Огь, эбелалъул ракI..!

ЧарангIан къвакIарабги, квасквасгIан тIадагьабги, тIухьигIан бакIабги, нургIан гвангъарабги, сордогIан бецIабги, гьоцIогIан гьуинабги, рикIкIгIан кьогIабги…

 

Лъимер гIодидал, гIодулеб, гьеб гьимидал, гьимулеб. Букъараб заргIанасеб гьелъулъ бугеб гучги къуватги.
Киниде къуларай чIужугIадан-эбел. Бугебдай ракьалда гьелъулалдаса берцинаб сипат, сунцадай борцунеб гьеб берцинлъиялъул багьа? Лъималазул хиялазулъ релъилъунги чIолеб, гьезул пикрабазе бакъ­лъунги гьимулеб, гьезул анищалгун дунял сверунги свакалареб эбелалъул рекIеда рекIунеб бугеб кьавуялъ кьватIизабулеб гIумруги, гIумруялъул гIидра цIалун би­ччиледухъ зоб-ракьалъ тIолеб магIуги, речIалел тIугьдулги, тIупун лъураб пашманлъиялъул накIкIги, гьеб вахIшилъиялдаса борчIизе лъимадул хIасраталъухъги балагьун, сири балеб дунялги.
ТIадегIанас, талихIги кодобе кьун, гьелда куркьбал гъейилан дунялалде йитIарай хIикматай хIурулгIиналъул рекIелъ щай щайтIан рещтIунеб бугеб?
ГIумру кунчIизабизе къуват бугеб эбелалъул ракI, щай мун ганчIиде сверулеб бугеб? Щай мун бицалъулеб бугеб, лъимадул магIу жанибе тIинкIилареб хIалалда?!
Щай духъего унеб нухда заз бижизе тараб? Даимаб ихгун букIине рес букIараб дуца щай ихтияр кьолеб бугеб хасалие, духъе кIетIезе?
Лъимадул гьимиялъ хIеккинабулеб бу­кIа­раб мун… Гьелъул угьи-зигараялдаги бу­хIараб магIуялдаги кIолеб гьечIо дуда чIвараб цIер биинабизе.
Улбуз рехун тарал лъималаз цIурал лъималазул рукъзалги лъимал ругел эбел-инсуца цIурал херазул рукъзалги.
Огь, эбелалъул ракI!!!
Щаялиго гьал дир пашманал пикрабазда гъоркь гъолбас гьабуна гьаб хадусеб лъугьа-бахъиналъги.

Социалияб гьиналдаса

Дица цIалана гьелъул хIакъалъулъ социалиял гьиназда. Нужецаги цIалун батила, бугониги, цоги нухалда ракIалдещвезабизе бокьун буго вахIшилъиялъул хIалимлъиги мугьалги рекьун, хъачIлъиялъ лъалъараб эбелалъул кваркьидакь бугеб кечI.
Цо лахIзаталъ гIинтIаме.
Бразилиялъул Сан-Паулу штаталда бугеб Кампинас шагьар. Дагьаб цебегIан гIадамазул ракIал гъанцIизарулеб лъугьа-бахъин ккана гьениб.
КIиго дунял: цояб – вахIшилъиялъул цIураб, цогидаб – гурхIел-рахIмуялъул иццал раккараб.
Гьеле гьеб кIиабилеб дунялалда баккараб гурхIел-рахIмуялъ хвасар гьабуна, талихIалъе саламги кьун, лъикIал къасдазул цIияб дуняладе бачIине букIараб лъимер.
Гьелдаса инкар гьабуна тIоцебесеб дунялалалда бугеб вахIшилъиялъул гъамутакье ккарай чIужугIаданалъ.
Амма гьелъул гъалатI битIизабуна, къва­тIахъ тира-сверулаго, къоял тIамулеб бугеб гьвеялъ.
Рищни-къулалъ цIурал контейнеразда сверухъ сентIелеб букIараб гьелда батула гьанжего гьанже гьабураб лъимер. Цабзаз гьебги ккун, рищни-къулалъул къалахъа къватIибе гьве баккун бачIиндал, гIадамал рихха-хочула.
Гьезда рагIичIониги бихьичIониги, гьеб лахIзаталъ зобалги ракьалги цоцалъ кьабураб гьаракьалъ гъугъ гьабураб сверухълъиялда сахлъулареб ругъун лъун батула эбелалъул ракIалъ…
Лъимерги баччун, гьве уна гIагарда бугеб минаялъубе. Гьелъул бетIергьан чIаралъуйго гIунун хутIула, гьвеги лъимерги рихьидал.
Гьвел балагьиялъ гьарулеб букIана лъимер хвасар гьабейилан.
Лъимер больницаялде щвезабун буго, ва тохтурзабаз абун буго гьелъул гIумруялъе хIинкъи гьечIилан. Полициялъ ялагьулей рагIула эбелги.
Эбелин абизегIаги бегьиладай гьелда?
Гьве рокъобе бачине бокьаралги гIемер рукIун руго, амма гьелъ тIасабищун буго жиндиего ругьунаб эркенаб гIумру. Гьелъие Анжела абураб цIарги кьун буго бразилиялъулаз.
Дица гьанир гъоркьехун кьолел руго гIумруялдаса лъугьа-бахъинал.
Гьезул цо-цояздаса чвахулел руго гурхIел-рахIмуялъул иццал, цогидаздаса бецIцIулеб буго магIил гIор.

