«Керчал буртаби кьела,кьарияб гьан кванала»

 

22 октябралда Болъихъ районалъул РахатIа росулъ тIобитIана гIажаибго берцинаб тадбир. Нус-нус соназ нилъер умумузги ретIараб, магIарулазул тарихалъул чанги рохарабги пашманабги лъугьа-бахъиналъе нугIлъунги букIараб буртинадуе сайигъат гьабураб байрам букIана гьениб. 1924 соналъ гьениб рагьана «8 марталъул» цIаралда буртаби гьарулеб артель. КIватIичIого нусго сон бай кIодо гьабизе хIадурлъулеб артелалъ бессун, жакъаялде щвезегIан къачIан, къватIибе биччараб буртинадул рикIкIен лъалев чи г1иц1го Аллагь гурони ватиларо. РахатIа гьабураб буртина ретIана Кубаялъул нухмалъулев Фидель Кастроцаги, араб гIасруялъул 30-абилел соназ аэропланалдаги рекIун, тIоцеве мугIрул габурлъухъ рещтIарав машгьурав воржухъан Георгий Байдуковасги ва г1емерал цогидазги.

 

 

ЦохIо рохел буго, дида гьеб лъала,

Мун даим хутIизе буго, Дагъистан.

Ханжарги тIагъурги магIидаги бан,

Мун бихьула дида даим чIагояб;

Доб Петербургалда пача тIуркIараб,

Гьундул бусада гъоркь шагьал сорораб.

МагIарулас жакъа жиндирго тIохда,

ТIаргъикьаги бахъун цIала хъалиян.

 

 

ХIамзатил Расулил «Ханжарги тIагъурги магIидаги бан» абурал мухъал цIалулаго, пикарабалъ гьеб кIиялдаго аскIоса баккун бачIуна чара гьечIого гьезда аскIоб букIине рекъараб цоги сурат. Гьеб буго магIарул буртина. Буртина кидаго букIана умумузул сапаралъ рахъунелъул цадахъ босулеб аслияб ретIеллъун.

Буртина бихьула гIасрабазул гъатги рагьун, тарихалъул гъварилъуде ваккидал магIарул чиясда тIад. Буртина ретIун гурони цеве чIезавун бажаруларо доб заманалъги гьанже вугевги вехьги. МагIарул буртина магIарул тIагъур — чанцIул гьел рагIаби нилъеда рагIарал кочIолъги, харбилъги, халкъиял биценазулъги. Вехьасул буртинаялда гъоркь хинлъун хвалдаса хасарлъана чанги, согIаб кьиндалил сордоялъ гьабураб загIипаб кьегIерги. Буртинаялде гъорлъеги ячун хинлъизаюна чанги магIарул гIолилас жиндирго рекIел гьудул, гьебго буртинаялда гъорлъ, чотIеги йосун, хъамуна тухум-кьибилалъулгун кьалги ахIун, рокьи ккарай яс. Буртина букIана умумузда тIад кидаго кьалде рахъунелъулги, гьелда тIадги лъун рачIунаан къадаралде щварал бихьиналги.

 

 

«Рахалазул бечелъи»

 

 

Гьединал пикрабигун бухьана сапар РахатIе. АнцIгоялдасаги цIикIкIун сон бана гьеб росулъа дирго гIелбащадав Казимилгун лъай-хъвай ккаралдаса. Гьесда цадахъ ана дун рахатIисезул байрамалдеги. РоцIцIараб хаслихълъиялъул къо букIана.

Риидалилгун къо-лъикIги гьабун хасалилгун дандчIвай гьабизе хIадурлъулеб букIана тIабигIат. Меседилаб кьер рехун букIана хьиндаллъиялъул ахал берцин гьарурал гъутIбузде.

Бакълъулазул росдае саламги кьун, риидалил цIадаз гьалаг гьабун букIараб, гьанже гIодобе биччараб бакъаналда чвахун унеб ГIандигIурул рагIалккун бугеб хъилтIураб нухдасан эхеде рачIунел рукIана ниж. Церехун рукIана гIемерал рагъалги къварилъабиги рихьарал балъхъадерил росаби: Кьокъ, ГIортIаколо, Муни.

