ЗахIматалъ лъадарарай росдал яс

 
15 октябралда кIодо гьабула росулъа руччабазул Халкъаз­да гьоркьосеб къо. Хурзал ракул цIуни, цагърал богIол цIолин абулаан умумуз. ЧIужугIаданалъул гIетI тIинкIичIони, чIорого хутIила гьел. Гьанже хурзал чIахIил, цагърал химикатазул ва къватIисел пачалихъазул нигIматазул цIун ругин абуни, дагIба балев чи нагагьги ккеларо. ГIолилаз гIака хьихьулеб гIадат тун буго, гIемерисел бокьалги чIунтулел руго. Рахьдал ва на­хул къучIби ричун росизе ресги букIаго, захIматаб хIалтIи щай­ха гьезие тIаде босун? Амма камун гьечIо мисалалъе рехсезе мустахIикъаб яшав гIуцIарал ясалги.
 
 
ХIалтIи батарасда боцIиги батулеб 
 
КъучIбузухъе, шушбузухъе тIун бичулеб, лъабго моцIалъги цIекIлъулареб, химия гъорлъ жубараб «рахьалдаса» инкар гьабулел руччаби дагьал гьечIо. Гьединазда лъикI лъала, захIмат бихьун гьабураб букIаниги, нилъерго тIабигIаталда гIезабураб нигIматалъул пайдагун къимат. ЖамгIиял гьиназда 57000­-ял­дасаги цIикIкIун чи валагьула ГIайшат Мухтаровалъ боцIи хьихьулеб, хур бекьулеб, ай гIадатияй магIарулалъ магIишат гьабулеб къагIидаялъухъ. Аishat_blog абураб цIаралда гъоркь рагьараб жиндирго гьумералда гьелъ бихьизабулеб буго росдал ва хъутаналъул гIадатияб гIумру. Шагьаралда гIурал, рикIкIа­даса гурони гIака­бече бихьичIел ясазеги росулъа шагьаралде го­чарал, лъимерлъи хур-а­хазда арал руччабазеги цIакъ интерес буго ГIайшатица шавкъалда гьа­булеб яшав бихьизе. 
 
 
ГIолиллъиялъул тIагIам босизе ресго щвечIей 
 
 
Цудунго росасе кьурай ГIай­шатил тIоцебесеб ригьин би­тIичIо. ЯтIалъун хадуб, ункъо сон барав васгун, гьей цIидасан росасе ана. БатIияб районалда­са, цингIаги вихьичIев чиясе унелъул, ГIайшатица жиндир­го къисмат Аллагьасухъе кьу­на. Эбелги хун, инсул цIобалда хутIараб кIиго лъимер бугин Ба­гьавудинил абун бицун букIана гьелда гьалмагъзабаз вукIинесев росасул хIакъалъулъ. Сураталда гурони гьел цоцадаги рихьунги рукIинчIо. ГIайшат ккола ЛъаратIа рай­оналдаса. ГьитIинаб къоялда­са нахъе гьей Терек хъутаналда гIумру гьабун йикIана. Гьелъул рос, ЧIарада районалъул ГIириб росулъа ГIусманов Багьавудин, Кочубеялда колхозалъул гIияда вехьлъун хIалтIулев вуго. ГIайшат хъизамалда бищунго кIудияй йикIиналъ, хъизамалъ­улго ургъелги хIалтIиги гьелъул гъуждузде бегана. Эбел унтун йикIиналъ гIемераб магIишат гьабизе рес букIинчIо, амма бечIчIулеб кIиго­лъабго гIака  
камун рукIунароан. Больница­ялде эбелги ккун, вац­яцалда хадуб хъулухъ гьабизе чи вукIинчIолъиялъ, анлъго класс лъугIун хадуй цIализеги инчIо гьей. Эмен республика тун къватIив хIалтIулев вукIиналъ лъималазда аскIов гIемер вукIунароан. Хадув эменги хун, эбелги унтун, вацгун яцалъе эбеллъиги эменлъиги гьабизе ккана гьелъ. ГIайшат гIемер ине ккана бетIербахъиялъе Краснодаралде, Ростовалде ва цогидал шагьа­разде картошка, пер, хъарпуз бекьулел авлахъазда хIалтIизе.
 