АхIмадида батараб талихI

Дир гьудул Сапиятил буго жийго бетIергьанаб тукен. Гьей, рогьиналде яхъун, уна тукаде. Гьеб къоялъги цудунго тукаде арай гьей лъалхъана, нуцIил кIалтIа багъа-бачарулеб жо бихьидал.
— ВахI!. Щиб жодай гьеб. Йохъ! Батизе рес гьечIо гьеб жо лъимер,- илан щакдарана гьей.
Амма лъимадул гIодиялъ тIуркIизаюрай гьей цIоро-гъорон хутIана…
Долдаса нахъе ана 15 сон. ГьабсагIаталда ГIумар цIалулев вуго анцIабилеб классалда. Гьавурай эбелалъ кьурун кодоса бахъараб талихI гьесие сайгъат гьабуна гIагарайлъун лъугьарай чияр чIужугIаданалъ. Гьелъул рекIелъ батана ГIумарида талихIалъул бакъ. Гьеб бакъул чIораз веэдулев вугев гьесда жеги лъаларо Сапиятица бакараб талихIалъул цIадул кунчIиялъул багьа.
— Зама-заманалдасан, къадги къасиги, рекIелъ гьалагаб цIа рекIуна, цо-цо хIинкъун тIуркIунги йорчIула. Унго-унгоги яккун ячIинадай гьесул эбел, бицинадай гьелъ васасда гьесул къисматалъул хIакъикъат? Гьелда лъалеб батиларищха вас вугеб бакI. Гьеб къоялъ дун, ракIги кьвагьун, хвезе йиго. Диеги рос АхIмадиеги гьев нижерго лъималазда ващад гьавун вокьула. Лъималазеги цIакъго хирияв вуго гьев. Гьез гьев гогьдаризавун толев куцха,- йилан бицуна Сапиятица.

Берцинлъиялъ хвасар гьабураб херлъи

ГIободаса Алпасанат Хважаева йиго къисматалъул кьогIлъи хIехьезе ккарай, цо вугев вас хвалица кодоса вахъун аниги, яхIалъул хIубиялде кьватIи рехичIей, сабурай, мутIигIай чIужугIадан. Гьале гьадинал руччабаз берцин гьабун буго нилъер гIумруги. Гьелъ гьабулеб бугеб хIалтIи кIудияб гьунарлъун рикIкIине бегьичIониги, жакъа гьеб ккола сверухълъиялдаго нур базабулеб иш.
Лъиениги балъголъи гуро харабазул рукъзабахъ, аслияб къагIидаялда, лъимал ругел эбел-эмен рукIин. Гьеле гьединаб бахьикъосараб заманалда Алпасанатица, магIарухъаги ячун, жидедаго аскIой хьихьун йиго росасул ункъгIал. Цо-цо щола дунги гьезухъе. ПатIимат-кIодол берал кенчIелел рукIуна, херлъидал щвараб талихIалдаса гIорцIуларого. Росги хун, ялгъузго хутIарай гьелъие сабабалъе йитIун ятана Алпасанат. Унго-унгогиха, гьелъ ПатIиматие бицунеб лъимадуе гIадаб кIарчамаб мацIги. Абизе бегьула, хIалтIигицин танин гьелъин, ПатIиматида хадуб хъулухъ гьабизе рокъой чIезелъун. Алпасанатидаги гьелъул рухIияб берцинлъиялъ хвасар гьабураб херлъиялъул гъанситохъ гIодой кIусун йигей ПатIиматидаги баркула ихгун цадахъ нилъехъе рещтIараб байрам. Эбелги ясги гIадин цоцазе хиралъарал гьезул бакъ киданиги бахчугеги къварилъиялъул хьухьаз.

Абубакарил талихIалъул кечI

Гъизляралда гIумру гьабун йиго цоги берцинай гIадан ПатIимат. Гьелъул берцинлъи­ялъги хвасар гьабуна къисматалъул кIичIикье ккезе бахъараб гьитIичил гIумру. Гьелъухъе цо гIолохъанай эбелалъ хьихьизе щвезабун букIана гьанжего гьанже гьабураб лъимер. Жий лъагIалидасан тIадюссинилан къотIиги букIана гьелъул. Амма гьитIичил бабал хабар къотIана. Гьей ялагьизеги лъугьун рукIана. ГIагарлъиялъ ПатIиматида абулеб букIана лъимер лъималазул рокъобе щвезабейилан. Гьелъ киназего жаваб кьолаан, васги гьениве кьун, жинда макьу щвезе гьечIилан. Гьаб­сагIаталда, талихIалда къвалги бан, гIун вачIунев вугев Абубакар вихьидал, рухIдаллъизе бачIуна гьесда. Гьесул лъимерлъи чIобоголъиялдаса хвасар гьабурай хIурулгIиналъул сариназухъ гIенеккидал, цебе бачIуна улбуз рехун тарал лъималазул къиса. Гьале доб рухIияб берцинлъиялъ хвасар гьабураб гIумруялъул кечI. Гьеб кочIол гьаракь тIагIунгеги Абубакарие гIагараблъун лъугьараб ва даим гьединаблъун хутIизе бугеб хъизамалъул гъанситохъа.
Шамай Хъазанбиева