РухIаразул бакIалда – цIиял

 

   Федералиял проектаздаса пайда босулеб буго ЦIунтIа районалда школал цIигьаризе. ГьабсагIаталда гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ нижее бицана лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев ГъазимухIамад Абакаровас.

 

          Баян: ГъазимухIамад Абакаров гьавуна ЦIунтIа районалъул Берих росулъ. ЛъугIизабуна ДГПУ ва щвана «лъай кьеялъул ва экономикаялъул менеджмент» абураб махщел. ХIалтIана Шаури росдал школалда тарбиячилъун, лъималазул художествиябги техникиябги гьунаралъул школазул нухмалъулевлъун, районалъул заочнияб школалда завучлъун. 2004 соналдаса нахъе хIалтIана лъай кьеялъул управлениялда методистлъун. 2022 соналда тIамуна лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулевлъун. ГIаммаб хIалтIул стаж – 15 сон.

 

— Ахирал соназда рухIана ХIибиялъ, Мекали, Мокъокъ ва цогидал росабазул школал. Кинаб хIалтIи гьабулеб бугеб гьениб гьабсагIаталда?

— ХIибиялъ росулъ цIали гIуцIун буго ижараялъе босараб лъабго минаялда. Гьенибги Мекалибги байбихьун руго школазе минаби разе. РакIалда буго гьаб лъагIалил ахиралде гьел ран рахъинаризе. Хьул буго январалдениги цIиял школазде лъимал рачине рес щвеялде.

Районалде кIицIул вачIун вукIана ДРялъул лъай кьеялъул министр ЯхIя Бучаев. Абун букIана школазе модулиял минаби разе ругин абун. «Капиталияб ремонт» ва «Лъай кьеялъул идарабазул модернизация» абурал проектазда рекъон, районалъул чанго школа къачIазе ва базе буго. МухIканго абуни, школал разе руго спонсоразул ва меценатазул харжалъухъ. Хадурккун гьел къачIазе руго цереккун рехсарал программабазе бихьизабураб гIарцухъ. Шамил МухIамадовги Хизри МухIамадовги – гьел ккола Кидеро росулъа, «Лидерстрой» ООО абураб ралел бакIазул фирмаялъул вакилзаби. Гьел руго гIагараб районалъухъ ракIунтарал унго-унгоял патриотал.

— Мокъокъ росдал школа балеб бугищ?

— Жеги байбихьун гьечIо. Гьеб школа буго басрияб минаялда. Гьеб жагъалаблъун, ай гIадамазе хIинкъи бугеблъун рикIкIун, акт гьабун гьечIо. Нижеца хIаракат гьабулеб букIана гьеб капиталияб ремонталъул программаялда гъорлъе ккезабизе. Амма хIадурарал документазулъ гъалатIалги ратун, гьоркьоса бахъизе ккана.

— Хъебалъ росдал школа базе байбихьанин бицун бу­кIа­на жигарав жамагIатчи Му­хIа­мад­рамазаница.

— Жакъа къоялъ гьеб буго республикаялъего №1 масъала. Гьелъул хIакъалъулъ бицен ккана районалъул бетIерасул ишал тIуралев АхIмад ХIамзатовасул ва ДРялъул бетIер Сергей Меликовасул видеобухьеналдаги.

ГьабсагIаталда гьенир руго кьучIги къадалги. 25-30 проценталъул хIалтIи гьабун буго. Амма, проекталда хиса-басиял гьаризе ккеялда бан, ахираб кIиго соналъ хIалтIи чIезе тана. Школа балеб буго гохIда. Гьеб битIизабулаго, гIемераб гIарац харж гьабизе ккана. Гьединлъидал батила, хIалтIиги чIезабизе ккараб. Бан бахъараб мехалда гьеб букIине буго районалдаго бищун лъикIаб, гьанжезаманалъул тайпаялъул школа – спортзалги, спортивиял майданалги, богорукъги ругеб.

— ГьабсагIаталда школазул халгьабулеб буго. Кинаб ахIвал-хIал бугеб цогидал школазда?

— ХIалтIулеб буго халгьабиялъул хасаб комиссия. Районалда буго 19 гьоркьохъеб ва цо аслияб лъай кьеялъул, гьединго гьезул филиаллъун бугеб 20 байбихьул школа. Буго 14 лъималазул ахги – гьезул 12 ккола школазул филиаллъун ва кIиго – жалго бетIергьанаб идаралъун.

Комиссия щвана киналниги школазде. Гьезул 80-ялдаса цIикIкIун процент цIалул сон байбихьизе хIадурго руго. Руго гIиси-бикъинал гIунгутIаби (цIа ккеялдаса яги терроралдаса цIуниялъул рахъалъ; масала – школалъул азбар сверункъаялъул) ва гьел тIагIинаризе руго тIоцебесеб сентябралде.

— Балъголъи гуро, ЦIунтIа районалда гIемер рукIана вагьабиязул идеологиялъул рахъ кколел гIадамал. Гьез тIадецуй гьабулаан лъай кьеялъул идарабазда гьабулеб хIалтIудеги.

— Гьединаб хIакъикъат букIана щуго-анлъго соналъ цебе. Гьанже гьечIо. Гьелъие сабаблъунги ккана росабазул мажгитазул имамзабазулги, лъай кьеялъул идарабазул нухмалъиялъулги, районалда ругел пограничниказул вакилзабазулги ва районалъул администрациялъулги цадахъаб хIаракат – халкъалда гьоркьоб бичIчIикьеялъул хIалтIи гIуцIи.

— МагIарул мацI малъулеб бугищ школазда?

— Исана тIоцебесебги щуабилебги классал цIализе руго цIиял федералиял стандартазда рекъон. ГьабсагIаталда гьечIо гьезде рекъон кколел магIарул мацIалъул цIалул тIахьал. ЦIалдохъабазул эбел-инсул гIемерисез инкар гьабулеб буго магIарул мацIалдаса. Ингилис мацIалъул ЕГЭ кьезе кколеб бугин абун, гьелде цIикIкIараб кIвар кьезе кколеб бугин абула. Гьез ратула магIарул мацIалдаса эркенлъиялъе рес кьолел законазул хIужаби.

К.Сулейманова