«Шамилил кавабазда» цураб къед биххана

 

   Чанго къоялъ тIатIалаго ралел чвахунцIадазул хIасилалда, анлъа­билеб октябралда биххана Гъуниб- хъала сверун бараб некIсияб къадал цо бутIа. Шамилил абулел кавабазда цураб къед ккола гьеб. Къед биххана битIун туристаз гьелъул видео бахъулеб заманалда. ТарихчагIазул баяназда рекъон, гьеб къадал халалъи ккола анкь­ нусгоялде гIагарун метр. БакI- бакIалдаса гьелъул биццалъи буго цо метр. Гъуниб-хъала гIурус пачаяс бан буго XIX гIасруялда, Кавказалъул рагъ лъугIун хадуб. Цо-цо баяназда рекъон, хъала­ялъул къед тIасияб соналда къачIазе букIун буго.