ХIасилаз борцараб нух

 

  Гъуниб районалъул Сугъралъ росдал «Сугъралъ» агрофирма ккола районалда бищун кIудияб, гIияхъанлъи-боцIухъанлъиялъул рахъалъ республикаялда цебе­себ кьерда бугеб магIишат. 1931 соналда гIуцIараб гьелъ, батIи- батIиял цIаразда гъоркь, нахъа тана гIемер захIматаб, гIезегIан хIалуцараб, хадубккунги жин­дирго чIванкъотIараб рахъ боса­раб, бечедаб тарихалъул нух.

 11 сентябралда гьелъ кIодо гьабуна жиб гIуцIаралдаса 90 сон тIубай. Тадбир тIобитIана Хъумторхъала районалда магIишаталъул бугеб ракьалда, Сулахъ гIурул рагIаллъуда тIибитIараб «Нугъай-тугъай» хъутаналъул майданалда. Тадбиралъул букIана 3 бутIа – официалияб, музыкали­яб ва спортивияб. Официалияб бутIаялда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов, росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министр БатIал БатIалов, ЖамгIияб палатаялъул председатель ГIабдулмуъмин Ибрагьимов, гIемерал росабазул бутIрул, магIишатазул нухмалъулел, хIалтIул ветеранал. Тадбир рагьана ва бачана магIишаталъул нухмалъулев ГIабдурахIман Чураевас. Гьес бицана агрофирмаялъ на­хъе тараб нухалъул, жакъасеб къоялъул хIалтIул хIакъалъулъ, киналго гIахьалчагIазе кьуна баркала. Хадур кIалъазе рахъараз магIишаталъул нухмалъиялда ва хIалтIухъабазда баркана юбилей ва гьарана лъикIал хIасилалгун цебетIей. Жиндирго кIалъаялда ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас цIалана Сергей Меликовасул Баркиялъулаб кагъ­ат, бицана республикаялъул рос­дал магIишаталда «Сугъралъ» аг­рофирмаялъ кколеб мустахIикъаб бакIалъул хIакъалъулъ, цоги ну­халда киназдаго баркана байрам ва хIалтIул церехъабазе кьуна шапакъатал. Гьел сайгъатазул букIана цо кIвар бугеб хаслъи – ГIабдулмуслимовас абухъе, республикаялда жеги киданиги букIинчIо БетIерасул цо указал­далъун, цо гIуцIиялъул ялъуни росдал цадахъ 10 чиясе шапакъатал кьеялъул хIужа. Жакъа гьеб магIишаталда ккана гьедин. Данделъиялъе чIаголъи кьуна музыкалиял церерахъиназ, худо­жествиял номераз, гьезда гьор­кьоб хасаб бакI ккуна АсхIабали ХIасановасул нухмалъиялда гъоркь жидерго гьунар бихьиза­бурал «Пехлеванал» абураб палу­гьаназул къокъаялъул гьитIинал гIахьалчагIаз. Волейболистазда гьоркьор рукIарал хIалуцарал хIаязда бергьараб командаялъе щвана цебеккунго чIезабун букIараб хасаб сайгъат – куй, цо­гидал гIахьалчагIазе кьуна грамо­табигун кубокал.

  Тадбир ана берцинаб хIалалда, карантиналъул заманалда нилъ киналго махIрумлъун рукIараб аваданлъигун.