«Заманалъул матIу»

 

 

     30 марталда Миллияб библиотекаял­да тIобитIана «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас хъвараб «Заманалъул матIу» абун магIарулазул милли­яб газеталъул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб тIехьалъул презентация.

 

     Нижеца цебехун бицун букIахъе, гьел­да жанибе бачун буго магIарул аслияб га­зеталъул 104 сонилаб тарих.

 

     Лъабго сагIаталъ халатбахъараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана магIарул мацIги, газетаги, тарихги бокьулел, жал лъикIал ишаздалъун машгьурал магIарулал. Масала, ДРялъул бетIерасул гIакълучи, гьединго миллаталъул рухIияв цевехъан Сайгидпаша ГIумаханов, Жид­даялда РФялъул генералияв консуллъун вукIарав Багьавудин ГIалиев, ришват­чилъиялда данде къеркьеялъул рахъалъ ДРялъул нухмалъулесда цебе гIуцIараб Управлениялъул бетIерасул замести­тель ГIалибег ГIалиев, ДФИЦалъул ИЯ­ЛИялъул бетIерав гIелмияв хIалтIухъан ва филологиялъул гIелмабазул доктор, профессор МухIамад МухIамадов, гьеб­го институталда грамматикиял цIех-рехазул отделалъул нухмалъулев, фило­логиял гIелмабазул кандидат МухIамад МухIамадов, хIалхьиялда вугев ФСБялъ­ул полковник ХIасанхан Ибрагьимов, та­рихиял гIелмабазул доктор, этнограф МухIамадхан МухIамадханов, «Дагъи­стан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиев, гугариялъул рахъалъ Европаялъул щуцIул чемпион КъурамухIамад КъурамухIамадов, жур­налист ва жамгIияв хIаракатчи Шамил МухIидинов, адабияталда хасаб лъалкI тарал миллаталъул шагIирзаби Саби­гат МухIамадова, ТубхIат Зургьалова ва гIемерал цогидалги магIарулал.

 

      Гьезул киназего «Заманалъул матIу» сайгъат гьабун букIаниги, тадбир нухда бачарав ЧIарадаса Ибрагьимил МухIамадица байбихьу­да рехсана гьениса цо-цо мисалалги. Гьелъ цебе чIезабулаан 104 сонал­да жаниб магIарул журналистика цебетIураб къагIида гуребги, колхо­залгун ликбезалги гIуцIун республи­каялда байбихьараб батIияб заманги.

   «Партиялъулги хIукуматалъулги политикаялда рекъон, басриял гIадатазда данде кколебги кколареб­ги рагъ гьабулеб мех букIана доб. Гьеб жо загьир гьабизе газеталдаги тIадаб букIана.

   Масала, 1937 соналъул 31 авгу­сталда газеталда бахъараб заметка­ялда хъван бугоан гьадин: «Гумбет районалъул МелъелтIа комсомо­лалъул организациялъул инициати­ваялдалъун гIуцIана безбожниказул организация. Организация гIуцIараб къоялдаса нахъе гьеб активияб къагIидаялда хIалтIулеб буго», — ян бицана Ибрагьимил МухIамадица.

    Доб заманалъул матIу бихьи­забулеб цойги мисалги рехсана МухIамадица гьеб тIехьалдаса:

   «КъахIиб районалъул ЦIекIоб ро­сулъе кино бачIун букIун, гьелъухъ балагьизе гIемераб халкъ, руччабиги бихьиналги, данделъун рукIана. На­хъе ккарал, магIаруллъиялъул бецIал росабазул бер рагьизабизе киноялъул бугеб цIикIкIараб пайдаялда­са лъицаго инкар гьабиларо. Гьедин бугониги щиб, халкъалда гьоркьор гьанжеги ратулел руго басриял гIадатазул гудрикьа рорчIичIел, батIаго цIакъ руччаби, рахсида ра­рал гьаби гIадин, рукъалъул бокIнида чIезарун, къватIире рахъун дуня­лалъул канлъи бихьизе течIого, жидерго ихтиярал бечед гьаризе къваригIарал чагIи. Гьеб киноялъухъ балагьизе унин абун, ГIабдулагьов Давудица жиндирго чIужу гIемер кутакалда кьабун, гьей мискиналъул къаркъалаялда хъахIиллъичIеб бакI хутIун букIинчIо. Гьединал, руччабазул ихтияразде гьужум гьа­булел гIалхулазда пролетаралъул законалъ руччабазул ихтиярал кин цIунилелани рихьизаризе ккела».