I999 соналъул август моцIги кIочон батиларо лъиданиги. АнсалтIа, ТIандо, РахатIа — цоцазда аскIор ругел гьеб лъабабаго росдаца къулчIизе ккана дол балагьалде сверарал къояз босун бачIараб къварилъиялъул кьогIлъи. ТIандо росу доб мехалъ тIубанго биххизабуна. Гьанже цогидаб бакIалдеги рахъун цIияб росу бан буго гьез. РахатIе щвелалде нухда батула ЦIияб ТIандо.

23 соналда жаниб лъалаго хисун буго РахатIаги. Чанги цIиял минаби эхетун ругоан гьенир. Росулъе рачIунаго тIоцебе бер речIчIулеб бакIалда эхетун буго бакъуда данде кенчIолеб мажгит. Цебе букIаралдасаги жеги берцинлъун ва гIатIилъун бугин росуян бицана Казимица. Амма гьеб киналдасаго бищун интерес букIана жакъа букIине бугеб тадбиралъул. Сверун маххул хьуриги ккун бацараб спортивияб майданалда жаниб кинабго къачIан букIана байрамалъе. Майданалъул бакьулъ гьабураб сценаялда нахъа бан бугеб баннералда, чIахIахатIалъ хъван букIана «Буртаби — рахалазул бечелъи» абун. Буртаби рукIана тадбир тобитIулеб бакIалда киса-кирего лъун. Гьел ран рукIана къадада, гьелги ретIун чабхъад къачIарал умумул гIадин эхетун рукIана рахатIисезул бихьиназул 50-гIанасев чи.

Майданалъул цояб рагIалда рагьун букIана гьеб къоялъ буртаби гьарулеб гьитIинабго артель. МикьгогIанасей чIужугIадан жиде-жидер ишалде йиссун йикIана. Гьениб лъай-хъвай ккана 60-ялдасаги цIикIкIун соналъ артелалда хIалтIарай ПатIимат Сайпудиновалъулгун. ГьитIинай гIолохъанчIужу ячIун йиго гьей тIоцее гьение хIалтIизе. Байбихьуда йикIун йиго квас чIвалей гIаданлъун. Хадуй мун махщалие ругьун гьайизе кколинги абун, хIалтIизе йитIун йиго артелалъул нухмалъулелъ. Гьелдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан хIалтIулейги йиго.

 

— Гьеб заманалда жаниб дун йищана росдал советалъул депутатлъун, комсомолазул цеехъанлъун, гьединго бригадирлъунги хIалтIана, — ян бицана гьелъ.

 

60-ялдасаги цIикIкIун соналда жаниб чан буртинадай дур кверзукьа араб, гьелъул хIисабго гьабунищин гьикъидал, гьадин бицана ПатIиматица:

 

— Валлагь, миллионг1анасеб буртина ун батила дир кверазукьа. Рогьаралдаса рукIкIинегIан хIалтIулаан артелалда. Киданиги хилипилъичIо дирго махщалие, гIолохъанлъиги гьалъие кьуна. ГIумрудул бищун рохаралги пашманалги минутал буртинадуй рикьана. Жакъаги ругьунаб пишаялъе хисичIого хIалтIулей йиго.

— ЦохIо жийго хIалтIун чIечIо, нижги ругьун гьаруна гьеб махщалие, — ян, нижер хабаралде гъорлъе жуяна ПатIиматил яс Гьидаятги.

— Чачаназул дораса Басаевасулгун Хаттабил къукъа росулъе бачIараб 1999 соналъ гурони чIечIо артелалде хIалтIи. Гьеб мехалъ эбелалъ ругьун гьарун, нижецаго байбихьана рокъор буртаби гьаризе. ТIолабго гIумру кьуна эбелалъ гьеб хIалтIуе. Гьале жакъаги, рогьалил какги бан, хъата-масан артелалдеги йортун, жиндаго тIадаб хIалтIиги тIубан, жакъасеб тадбиралда гIахьаллъизе ячIана ай. Гьединай, кIудияб яхIалъул ва сабруялъул эбел йиго дир, — илан, гьелдаса бугеб чIухIиги рохелги бахчичIо ПатIимат Сайпудиновалъул яс Гьидаятица.

