Волонтеразул сон — 2018

ЛъикIлъи гьабиялъе гIорхъи букIунаро

 

Волонтеразул кумек киназдаго гуро бихьулеб. Амма гьелъул кIудияб кIварги пайдаги буго

24 февралалда МагIарул театралда тIобитIараб Дагъистаналъул миллиял мацIазул байрамалъул хIурматалда, гьеб минаялъул жанахIалда рагьун букIана миллиял газетазул редакциязул хIалтIул хIакъалъулъ бицунел, ахирал соназ­да магIарул мацIалда басмаялда рахъарал тIахьазулгун журналазул, руччабазул некIсияб ратIлил выставкаби. Гьездаса батIаго, столалда тIад лъун рукIана лъималаз гьарурал батIи-батIиял тIагIалабиги. Нижеца гара-чIвари гьабуна гьеб выставка-аукционалъул жавабияй, ДРялъу­л медуниверситеталъу­л кIиабилеб курсалъул студентка БакьайчIиса ХIамзатова ГIунайзатилгун.

Гьелъ бицана гьаб бугила «Социалияб сеть» абулеб волонтеразул клу­балъгун гурхIел-рахIмуялъулаб фон­­далъ гIуцIараб, ракалъ унтарал лъи­малазул хIалтIабазул выставка-аукцион. Лъаб­­абилеб сон бугила батIи-ба­тIиял гурхIел-рахIмуялъул тадбирал тIо­ритIулел ругелдаса, амма исана гуро­ни къватIире рахъун, гьадинаб выставка-аукцион тIобитIун букIинчIила. Лъималазул гьадинал хIалтIаби жидеца Интернеталдасан ричулила.
Выставка-аукционалда лъун ругоан ракалъ унтарал 6-14 сон барал лъималаз гьарурал хIалтIаби. Гьел руго гIемерисеб заман больницабазда тIамулел, щибго батIияб-цIияб жо бихьуларел, къватIире рахъунарел лъимал.
— ГурхIел-рахIмуялъул фондалъ росула гьел хIалтIабазе къваригIунеб бисер, фисташка, кофе, бакъвараб хер, цIулал гIучIал, пластмассаялъул алатал. Волонтераз лъималазда малъула ва гьелгун цадахъ лъугьун гьарула батIи-батIиял расанкIаби, композициял ва сюжетиял хIалтIаби. Гьел ричун щвараб гIарцул бащалъиялъухъ росула тIадехун рехсарал материалал, кIиабилеб бащалъи хвезабула лъимал сахгьариялда, гьезие кванил нигIматал, альбомал, къалам-кагъат, пластилин ва цогидабги босиялъе. Тохтурзаби цIакъ рази руго нижер хIалтIудаса, гьез абула нужеца гьабулеб хIалтIи кколин унго-унгояб арт-терапия. Унтарал лъималги жидерго хIалтIабаздаса рохун ва чIухIун рукIуна, — ян бицана ГI. ХIамзатовалъ.
— ГIунайзат, кин ричулел лъималазул хIалтIаби, гIадамаз гьел росулищ?
— 100-200, бищунго хирияб 650 гъуруш буго лъималазул цо хIалтIул багьа. Рак унтиялъ кIвекIулел лъималазе садакъа кьезе, гьезие кумек ва лъикIлъи гьабизе бокьарал чагIаз гьел росула. Гьел лъималазе гIумру гьабизе бугеб захIмалъи бихьани, нилъер гIадамал гIедегIилаан гьезие кумек гьабизе, гьал хIалтIабиги гьез гъираялда росилаан.
— Чан волонтер вугев нужер клубалда, нужеца цоги лъие кумек гьабулеб?
— Кинавниги вуго 50 чи. Ниж уна лъималазул ва херазул рукъзабахъе, щола ветераназухъе, школазде. Лъутун рачIаразул лъимал ясли-ахазде ва школазде унаро, гьезул лъималазе волонтераз чIорого кьола гIурус мацIалъул, хIисабалъул ва цоги предметазул дарсал, гьабула бажарараб кумек.
— Щив чи кколев волонтер, кинал чагIи нужер мухъилъе росулел?