    Макъалаялъул авторал рихьизару­леб къагIидаги батIияб букIун буго доб мехалда. Масала, инициалал лъун яги тIокIцIарал хъван толел рукIун руго.

    МацIазул гIалимчи хIисабалда, Ибрагьимил МухIамадица кIвар буссинабуна магIарул газет-жур­налалги радио-телевидениеги болмацIалъул кьучIалда гIуцIун букIиналдеги. Цогидал миллата­зулъ гьечIо гьединаб хаслъи. Гьелда бан Къуръангицин гIурус мацIалде буссинабурав машгьурав гIалимчи Нури ГIусмановас абурал рагIабиги рехсана МухIамадица:

    «Гьес абуна нуж, магIарулал, ру­гила нужерго мацIалъул къимат гьа­бизе лъаларел чагIи. Гьединаб мацI (болмацI) Дагъистаналда лъилниги гьечIила. Даргияв вукIаниги, аскIоб бугеб росдал мацI бичIчIуларила жиндаян абулаан Нури ГIусмановас. Гьединлъидал Москваялда ру­гел гIалимзабаз даргиязул мацI 17 батIияб мацIлъун чIезабуна. Гьеб рахъалъ нилъер болмацIалъул кIудияб пайда буго киназего – ГIандир, ГIахьвахъ, ЦIумада ругел, гьедин­го хъвайхъвагIай гьечIел цогидал гIадамазеги.

    Абухъего, жал магIарулал гу­рин абулел харбазеги ахир лъезе ккун буго. Нилъ цо руго. Тарихги цо, кьучIги цо буго».

    Хадуб рагIи кьуна тIехьалъул автор Пайзула Пайзулаевасе. Га­зеталъул тарих мухIкан гьабулаго гьес бицана: «1917 соналъул 3 апре­лалда МахIач ДахIадаевасул нухмалъиялда гъоркь «Заман» газеталъул тIоцебесеб номер къватIибе бачIана. Гьесул кумекчIужулъун йикIана лъа­ди Написат. Гьей кколаан Шамил имамасул вас МухIамадшапигIил яс.

   МахIач чIван хадуб «Заман» газе­та гIемераб заманалъ бачIинчIо.

    Гьелъул тIоцебесеб номер къватIибе бачIун хадуб чанго къо индал, биччана «Аваристан» абураб газета. Амма гIезегIан мехалъ гьелъул цIар рехсолеб рагIун букIинчIо магIарул газеталъул тарихалда.

    Нижеца гьеб рикIкIана кIиабилеб газеталъун. Щайгурелъул МахIачил рахъ ккурал гурелги, рукIана гIадамал либералияб рахъалда ругел­ги. Щайин абуни, гьелги магIарулал кколаан, гьезги биччана магIарул мацIалда газета. ГIажамалъ хъва­раб гьелъул кIиголъабго номер хIалбалалъ щвана кодобе. Цоцо чагIазул рокъор гурони, архивалдаги гьел цIунун ратичIо».

   Пайзула Пайзулаевасул рагIабазда рекъон, гьеб нусго соналда жанив магIарул газеталъул бетIерав редак­торлъун вукIана 15 чи. Гьединго хи­сун буго 12 батIияб цIарги.

   Бищун кIудияб тираж букIана «БагIараб байрахъ» бугеб мехалда – 40 азарго экземпляр.

