Юждагъалде гьабураб сапар

 

    Республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовас­да ракIалда буго гIадамазул яшавги, къварилъи-гIатIилъиги бихьизе батIи-батIиял районазде сапарал гьаризе. Масала, гьединаб мурадгун гьев щвана Дагъистаналъул югалъул рахъалда ругел шагьараздегун цо чанго районалде. ДандчIвана гIадамалгун, хал гьабуна ралел шко­лазухъ, больницабазухъ, ясли-ахазухъ, росдал магIишаталъул ва цо­гидалги социалиял идарабазул хIалтIухъ.

     Байбихьуда щвана Дербент рай­оналъул Хъала росдал фельдше­разулгун акушеразул пункталде. Гьелъул хIалтIухъабазулгун гара-чIвариги гьабуна.

     Гьебго къоялъ республикаялъул бетIер щвана Низами ГIалиевасул цIаралда бугеб цIибил гIезабулеб предприятиялдеги.

      Мамедхъалаялде щведал, Ме­ликовасда бихьизабуна ясли-ах ва гьоркьохъеб школа. Росдал гIадамаз бицана жидерго къварилъи-гIатIилъиялъул хIакъалъулъ. Масала, спортивияб зал базе ракь щолеб гьечIин, цIад банщинахъе нухал холин.

    Меликов щвана ДагъОгни ша­гьаралдеги. Балагьана цIияб поли­клиникаялъул бугеб хIалалъухъ ва шагьаралъул архитектуриябгун та­рихияб музеялъухъ.

       Шагьаралъул гIадамазул аслиял гIарзал рукIана лъеда, газалда, то­калда хурхарал суалазда тIасан.

       ДРялъул бетIер щвана «Дагестан Стекло Тара» абураб цIер къотIулеб заводалдеги. Гьелъул нухмалъ­улев ПатахIудин МухIамадовас бицана гьениб гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ ва абуна Чехиялъул Sklostroj фирмаялъулгун къотIи-къаял гьарулел ругин цадахъ рекъ­он хIалтIи гьабиялъе.

    Цинги республикаялъул нух­малъулес сапар бухьана Табасаран районалде. Щвана Хучниялда бу­геб «Анкьго вацасул ва цо яцалъул» цIаралда бараб хъаладухъе. Гьениб Меликовасда бицана тIансаби рес­сизе ругьун гьарулеб школа районалда цебеги букIанин, гьанжеги бугин. Амма къваригIун бугин гьел ричизе бакI. КъватIисел улкабазул гIадамаз нилъер тIансаби гъираял­да росулин ва гьеб иш рукIалиде ккезабиялъе кумек гьабейин абун.

   Нахъисеб къоялъ, ай 18 апрелалда Меликов щвана МухIарамкент рай­оналъул Дружба ва МухIарамкент росабалъе. Гьениб бан бахъунеб бугеб школаги, 60 гьитIичасе бакI бугеб цIияб ясли-ахги бихьизабуна гьесда.

   Жепел росулъе вачIарав гьев щвана «Сад» абураб КФХялде. 150 гектаралда гьелъ чIараб гIечул ахалъухъги хал гьабуна гьес.

    Догъузпара районалде вачIиндал, гьев щвана биххун иналда хIинкъи бугеб школалде. 350 чияс бакI бу­геб цIияб школа хIажат бугин би­цана бетIерасда школалъул дирек­торас. Кумек гьабизе рагIи кьуна Меликовасги.

   19 апрелалда С. Меликов щвана Сулейман-СтIал ва Хив районазде. ДандчIвана росабазул гIадамалгун, гIенеккана гьез бицунеб-толелъухъ.

    Югалъулаб Дагъистаналде С. Меликовас гьабураб сапаралъул хIакъалъулъ гьадинаб пикру загьир гьабуна политолог Альберт Эседо­вас:

     -Республикаялъул бетIерас битIун абуна югалъулаб Дагъиста­налъул цо-цо районал ахирал сона­зда тIалъиялда кIочон тун рукIанин. Гьелъул хIакъалъулъ чанго нухал­да хъван букIана дицагоги. Масала, предпринимателазе щибаб соналъ гранталъулаб гIарац биччалелъул, республикаялъул югалъулаб рахъ кIочон толаан. 2014 соналда 110 миллион гъурщил багьаяб 455 гранталда гьоркьоса гьенибе (Юждагалде) ана гIицIго лъабго грант – 700 азарго гъурущ. Гьелъул хIакъалъулъ ахIи бахъинабидал, гран­тал кьеялъул система тIубанго чIезе тана.

      ЛъикIаб иш гьабуна Меликовас. Май моцIалъ гьединалго сапарал цогидал районазде гьаризе ругинги лъазабуна гьес.

   Ашахан ЮСУПОВ