— Волонтер ккола къварилъиялда, язихълъиялда, пакъирлъиялда ругел, талихIалъ мугъ рехарал чагIазе, жидерго ракIалъ ахIун, чIобого кумек гьабулев чи. Волонтерлъи ккола щивав чияс гьабизе бегьулеб хIалтIи. Гьезул мухъилъ руго студентал, инженерал, учительзаби, журналистал, бизнесменал, школлъимал… Гьел ккола чияе лъикIлъи гьабизе бокьиялъ унтарал чагIи.
ГIумру ва гIаданлъи гIарцудалъун борцунаро. Къварилъиялда ругезе кумек гьабизе бокьарал чагIи нижеца волонтеразул мухъилъе лъугьине ахIулел руго. Нижер офис буго гьаб адресалда: МахIачхъала, Ярагъиясул къватI, 8. Гьениб кIалъа-басай гьабула, анкета цIола ва дандекколел чагIи волонтеразул мухъилъе росула. Бокьани, ахIизе бегьула нижер клубалъул гьаб номералде: 8-988-447-77-74.
— Волонтерлъи гьабизе бокьарал гIолилазда дуца щиб абилеб?
— ЦохIо живго хутIарав пенсионерасе кумек гьабизе бокьани, чара гьечIого волонтерлъун яги кинабалиго гурхIел-рахIмуялъул фондалда хIалтIулев вукIине кколаро. Гьайгьай, ятила дур кумекалде хIажатай херай гIагарай гIадан яги мадугьалихъ ватила унтарав яги язихъав пенсионер: кумек гьабе гьезие тукадаса кванил нигIматал росизе, рукъ бакIаризе. Херал чагIазухъа бажаруларо хвараб холодильник яги ретIел чурулеб машина къачIан, гьезул чIаголъи гIоларо гIиси-бикъинал рукIа-рахъиналъул масъалаби тIуразарун, – ахIе гьезухъе рукIа-рахъиналъул хъулухъалъул махщелчагIи. Гьебги ккола унго-унгояб кумек.
Херазе кумек гьабизе бегьула батIияб къагIидаялдаги: бокьараб гурхIел-рахI­му­ялъул фондалъул счеталде битIе 10-50-100 гъуруш. Дуе гьеб дагьаб гIарац ккола, амма хIасилалда гIезегIан къадаралда гIарац бакIарула.
Мажгиталде щвезаре лъималазул ра­санкIаби. ХIажатазе гьениса гьел кьола.
Рукъ гьечIесе босе чед ва чай – гьелъги кумек гьабила гьев хинлъизе.
Херасе бакIал сумкаби рокъоре росизе кумек гьабе.
Социалиял мухъаздасан бице гур­хIел-рахIмуялъул фондазул ва кумекалде хIажатал чагIазул хIакъалъулъ.
— Чияр цIобалде ккарал гIадамазул цIаралдасан, волонтеразул клубалъул рахъалдасан «ХIакъикъат» гьоркьобккун, лъие баркала кьезе дуе бокьилеб?
— КIудияб баркала буго мискин-па­къирасухъе кумекалъулаб квер бе­гьулев щивав чиясе. ДРялъул каз­начействоялъул тIоцебесеб гурхIел-рахIмуялъулаб фондалъул учредитель ккола МухIамадов СагIидхIусен. Аслияб къагIидаялда гьес гьабула нижер хIалтIи гIуцIиялъе гIарцулаб кумек. Жакъа гIадинал выставкаби-аукционазул тадбирал тIоритIизе кумек гьабула «Социалияб мухъ» абулеб волонтеразул клубалъул нухмалъулев ХIажи ХIажикъурбановас. Гьезие буго нижер рахъалдасан кIудияб баркала.
16-21 февралалда Дагъистаналда тIобитIараб «ЛъикIал ишазул къо­ял» абураб республикаялъулаб акци­ялда гIахьаллъана лъабазарго волонтер. Республикаялъул шагьаразда ва росабалъ гIолилал щвана рагъул гIахьалчагIазухъе ва социалиял идарабазде, бацIцIана ва берцин гьабуна сверухълъи, тIоритIана би кьеялъул акциял ва гьаруна гIадамазе пайдаял тадбирал. Гьезул хIасилалда тIобитIараб 80 акциялда кумек гьабуна 14 азарго чиясе. Щивасе рес буго гьединал тадбиразулъ гIахьаллъизеги къварилъиялда ругезе бажарараб кумек гьабизеги.
Нури Нуриев