Питна-хIур хIажат гьечIо

 

6 апрелалда ДРялъул хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда Сер­гей Меликовас къимат кьуна арал гIодоркъояз Чачаналдаса чотIахъаби республикаялде рачIиналъе.

Гьеб лъугьа-бахъин ккана 3 апре­лалда. Новолак районалда вукъун ву­гев имам Шамилил наиб Беноялдаса Байсунгъурил хабаде зияраталъ вачIун вукIана Чачаналдаса 29 чотIахъан. «Ахмат-сила!» — ян ахIдолел гьел лъал­хъизаруна полициялъ.

Гьединал тадбирал бакIалъулаб нух­малъиялда дандги ран гьаризе кколин бицана низам цIунулез.

С. Меликовас абуна жив цIакъ рази вугин нилъер жамгIияталъул це­рехъабазги жибго халкъалъги гьеб хIужаялда хурхун загьир гьабураб пи­круялдаса, амма щибаб ккараб-таралъ­ул букIунин жиндирго хIасил. Гьелъул хIисаб гьабизе тIадаб бугин щивав чиясда. Гьесул рагIабазда рекъон, щибго гьечIеб бакIалда питна бижи­забизе къваригIун, цIадабе нарт тIолел чагIиги камуларо. Амма гьединал чагIи зобалаздаса накIкIгIанги рикIкIад гьаризе ккола.

Меликовасул пикруялда, гьеб лъугьа-бахъиналдалъун бихьулеб буго ре­спубликаялда миллияб политикаялъул хIалтIулъ гIунгутIаби рукIин.

Гьединлъидалин абуна С. Меликовас, жинда лъикIаблъун бихьулила нилъедаги Чачан республикаялдаги гьоркьор вацлъиялъул бухьенал щула гьариялъул хIалтIи цIи гьабизе. Гьеб мисал, цохIо чачаназда хурхун гу­ребги, цогидал республикабазда гьоркьобги букIине кколин тIадеги жуба­на гьес.