Жакъасеб къоялъул хIакъикъат

Лъимал  чияраллъун рукIунаро

Гьабураб лъимер рехун тезе ккани, кинаб ракI букIине кколеб?

КьогIаб хIакъикъат

МахIачхъалаялъул ГIахъу­шия­сул къотIноб бугеб № 34 минаялда аскIоб, кьишни жанибе базе лъураб къолода гIагарлъухъ, къаси сагIат 11 тIубараб заманалда, ХIусенова Хадижатида батун буго, чIартилъ жемараб, гьанжего гьанже гьабураб лъимер. Лъимадул гIодулеб гьаракь рагIун тIаде ккун йиго Хадижат. «Хехаб кумекги» ахIун, лъимер больницаялде (ДРКБ) щвезабуна, ва тохтурзабаз абуна, хинаб заман букIиналъ, чIаго хутIун бугин гьитIичилан.
МахIачхъалаялда ккана гьадинабги лъугьа-бахъин. Кьишни рехизе арай гIаданалда рагIун буго лъимадул гIоди. Халгьабидал, къвачIинибги лъун, кьишни балелъубе рехун батун буго лъабго къо бараб лъимер. ХIисаб гьабидал, гьитIичица гьениб бан буго чанго сагIат. Больницаялде бачиндал, тохтурзабаз васасда цIарги лъуна Ражаб абун.
Пуланай гIаданалъ, чIар­ти­лъ­ги жемун, лъимер нухлул ракьанде рехун тана. Гьеб хIу­жа бахъун буго гьениб аскIоб букIараб тукада лъураб видеокамераялъ. Хасавюрта­лъул полициялъулаз ялагьулей йиго къотI­нобе лъимер рехарай гIа­дан.
Гьел къабихIал ишазда бан, социалиял гьиназдасан жидерго пик­рабиги загьир гьарулел руго гIа­датиял гIадамаз. Масала, гьадин хъвалеб буго гьез: «Толеб батани, лъи­мер те лъил бугониги рукъа­лъул кIалтIагIаги», — ян. «Лъимер рехун буго рогьо бахчизелъун. ХIа­къи­къияб рогьойин абуни ккола гье­дин лъимер рехи», — ян. «Хасал бакIал рагьизе ккола лъимал тезе. БакI-бакIалде рехун толезе гьелъул кIварги букIунеб батиларо. Амма инсанасул гIумру хвасар гьабизе рес букIинаан», — ян.

ГIанкIуялдагIанги
гIакълу гьечIей

ГIалимзабаз гьарурал цIех-рехаз чIезабуна хIайваназда ва хIанчIазда гьоркьоб бищун гIакъликъаблъун гIанкIу кколилан. Амма къурущалъ, кигIан кIудияб хIинкъи жиндир гIумруялъе бугониги, тIанчIи цIунула. Гьедин батани, жиндаса тIураб гьан, бакъ-моцIлъун Аллагьас кьураб лъимер рехун толей «эбел» гIанкIудагIанги гIакълу гьечIей гIадан кколей йиго. Гьоркьоб заман индал, гьединазул цо-цоял лъугьуна рехун тараб лъимер балагьизе, жидеда гIайиб букIинчIолъи чIезабизе. Амма, «араб батуларо, тараб щоларо». Гьелъул бицунеб цо мисалги бачина. «БахIарго херайилан» гIадамаз цIар лъурай Аминатица бицана: «Ячинилан рагIиги кьун, рокьи ккарав васас, жиндиего бокьараб щвезегIан, гуккана дун. Лъимер ккун букIин бициндал, гьев тIагIана. Дида лъалаан гьеб рогьо тIатани, инсуцаги вацазги дун чIвалейлъи. Гьабизе жо тIагIарай дица, чIарахъаналъухъе ун, вас гьавуна ва гьебго сордоялъ гьев больницаялъул нуцIида аскIов лъуна. Гьоркьоб заман иналде, дие «жужахIалъул» нуцIа рагьана. Эбелалда кодоб лъимер бихьидал, гьелегьунаан каранда цIа, васандулев вас вихьидал, магIица цIолаан берал, школалде-нахъе унев цIалдохъан дандчIвани, ахцан лъугьуна дун. Чан нухалъ хIалбихьараб дунго дицаго чIвазе, кIвечIо. Дица гьабураб ахIмакъаб ишалда рекъараб гIадлу гьабуна Аллагьас, дун ккола я хъизан-рукъ гьечIей, я лъимал гурей янгъизай гIадан», -илан.

