Хьитал чураралъухъ — 300 000 гъурущ

 

     Калининградалда бугеб гарнизоналъул рагъулаб судалъ, гьал къояз­да, хIукму къотIана нилъер республикаялдаса кIиго гIолохъанчиясда хурхун. Гьел ккола Расул Сайхановги Жамалдин МухIамадовги.

    Калининградал­да бугеб насрани­язул килисаялда аскIосан чвахулеб, дугIа гьабураб, лъе­де гъоркьеги ккун хьитал чураралъ­ухъ уголовнияб дело рагьун букIана гьезда тIад араб со­налъул сентябрал­даго. ГIолохъабаз рекъечIеб иш гьабу­леб мехалъ бахъараб видео рехун букIана социалиял сетазде. Телефоналде гьеб бахъарав чиги кколев вуго гьезулго гьалмагъ. Бицен гьа­булеб заманалда кIиявго гIолохъанчи вукIана Балтийскиялъул флоталда рагъулаб хъулухъ тIубалел.

    Р. Сайханов жинхъаго ккараб тохаб ишалда рекIекълъун вуго. Амма уголовнияб тамихIалдаса гьев тархъан гьавизе гIураб хIужа батичIин су­дья Константин Батеневасдайин хъвалеб буго «Коммерсантъ» газеталда. Гьез бицунелда рекъон, гьадинаб иш кканинги абун, живго лъикIав лъу­гьун Р. Сайханов полициялде вачIинчIолъи рагIула гьелъие гIилла.

    Ж. МухIамадов абуни гIайибалъе мукIурлъичIо. Жив хьититIе ккараб хIур бацIцIад гьабулев вукIанин, хIавузалда тIад чIван бугеб насраниязул хъанчил гIаламат жинда бихьун букIанин, амма гьелъул цо кIудияб сан­го гьабичIин абуна гьес судалда. Щивниги хIакъир гьавизе, гьединго на­сраниязул диналъул адаб тараб жо гьабизе мурадги букIинчIилан тIадеги жубана гьес.

   Судалъ хIукму гьабуна Расул Сахановасухъа 100 000, Жамалдин МухIамадовасухъа 200 000 гъурщил гIакIа бахъизе.

   Ашахан ЮСУПОВ