Ахбазаналъул байрам

 

    3-4 июлалда МахIачхъалаялда, Пушкинил цIаралда бугеб къотIноб, тIобитIизе буго Ахбазаналъул фестиваль. Гьеб ккола республикаялъул Росдал магIишаталъул министерствоялъ тIобитIулеб тадбир.

   Гьелго къоязда тIобитIизе буго республикаялда ахихъанлъи цебетIезабиялда хурхун гIелмияб конференцияги, букIине буго кIудияб ярмаркаги.

     Жидерго ахикь гIезабураб нигIматгун магIарухъа гIемерал ахихъаби рачIине руго гьеб къоялъ МахIачхъалаялде. ГьабсагIат хьиндаллъиялда тIад бан бугин абизе бегьула ахбазан барщулеб гIуж. Щибаб къоялъ ящикал цIун пихъ бакIарулел, гьеб жанибе кьезе къотIи-къаял гьарулел, машинабазде гьеб баччулел руго ахил бетIергьаби.

    МагIарухъ гьабсагIат бищунго цIикIкIун ахбазан гIезабулел районазда гъорлъ рехсола Хьаргаби ва Унсоколо. Амма Гумбет, Болъихъ ва Шамил районаздаги дагьал гьечIо куракул ахал.

   — Цере гIадин, консервал къалел заводал гучалда гьечIониги, ахбазан гIезабиялде кьолеб кIвар дагьлъун гьечIо магIарухъ, — илан бицана Болъихъ районалъул Кьохъ росулъа Фатима ГIисаевалъ.

— Ахбазаналъул компот, мурапа ва цогидаб нигIмат цIакъ бокьула халкъалъе. Гьединго гьелъул гагадул гьабураб хьодуде ва урбаялде нилъер гьаниб, хасго шагьаралда гIумру гьабун ругезул цIакъ хьул лъола. Узухъда, гIемераб гIетIги тIезе ккола, ахие хъулухъ гьабулаго, бигьаяб хIалтIи гуро гьеб. Амма, баччараб захIматалда рекъон, нилъ разияб хайир гьелдаса щвечIогоги хутIуларо.

    Фестиваль тIобитIулеб букIинги лъикIаб тадбир буго. Нилъерго ахбазан цогидазда бихьизабизе, гьелъул тIагIамалъул хIалбихьизе рес щвела къватIиса рачIаразеги.

Ашахан ЮСУПОВ