   Хадурккун республикаялда ва гьеб бахун къватIирехунги машгьур­лъарал цо-цо миллатцоял байбихьу­да магIарул газеталда хIалтIулел рукIиналъулги бицана авторас. Ма­сала, Расул ХIамзатов вукIун вуго росдал магIишаталъул отделалъул нухмалъулевлъун. Гьединго Расу­лил вац ХIажи ХIамзатовги, Халил ПатагIалиевги, Фазу ГIалиеваги, ПатIимат Хизроеваги гьенир хIалтIун руго корректораллъун, таржамачагIилъун.

   Жинца архиваздаса цо-цо хIужаби тIехьалде росичIогоги танин би­цана Пайзула Пайзулаевас, дагьал тIадагьал, релъизе бачIунел гIадал рукIун. Амма заман додинаб букIун, доб мехалда гьел гIадатго къабул гьарулел рукIун руго.

   Улка тун къватIиве инегIан маш­гьурав художник Мусаясул Халил­бег вукIун вуго редакциялда худож­никлъун.

   1951-1958 соназда Дагъистаналъул киналго миллиял газетал рачIунаан «Дагестанская правда» газеталъул дубляж гIадин.

   Гьеб мехалда газеталъул бетIерав редактор МухIамад Шамхало­вас республикаялъул нухмалъу­лев ГIабдурахIман Данияловасде хитIабги гьабун, гьел газетал жалго жидедаго чIараллъун гьарун руго.

   Данияловас данде ракIаридал, цогидал редактораз хIукму гьабун буго жидерго газетал анкьида жаниб лъабго нухалда рахъизе, Шамхало­вас абун буго жидеца щуго нухал­да бахъилилан. Амма гьеб мехалда редакциялда рукIун гьечIо гьелъие гIурал хIалтIухъаби. РукIинчIониги, хадубккун гьес кутакалда махщали­да гIуцIун буго гьеб хIалтIи.

   Гьединлъидал газеталъул тари­халда жаниб МухIамад Шамхало­вас тараб лъалкIалъе къимат кьо­лаго, Пайзула Пайзулаевас абуна тIубараб гIелмияб институталъ гьабулебгIанасеб хIалтIи гьабунила гьес мацI роцIинабиялъулги кадрал хIадуриялъулги рахъалъ.

   Данделъиялда гIемер ракIалде щвезавуна МухIамад Шамхалов. БукIине кколедухъ пикруялъе эр­кенлъи гьечIеб заманалда газеталъе нухмалъи гьабурав гьев ахиралда «ВатIаналъул унти» абун къисма­талъ улка тун къватIире рачарал дагъистаниязул хIакъалъулъ асар хъван хадув обкомпартиялъ гьесие бадибчIвай гьабуна.

    Пайзулаевас баян гьабухъе, Тур­циялде унел СССРалъул журна­листазул группаялъул нухмалъулевлъун вукIун вуго Шамхалов. Дова магIарулалгун дандчIван хадуб хъвараб пашманаб асар ккола «ВатIаналъул унти».

    Гьелъухъ выговор щун хадуб цоги нухалдаги щола гьесие бадибчIвай. Газеталда бахъун букIуна Унсоколо районалъул «Ахихъан» газеталъул бетIерав редактор МухIамад Гуна­шевас хъвараб «Дир байрахъулал» абураб кечI. МахIачги Шамилги жидер районалда рахъанин абураб хIасил букIана гьелъул.

   Гьебги хIалае ккун, тIадежоялъе гьеб мехалда нухмалъиялдаса нахъе арав ГIабдурахIман Данияловасул чилъунги рикIкIунев вукIун, парти­ялъул обкомалъ МухIамад Шамхалов хIалтIудаса нахъе вахъула гIумруялъул сонал 62-йилъе рахиндал.

   Шамхаловас куцарал журналиста­зул цояв вукIана гьеб тадбиралда – гIезегIан соназ газеталда хIалтIарав Дагъистаналъул халкъияв хъвада­рухъан МухIамад ГIабдулхIалимов.