Мисал босизе рекъараб
лъугьа-бахъин

ТIадагьаб гIакълу-пикруя­лъул ясал кантIилародай абураб хьулалъ, бицине бокьун буго цо чIужугIаданалъул бахIарчияб ишалъул хIакъалъулъ.
Китаялдаса Лю Сяу Иница бана 88 сон. Гьей йикIана кьишни бакIарулей гIадан. Язихълъиялда йикIаниги, гьелъ гьабуна дунялалда тIад инсанас къанагIатги гьабуларебгIан кIудияб бахIарчияб иш. Кинабго байбихьана 1961 соналда. Кьишни балеб къолониб гьелда батана лъимер. Китаялда гьеб къанагIатаб лъугьа-бахъинлъун кколаро. Доб къоялъ Люйида лъимер рехун тезе кIвечIо, гьеб рокъобе бачана. Росасги дагIба гьабичIо, жидерго бугеб язихъаб гIумруялъухъ балагьичIого, лъимер хвасар гьабуна ва гьеб жидергояб гIадин хьихьана. КватIичIого Люйида батана кIиабилебги лъимер, хадуб цоги, жеги цоги лъимер… Лю, гIадатияй кьишни бакIарулей гIадан, дагь-дагьккун яхъана лъимал гIемерай эбеллъун. Люйие росасги жигаралда кумек гьабулаан, амма цо къоялъ гьев хвана. БахIарчияй китаялъулай къуркьичIо, гьелъ, цебего гIадин, рехун тарал лъимал хвасар гьарулаан. Люйица лъиданиги бицунароан жинцаго гьабулеб ишалъул хIакъалъулъги, къанагIатав чиясда гурони лъалароан гьелъул рокъоб лъугьа-бахъунебги. Гьелъ жиндирго гIумру чияр лъималазе къурбан гьабуна. ТIолабго харж гьезда тIад хвезабулаан. КIиго-лъабго къоги букIунаан жийго якъун хутIараб, амма лъимал гьелъ кваназарулаан. ГIумруялда жаниб гьелда батана ва гIезабуна 30 лъимер.
Ахирисеб лъимер гьелда батана больницаялде ккелалде моцIалъ цебе. Лъимер букIана кьер хисун, шекъер букIана къотIун, амма гьитIичалъ хIухьел цIалеб букIана. Лъимерги каранде къан, Лю больницаялде гIедегIана. Тохтурзабазда кIвана гьеб хвасар гьабизе. Гьанже хабалъе бох бортарай Лю лъималазда хадуй хьихьардилей йиго, хасго исана школалде ине кколев васасда хадуб букIуна гьелъул ракI. Амма жакъа гьелда ургъел чIвазе кколаро, гьелъул бахIарчияб иша­лъул хIакъалъулъ лъайдал, Китаялъул хIукуматалъ тIаде босана щибаб лъимадуе кумек гьабиялъул жавабчилъи: гьезие рукъ кьезе ва гьел цIализаризе. Жакъа Лю парахатго йикIине бегьула. ГIемерисезе балагьизецин бокьулеб букIун батиларо кьишни бакIарулей Люйихъ. Лъалеб букIарабанищха гьезда Люйил хIакъалъулъ, гьайгьай, гьел батIиял бераз ралагьилаан гье­лъухъ. Кьишни бакIарулел ва къватIал ра­цIцIунел чагIи рихьидал, ракIал­де­щвезае Лю Сюу Ин. РатIлихъ балагьун кьоге гIадамазе къиматги. Гьезул каранлъги букIине бегьула гIатIидаб ракIги бахIарчияб рухIги.
Нури Нуриев