ЩУГО СОНАЛДА ЖАНИБ – 180 «МАГНАТ»

 

 

 

     Гьал къоязда Каспийскиялда рагьана «Магнит у дома» ва «Магнит косметик» абурал дармил тукаби.

     Республикаялда тIоцебе рагьулеб «Магнит» ПАОялъул тадбиралда гIахьаллъана РФялъул промышленносталъул ва дармил министр Денис Мантуров, ДРялъул бетIерасул ишал тIуразарулев Сергей Меликов, ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатIахI ГIамирханов, «Магнит» ПАОялъул бетIерав директор Ян Дюннинг ва цогидалги.

     «Республикаялда гIадамаз цIикIкIун пайда босулел бакIаллъун руго базарал ва ярмаркаби. Гьаниб цебетIун буго гIисинаб бизнесги. «Магнит» республикаялде бачIиналдалъун дармил рахъги батIи-батIияблъун, конкуренция хIехьолеблъун лъугьина. Баркала загьир гьабизе бокьун буго дармил киналго рахъал церетIезариялъулъ гIахьаллъаралъухъ, «Магниталъеги» лъикIаб цебетIей гьарула», — ян абуна РФялъул промышленносталъул ва дармил министрас.

     «Нилъер республикаялде рукIина цIиял хIалтIул бакIал. КIвар бугеблъун ккола «Магниталъ» Дагъистаналъул нигIматазе бакIги бихьизабизе букIин. Нилъерго нигIматал ричизе бегьула «Магнит» тукаби ругебщинаб бакIалда, — ян абуна С. Меликовас. – «Магниталъ» къотIикъай гьабун буго Дагъистаналъул 20 производителасулгун».

    ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирхановас бицана гъоркьиса декабралда РФялъул росдал магIишаталъул министерствоялъ «Вкусы России» абураб кванил нигIматазул регионалиял брендазул миллияб къец тIобитIун букIанин.

    «Гьениб Дагъистаналъул гIиял гьаналъе тIадегIанаб бакI щведал, Ян Дюннингица абуна, гьелъул цIакъаб тIагIам бугин. Дида ккола, нилъер гIиял гьанае кьураб къиматалъго гьесизарун ратилин республикаялда «Магнит» рагьизе», — ян абуна ГIамирхановас. Ян Дюннингил пикруялда рекъон, Дагъистаналда «Магнит» рагьиялъул компаниялъеги кIудияб кIвар буго. «Нижеда гьаниб церетIеялъе рес бихьулеб буго. ЛъагIалил ахиралде гьаниб хIалтIизе биччазе буго 20 дармилаб бакI. ГIагараб щуго соналда жаниб Дагъистаналда 180 тукен рагьизе ва республикаялъул 2000 чи хIалтIудалъун хьезаризе ракIалда буго. Гьединго ниж ургъулел руго мугIрузул районазда «Моя цена» абурал тукаби рагьиялда тIадги. Гьениб учузаб багьаялде рукIине руго гIадатиял нигIматал ва къайи. Гьеб гуребги, нижеца тIадчIун хIалтIи гьабулеб буго бакIалъулал поставщиказулгун ва Дагъистаналъул брендал гIицIго республикаялда гурелги, тIолабго улкаялдаго тIиритIизаризе ракIалда буго», — ян абуна «Магниталъул» директорас.

 П. СУЛТIАНОВА