидаб рахъалде гьединаб къагIидаялда ине ккани, расги бигьаяб иш гуро. Гьеб мехалъ унтичIого рукIинищ? — абун гьикъулеб буго ГI. ГIалиевалъ.

Пассажирал раччулеб транспорталъул компаниязе бокьун букIанин рекIадухъ багьа 30 гъурщиде бахинабизеян ракIалде щвезабуна «Черновик» газеталъул обозреватель МухIамад МухIамадовас.

— Рес букIарабани гьез гьеб гьабизеги букIана, халкъалъ ахIи бахъинабилин хIинкъун чIана. КIиабизе босани, жакъа МахIачхъалаялда хIалтIулел ругел маршруткаби руго цIакъ санагIат гьечIел. Чанго соналъ цебе 23 гъурщиде багьа бахинабизе хIукму гьабидал, МахIачхъалаялъул тIалъиялъ рагIи кьун букIана, цIакъго гIемераб къадаралда пассажирал рекIинарурал маршруткабазе гIадлу гьабизе. Гьезул низам гьабизе ГИБДДялъул хIалтIухъабазда тIадкъазеги. Гьединго маршрутазул линиязда машинабазул къадарги цIикIкIинабизе рагIи кьун букIана. Амма цонигияб рагIалде бахъинабичIо. Жакъа ни­лъеда бихьулеб буго МахIачхъалаялда хIалтIулел маршруткаби кинал ругелали, щиб квегIенлъи гьезул гIадамазе бугебали. Хасго «Третий парк» компаниялъул маршруткаби руго цIакъ санагIат гьечIел, гIодор чIезе бакIалги гьенир цере ккаразе гурони щоларо. ХутIарал рукIуна цоцалъ къан, ругIа-русун, рахъун чIун. Хасго кьерханкъояз, тIа-тIала цIадалги ран хIориде сверун тахшагьаралъул къватIалги ругеб мехалда. Гьелъул гIемераб бицана, хъвана, видеоял лъуна социалиял гьиназда. Гьедин буго жакъа маршруткабазул рахъалъ ахIвал-хIал МахIачхъалаялда. Соналдаса-соналде хира гьабулеб багьаги буго, амма гIадатияб халкъалъул ургъел гьабун, гьезие санагIатаб жамгIияб транспорт букIине ккелин абураб пикру гьабулев хIаким гьечIо, — ян бицана М. МухIамадовас.

Ашахан Юсупов