 
Байбихьудасаго Багьавудинил лъимал ГIайшатиде ругьунлъа­на, эбелин абуна. Багьавудиние цоги васги гьавуна ГIайшатица. Гьанже талихIал эбел-­эменгун, талихIаб хъизамалда ункъо вас гIолев вуго. ГIайшатилги эмен гьитIинго хваралъул, гьелда цIакъ лъикI бичIчIана лъима­лазул рекIел хIал. ГIайшатица жийго талихIай эбеллъун ва лъадилъун рикIкIуна. Ва гьеб талихI жеги гьарзалъилин, рос­гун цадахъ хIежалде ине бугеб анищ тIубаниян абула гьелъ.
 
 
 
 
ХIалтIи гьечIони, тIегьлъун ечIала
 
 
Блогерлъиялде, ай жиндирго гIумру социалияб гьиналдаса гIадамазда бихьизабизе, жин­даго лъалел пайдаял жал цоги­даздаги рихьизаризе ГIайшатица гъоркьиса байбихьана.
 
 
«Кочубеялда ракъдаллъи бу­кIана, гIемерисел боцIиги ба­чун мугIрузде яги цогидал хъу­табазде унел рукIана. Дунги ана боцIиги бачун эбелалда аскIое, бетIергьанчийин абу­ни магIарухъе ана гIиги бачун. 10-­ялдасаги цIикIкIун гIакаги, гьединго оцалги хьихьула дица. Гьениб дицаго боцIи хьихьула­го бахъараб кIиго­лъабго видео лъун букIана. ГIемерисезе цIакъ интерес ккана гьелъул. Дие ки­даго бокьулаан видео, суратал рахъизе, гьел гьудул-­гьалмагъза­базухъе ритIизе. Дица рахъулел видеоязухъ гIемерал гIадамалги ралагьилин, гьелъул кумекал­далъун гIарацги щвелин абураб пикруцин букIинчIо. Росдал гIумруялъухъ ралагьи­зе цIакъ бокьулеб буго гIадамазе. ГIемерал сообщениял хъван ра­чIуна. Азарго чиясда гьоркьо­са цо­-кIигояз цIехола дуца гье­динаб захIматаб, бихьиназул хIалтIи щай гьабулебин, росас щай гьабуларебин абун. Чанго нухалда бицун­ги букIана дица гьезда, рос­
ги хIалхьиялда тун гьабулеб гьечIин дица гьеб хIалтIиян. Дир рос ккола вехь, гьеб цIакъ захIматаб хIалтIи буго. ЦIа­дакьги, гIазукьги, лъелгоги гIияда вукIаго, гьесда гIезегIан гIакъуба бихьула. Россиялъул те­левидениялдаса рачIун, переда­чагицин бахъун букIана гьезул хIалтIул хIакъалъулъ. 
 
Цо­-цояз цIехола шагьаралда гIумру гьабизе бокьиларищан. Лъималазе букIинеян абун ша­гьаралда мина бан буго нижеца. Гьениб гIумру гьабизе бокьи­лин ракIалдего кколаро. Цоги бакIалде гIумру гьабизе гочине ккани, дун росулъего ина. БоцIи-­панз хьихьизеги хур­-хе­ралъул хIалтIи гьабизеги бокьу­ла, гьеб гьечIого чIезеги кIоларо. Шагьаралде яхъани, ракъдал­лъуда тIегь гIадин, ечIалин ду­нилан ккола ракIалде. Интернеталдасан дирго хIал­тIи бихьизабулеблъи росасда­ги лъала. Дица рахъарал виде­оязухъги валагьула гьев. Дица щибгIаги бегьулареб жо гьабулеб гьечIелъул, гьес дир блогерлъи­ги гьукъуларо. ХIатта блогалъул кумекалдалъун, реклама лъу­ралъухъ дагьа­-макъал гъурщалги 
щола дие», -­ ян бицана ракIги рагьарай, яшавги берцинай ГIайшатица.