   Гьанже газета хIадуризе кIудияб кумек интернеталъул бугин, амма жидер заманалда журналистал гьитIинабго макъала хъвазелъун мугIрул тIогьиб бугеб колотIегицин щвезе кколаанин бицана гьес. Гье­дин ЛъаратIа районалъул ЦIумилухъ росулъе унаго, хъархъидаги бан горде бихъиялъул мисалги бача­на гьес. Росдал жамагIаталъулгун дандчIваялде кин иневали лъаларого хутIарав МухIамадица гьеб букъун бугоан зазица картIалги рахъун, ку­нал бакIалда херги хIалтIизабун.

   Пайзулаца хъвараб гьеб тIехь цIалидал, цевегоялдаса вихьичIев бо­жарав гьудул вихьарав гIадаб асар лъу­гьанин, гьеб къватIибе бачIин жиндир рекIел гIидлъунги кканин абуна Ша­мил МухIидиновас. Гьенир рихьизару­рал гIадамазул гIемерисезулгун жин­дир лъикIаб лъай-хъвай букIанинги тIаде жубана гьес.

    «ГIумруялда жаниб тIокIаб жоги гьабичIого, гIицIго гьаб тIехьги бич­чан чIараванигицин гIолаан Пай­зулае. Чанго батIияб архивалде ваккун, гьабгощинаб хIужа данде гьабурав гьесие майилан докторлъи кьезе бегьула», — ян абуна Шамил МухIидиновас.

   Хадубго гьес ракIалде щвезабуна газеталда хIалтIулаго араб сонги, жинцаго гьениб ургъараб «БурутI» гьумерги.

   Россиялда цIалулев вукIун жин­дие рес ккечIин школалда магIарул мацI лъазабизеян бицана гьениб СагIудиязул ГIарабиязул Жидда шагьаралда Генералияв консуллъун вукIарав Багьавудин ГIалиевас. Жинда гьеб лъанила иргаялъ гIиязде унелъул, чед-хIанги гъорлъ же­мун эбелалъ кьураб «БагIараб бай­рахъ» цIалулаго. Заман иналъе гьеб цIалулев вукIунаанила жив.

   Дагъистаналда ракь багъарун ха­дув цогидал лъималгун Ивановоял­де витIарав гьесда цадахъ Гъизилюр­талдаса васал рукIун, гьездасан лъан буго Багьавудинида хадубккун гьеб мацI.

   «ХIакъикъат» газеталъулгун жин­дир щулияб бухьен букIунин абуна гьес. Жиндир лъикIаб гьудуллъи бугила цевесев редактор ГIали Ка­маловасулгун, гьанжесев нухмалъулев ГIумахан ГIумахановасулгун ва гьесул заместитель Пайзула Пай­зулаевасулгун. Газеталъул сайтал­дасан Жиддаялда вугеб мехалдаги цIалулаанила жинца гьеб.

     Нусго сон бараб магIарулазул миллияб газеталъул тарихалъул хIакъалъулъ баянал квер щолеб бакIалда рукIинчIин къваригIарав чиясе гьанжелъагIанилан абуна гье­ниб МухIамад МухIамадовас.

   «Гьаб тIехьги рагьун, гьел бая­нал гьанже бокьараб мехалъ щве­зе рес буго. Дида ккун букIана ди­даго лъалареб жо букIинадай гьеб тIехьалдаян. Батана. Мисалалъе, байбихьуда гIажам мацIалъ бичча­леб букIараб газеталъул хатI, нилъ­ер мацIалдеги буссинабун кьун буго, гьелъ кIудияб асар гьабуна. Гьедин­го газеталъул юбилеялъул соналда хурхунги гIатIидаб баян кьун буго Пайзулаца: цин гьелъул юбилей 1920 соналъ букIанин, хадубги 1917 сонал­де бахъанилан абурал бакIал мухIкан гьарун руго. ГIадатияв чиясе гуреб­ги, гIелмияв хIалтIи хъвалев чиясеги хIажатал баянал руго гьенир.

