ХIутI-хъумуралъ хурзал пасат гьаризе теларо

 

6 апрелалда республикаялъул Росдал магIишаталъул министер­ствоялда тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна 23 батIияб районалъул нухмалъулезги. Бекьараб жоялъе исана саранчаялъ гьа­бизе бугеб заралалъул хIакъалъулъ бицана гьениб.

Министрасул заместитель Шарип Шариповас абуна, жидехъе щварал баяназда рекъон, 75 азарго гектаралда бекьараб жоялъе зарал гьабизехъин бугила исана хIутI-хъумуралъ. БатIи-батIиял химикаталги росун, бекьа­раб жоялде тIаде щван, хур-хер гьездаса цIуна-къазелъун тадбирал гьаризе ахIана гьес районазул нухмалъулел.