 

 

Фидель Кастрое сордо биххун къачIараб сайгъат

 

 

Ниж гара-чIварулеб ругебгIан заманалда жаниб буртина гьабулеб куцалъул хIакъалъулъ цоги журналистасе бицуней цо ригь арай чIужугIаданалда бер чIвана. Гьей ятана рахатIисезул жамагIатчIужу ГIайшат ГIубайдулаева. Квас самиялдаса байбихьун, лъугIизегIан буртина гьабиялъул тIолабго тартиб мухкIанго баян гьабуна гьелъ диеги. Самизеги самун, ххамида тIад тIибитIула квас, хадуб тIаде бухIараб лъимги щван, ххамгун цадахъ гурула гьеб. Хадуб столалда тIадеги босун, кIиго чIужугIаданалъ тIаделъун зурула гьеб гури. Халатккун заманалъ руччабазул къвакIарал квераз гирулеб гьелъухъги валагьун, богорокъор коронибе рехилалде чед гурулей богогьаналда релълъун рихьана дида гьел. Гьедин, квераз зурун, цоцалъ квасги жубан лъугьараб буртина босула цогидаб столалде ва цIакъго тIаде гурун бачIараб рас нахъе инегIан хъвагIала. Хадуб цIвак-цIвакиялда бугеб гьеб босула лъелъ ччузе, гьениса нахъеги босун, гъорлъа лъим бецIцIезегIан кIобокIула. Гьел киналго «технологияздаса» хадуб буртина уна рукъарухъабахъе. Гьез жаниб ххамги ккун, кIигъуждулъа бакIалги къачIан лъугIараб буртинаялъул жанисеб рахъалда куналъ угьула рахатIисезул мугьру. Берцинаб накъищги тIад угьун къачIан лъугIараб буртина уна жиндирго бетIергьанасухъе. Гьеб кинабго х1алт1и дирго берда цебе ана араб шамат къоялъ. Палх1асил, цо буртина гьабизе балеб буго ункъо сагIат.

ЦIакъ хабар гьуинай гIадан ятана рахатIисезул жамагIатчIужу ГIайшат ГIубайдулаева.

 

— Дир эбелги, гьелъул эбелги, киналго дир яцалги – тухумалда ругел киналго руччаби, дун хутIизегIан, хIалтIана артелалда.

 

Мун кин хутIарай гьелъие ругьун гьайичIого?

 

— АллагьасхIаги лъаларо (елъулаго). Яцалги, эбелги, кIодоэбелги хIалтIарал гIелин гьениран тун батилаха дица. Амма дунго хIалтIичIониги кидаго хирияб букIана дие артель. Нижер рахатIисезул чIухIилъун буго гьебги гьениб гьабулеб буртинаги.

ГIайшатица лъай-хъвай гьабуна дир 30 соналъ артелалъе нухмалъи гьабурай ПатIимат Ражабдибировалъулгун. ГIунтIун гIансагун ячIана гьей тадбиралда гIахьаллъизе. Бищунго цIикIкIун соназ буртабазул артелалъе нухмалъи гьабурай гIадан хIисабалда кIалъазе рагIиги кьуна гьелъие.

АнцIго минуталдасаги цIикIкIун заманалъ кIалъаниги чIамучIаб, гъорлъа рагIи рехизе бегьулеб калам букIинчIо гьелъул. Бицана тIоцее жийго артелалде хIалтIизе ячIараб куцалъул, гьенир хIалтIарал гIадамазул.