     БитIараб бицани, гьадинал тIахьал нилъер гьанир ахираб зама­наялъ гIемерал рахъичIо. КъватIире риччалел тIахьал кьабун кучIдузул цIурал рукIуна. Гьаб тIехьалъ хасаб бакI кквезе буго нилъер гIагараб мацI цIунизеги, лъаларезда гьеб малъизе­ги. Нилъеца гьединго цIакъ гIемер бицунеб буго миллияб мацIалда бахъ­улеб цого цо бугеб газеталъул ти­раж цIакъ гIодобе кколеб бугиланги. Амма дагьабги квеш букIинаан иш гIаксалда букIарабани газеталъ­ул тираж цIикIкIун, халкъ дагь­лъун букIарабани. Узухъда, газетал цIалулел чагIи дагьлъулел рукIин рекIекълъизе ккараб иш буго. Хьул буго гьезул къадар гIемерлъилилан. Хасго баркала кьезе бокьун буго газе­та халкъалъухъе щвезе, гьеб цIунизе кIудияб квербакъулел, гьелъие спон­сорлъи гьабулел гIадамазеги».

    Цо заманалда «ХIакъикъат» га­зеталъул жавабияв секретарьлъун вукIарав ДибиргIали Хазамовасги ракIалде щвезабуна редакциялда хIалтIараб заман. Хадубго тIаде жу­бана газеталда тарихалъул гIемер бицани лъикI букIинилан. Масала, республикаялдаго тIоцевесев архео­логлъун вукIарав гIолохъанго нилъе­даса ватIалъарав Дибир Атаевас 1962 соналъго биччараб «Авары средне­вековья» абураб тIехьалдаса матери­ал бахъизе бегьилаанин абуна гьес.

   ДибиргIали Хазамовас гьединго ракIалде щвезабуна 1960 соназда газеталда бахъараб ТIелекьа Хъа­замил ГIамиргIалица хъвараб та­рихияб кечIги. 1877 соналъ гIурус аскариязда гъорлъ Турциялда дан­де вагъулеб мехалъ ккарал лъу­гьа-бахъиназул хIакъалъулъ хъван букIун буго гьес гьениб. Турказул аскаралда, магIарулазда гъорлъ вукIун вуго доб мехалъ Шамилил вас ГъазимухIамадги. Рагъулаго жидецаго цоцаде ахIулел рукIарал рагIабиги руго гьес кочIолъ рехсон.

    «Хадув лъукъизеги лъукъун, ро­сулъе щварав чиясда, росуги бухIун батун, чанго чи Сибиралде витIун ватидал, гьениса живго нахъе араб куцалъул, хадув сахлъун хадув кIиабизеги росулъе вуссиндал, рос­дал кIалалде щведал жиндиего гьа­бураб асаралъул бицунеб халатаб, амма асар гьабулеб кечI буго. Гье­динаб къанагIатаб жанралъул кечI дида тIокIаб кибниги дандчIвачIо. Гьединаб тайпаялъул материалал гIемерал руго «ХIакъикъаталъул» церегосел гьурмазда. ЛъикIаб букIинаан, гьел киналго дандеги ро­сун, Пайзулагьица цоги тIехь бичча­ни», — ян абуна ДибиргIали Хазамо­вас.

    1990-абилел соназда ИЯЛИялъул хIалтIухъабиги гIахьаллъун гьесдаги цогидал журналистаздаги ракIалда букIун буго магIарул грамматика­ялъул тIехь хIадур гьабурав П. Ус­ларил кваранаб кверлъун вукIарав ЧIикIаса Айдемирил цIаралда фонд рагьизе. Амма мацIазда хурхун хIадурараб законалъул проект къа­бул гьабизе букIараб къасдалъул хIасил ккун гьечIо доб мехалъ.

     Гугариялъул рахъалъ Европаялъул щуцIул чемпион КъурамухIамад КъурамухIамадовги кIалъана гье­нив:

    «Доб мехалъ бокьараб цIияб хабар батаниги, спорталъул гIумруялда ккараб батаниги, кинаб­го информация кьолеб алат букIана «ХIакъикъат». Жакъасел спортсме­назда гьелъул къиматги хIажалъиги бичIчIуларо. Амма дицаго рокъоб цIакъ тIадчIей гьабулеб буго лъима­лазда рахьдал мацI лъазе, гьез гьеб бицине букIине. Бахчиларо, дирго хъизаналдасацин тIалаб гьабулеб буго гьебго, гьелда мацI малъизеян лъугьун бетIер хъахIлъулеб буго дир (залалда релъи авт.).

    Жакъа шагьаралда гIемераб гIел буго росуракьалъул тарих, умуму­зул мацI лъалареб, гьебни щиб, жи­дерго эбелинсул росулъе щвечIел, кIодоинсул хоб бугел бакI лъаларел лъимал руго гIемерал. Амма дица дирго лъимал гьедин течIо. ЦIияб соналъул каникулазул заманалда гьелги рачун росулъе ана 10 къоялъ, гIемераб жо бихьизабуна гьезда -нилъерго берцинаб тIабигIат, уму­музул ахал, хурзал, гьез гIетIги тIун гIезабураб магIишат, рарал минаби.

    Гьедин гьабичIони, кигIан нилъ гаргалел ругониги, хIасил кколаро, цереги рилълъун бихьизабизе ккола щивас. Жакъа гьаниб тIобитIараб тадбир цIакъ берцинго ана, бар­кала нужее. Гьединал мажлисал гIемер гьаризе къваригIун буго. Лъалехъвалезда бицун дицаго­ги рагIизабила жакъа гьаниб букIаралъул хIакъалъулъ. Инсуца абу­лаан цебе магIарул годекIабахъ дан­дралаанин кIвар бугел киналго суа­лал. Гьенир чIахIиязул гIакълуялъухъ гIенеккулаанин. Гьелъ цIунун хутIун букIанин доб мехалъ цоцада гьор­кьоб вацлъиги, гьуинлъиги, рекъелги. Жакъаги гьебго мисалалде руссине къваригIун буго нилъее».

   Лъабго сагIаталъ халатбахъа­раб гьеб данделъиялда тIехьалъул бицун ва миллаталъе гьабураб сайгъаталъухъ Пайзула Пайзула­евасе баркала кьун кIалъана Сай­гидпаша ГIумахановги, МухIамад БисавгIалиевги, МухIамадхан МухIамадхановги, ЦIумада рай­оналъул цIияв нухмалъулев Ша­мил ГIумаровги, Болъихъ райо­налъул нухмалъиялда вукIарав МухIамад ПатхIулаевги. Миллиял мацIал цIуниялъе «ХIакъикъат» газеталъул коллективалъ гьабу­леб бугеб хIалтIухъ баркала кьун кIалъана ГIалиасхIаб Хархачаев, АхIмад ГIазизов, МухIамад Мана­пов, ТубхIат Зургьалова, Сабигат МухIамадов, МухIамад Насрулаев, БежтIаса МухIамад Къебедов, Хади­жат ШихгIалиева ва жеги гIезегIан миллатцоялги.

    P.S. Презентациялъул ахиралда шапакъатал кьуна МухIамад Шам­халовасул цIаралда дагьалъ цебе «ХIакъикъат» газеталъ тIобитIараб конкурсалда бергьарал ТубхIат Зур­гьаловалъе (1 бакI), ГIиса Шарапу­диновасе (2 бакI) ва ТIалхIат Ахъ­бердиевасе (3 бакI).

   Гьединго газеталъул бетIерав ре­дактор ГIумахан ГIумахановас бар­калаялъул кагътал кьуна редакци­ялъулгун лъикIаб гьудуллъи бугел миллатцоязеги.

 

     Зульфия ХIАЖИЕВА