— КIиго эбел буго буртинадул. КьучI гьелъие лъуна ГIандиб, гьабизе байбихьана РахатIа. Гьединаб бечедаб кIудияб тарих буго буртинадул. Нусго соналде гIагарлъулеб буго росулъ тIоцебе артель рагьаралдаса. Гьеб заманалда жаниб РахатIа гьабураб буртина щвечIеб бакI хутIичIо дунялалда. Дун чIухIула гьединаб кIудияб тарих бугеб артелалъул хIалтIуда гьоркьоб бутIа лъезе щвеялдаса. 30 соналъ нухмалъи гьабуна дица гьелъие. Гьел рукIана унго-унгоги талихIал сонал. Дида аскIор рукIана гьабулеб хIалтIуде рокьиги бугел, захIматги хириял гIадамал. Гьезие мисаллъун йикIине хIаракат бахъана дица лъеберабго соналъ. Жакъа дие баркала кьезе бокьун буго дунгун цадахъ гъежгурун хIалтIарал росуцоязе. Гьезул цо-цоял жакъа чIаго гьечIо, доб мехалъ бахIарго рукIарал херлъана, дунги гIанситIе ккана. Амма жакъа дие нух буго гIумрудул сонал гIадада инчIин абизе. Гьеб буго бищун кIудияб рохел.

 

 

Жеги чанги берцинал рагIаби абуна ПатIимат Ражабдибировалъ. Бицана РахатIа гьабураб буртина, 1960-абилел соназ Расул ХIамзатовас Кубаялъул вукIарав нухмалъулев Фидель Кастрое сайгъат гьабиялъул хIакъалъулъги. ХIамзатил Расул гьениве унев вукIин лъайдал, сордо биххун хIадурун буго доб мехалъ артелалда хIалтIулей йикIарай Исраилова Хадижатица буртина. Нусиде сонал гIагарлъулей чIужу хванин гьей дагьай цеегIанин бицана рахатIисез. Буртина кьолаго Фидель Кастроде Расулица гьабураб кечI РахатIа букIараб тадбиралда рикIкIана Хадижат Исраиловалъул ясалъул, ясалъул, ясалъул ясалъ.

Жеги цебеккун киданиги буртина бихьун букIинчIев Ф. Кастроца Расулида гьикъула гьалда маргъалал щай гьечIелин абун. Буртинаялда маргъал рахалебги, маргъал ричIулебги гIадат гьечIин магIарулазул. Пиридул хехлъиялда гъуждуздаса гьебги рехун, буртинаялда гъоркь борчун бугеб ханжарги лъалиниса бахъун, тушманасул бетIер къотIун рехулин гьезин жаваб кьун буго Расулица Ф. Кастрое.

 

 

РахатIисезул лъетIа хIалтIулеб гьобо

 

 

Къадикакалги ран гьалбал кваназе рачана тадбиралъул аслияй хIаракатчIужу ПатIимат МухIамадзагьидовалъ. Буртабазул байрам тIобитIиялъе кьучI лъурай, кинабго ишалъе цеехъанлъи гьабурай гIадан ккола гьей. Гьединго гьаний рехсечIого гIоларо РахатIа буртабазул кружокалъул нухмалъулей ПатIимат МухIамадоваги. Шамат къоялъ букIараб тадбир берцинго нуха регIизе П. МухIамадзагьидовалда цадахъ гъежгурун хIалтIарай г1адан йиго гьейги.

 

Хадуб букIана РахатIа росдал басрияб авалалъулгун лъай-хъвай. Росу рагIалда гIадин бугеб лъел гьобо. Умумузул заманалдаго бан букIараб гьеб гьанже цIигьабун къачIан буго РахатIаса Гъайирбегов Гъайирбегица. Гьесул вас НурмухIамад ватана нижеда гьабихъ. КIиго рокъоб ххенолеб бугоан хьон. ЛъагIалица чIечIого хIалтIизабулеб буго НурмухIамдица гьобо. Москваялде гIунтIун бичизе унеб буго гьениб ххенараб хьон. Бищун рагIалда бугеб рокъоб бугоан кIиго цIогь, киса-кибего букIана рацIцIа-ракъалъи. Гьабида цебе гьабун бугеб хIорихъ лъедолел рукIана хъазал. Гьабихъе лъим бачIунеб рахъги бугоан берцинго къачIан. Бербахилаб хIалалда гIуцIун бугоан кинабго хIалтIи. Гьелъ асар гьабичIого хут1ичIо нижееги.

 

НурмухIамадица кьураб хьодул тIагIамалъул хIалги бихьун, бакъаникакалги ран, нухда рахъана.

 

Къо-лъикI некIсияб магIарул росу.