БукIинадай цIилъи дир ватIаналда…

 

 

 

 

 

 

 

    7 августалда ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда бицана БежтIа участокалъул социалиябгун экономикияб цебетIеялъул хIакъалъулъ.

 

  Данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцересел заместителал Руслан ГIалиев ва Манвел Мажонц, ДРялъул спорталъул министр Сажид Сажидов, ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляева, ДРялъул культураялъул министралъул заместитель Медина Жаватханова, ДРялъул лъай кьеялъул министрасул заместитель Аида ТIалхIатова, БежтIа участокалъул бетIерасул ишал тIуралев ХIусен ХIайбулаев ва цогидал хIакимзаби.

  ТIоцебе абуни, щибаб районалъул масъалабиги гIочIода чIван, хIукуматалъул хасаб данделъи тIобитIи лъикIаб тадбирлъун бихьула. Гьединаб тартибалда республикаялъул муниципалитетазул хIал лъазабизе тIадкъан буго ДРялъул бетIер Сергей Меликовас. Республикаялъул нухмалъиялде чан батIияв чи вачIаниги, БежтIа участокалъул масъалаби церелъураб хасаб данделъи жеги бу­кIинчIо – гьезул хIакъалъулъ бицунаан ЦIунтIа районалъего гIаммал суалазда гьоркьоб.

   БежтIа участок буго МугIрузулаб Дагъистаналда, Грузиялъул гIорхъода. Гьениб 12 росулъ гIумру гьабула 10 азаргогIанасев чияс. Республикаялъул тахшагьаралдаса рикIкIад рукIиналъ, гIемерисеб мехалда бежтIадерил масъалабазде регIуларо пачалихъиял хIакимзаби ва жамагIаталъ масъалаби тIураза­ри­зе ккола жидецаго, ай хутIула жалго жидедаго. Килщазда рикIкIине бегьула гьенире щва­рал республикаялъул нухмалъиялъул вакилзабиги. Гьединлъидал кIудияб кIвар буго БежтIа участокалъул масъалаби гьоркьор лъураб ДРялъул хIукуматалъул хасаб данделъиялъул.

   Щибха бицараб тарихалда хасаб бакI кквезе бугеб хIукуматалъул данделъиялда? ХIусен ХIайбулаевасул баяналда рекъон, бежтIадерил социалиябгун экономикияб цебетIеялъе квер­бакъулел тадбирал гьарун руго гIицIго 2002-2015 соназда – «МугIрул» абураб программаялда рекъон ва «Дирекция ФЦП «Юг России» абураб ГУПалъул квербакъиялдалъун, республикаялъул инвестициязулаб программа гIумруялде бахъинабулаго.

  Республикаялъул нухмалъиялъул кумекалдалъун дагьалъ цебе бежтIадерие лъуна 6300 кВАялъул къуват бугеб токалъул трансформатор. Гьединаб баян кьуна данделъиялда ДРялъул хIу­куматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Манвел Мажонцица.

   ХI. ХIайбулаевас рехсана Качалай росдал советалда гъорлъ ругел Качалай (200-ялдаса цIикIкIун цIараки) ва Караузек (160-ялдаса цIикIкIун цIараки) росабазулъ артезианалъул лъел гъуй бухъиялъул масъала. Качалаялда гьединаб кIиго гъуй буго: колхозалъе гьеб ракь кьураб заманалда бухъараб ва 1980-абилел соназул ахиралда бухъарабги. Ахирал анцI-анцI соназда росу гIезегIан кIодолъана ва гьел гъуязул лъим гIолеб гьечIо. Минабахъе лъим щоларого букIуна риидал, хасго хурзал лъалъазе хIалтIизабулеб каналалда лъим мукъсанлъараб заманалда. Гьелда бан ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас хасаб тIад­къай кьуна ДРялъул Ралел ба­кIазул министерствоялъе. Бокьи­­лаан, гьекъезе санагIатаб лъел гъуй бухъиялда цадахъго лъа­лъадизе хIажалъулеб лъел масъалаги тIубазабуни.

   Дир пикруялда рекъон, лъел гуребги, кIвар цIикIкIарал гIемерал масъалаби руго Бабаюрт районалъул ракьазда гIумру гьабулел бежтIадерил жамагIатазул. Масала, Качалай росу къотIун уна Караузекалдеги, ЛъаратIа районалъул цогидал росабалъеги. Гьеб шагьранухда жеги тIун гьечIо хъил. Гьенисан хьвадулел машинабаз бахъинабураб хIуралъ гъанкъулел руго гьенир ругел минаби. ХIинкъи буго нухдасан школалде хьвадулел лъималазул гIумруялъеги. Дагьалъ цебе Качалай росдал жамагIаталъ нухцин къан букIана гьеб сабаблъун.

  ЧарагьечIого тIуразаризе кколеллъун рихьула Качалаялдаги Караузекалдаги гIемерал соназ аслияллъун ругел токалъулги газалъулги суалал. Качалай росдада хьолбохъан унеб буго газалъул магистралияб рогIоро, амма росулъе газ бачун гьечIо. Караузек росулъан рогIралги лъун, газ бачине бугин бицуна ЛъаратIа районалъул Мазада росулъе, амма жибго Караузекалде гьеб бачиналъул хабарго гьечIо. Гьури пуниги, цIад щенаниги, свинабула гьениб ток. ГьечIо канлъи кIиябго росдал къватIаздаги. ГьечIо Качалаялда лъималазул ах – щибаб къойил лъимал раччула Караузекалъул лъималазул ахикье.

  2015-2020 соназда БежтIа участокалда бан гьечIо цониги социалияб объект. Сахлъи цIуниялъулгун лъай кьеялъул ва маданияталъул идараялъул цониги бакI базехъин гьечIо 2021-2023 соназда республикаялда гIумруялде рахъинарулел инвестициязулал программабазда рекъонги. Щай? Щайгурелъул, ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Руслан ГIалиевасул баяналда рекъон, пуланаб бакI базе хIажат бугин абун, БежтIа участокалъул администрация­лъул ва муниципалитетазул бегавулзабазул рахъалдаса бачIараб цониги хитIаб гьечIелъул. Гьединал хитIабал рукIаралани, рес щвелаан «МугIрузул ракьал церетIезариялъул хIакъалъулъ» абураб республикаялъулал программаялда гъорлъе гьелги ккезаризе.

  Советияб заманалдаго, ай араб гIасруялъул 40-80-абилел соназдаго рарал руго БежтIа участокалъул росабалъ ругел школазулги, библиотекабазулги, росабазул советазулги, централияб больницаялъулги минаби. ДРялъул культураялъул министралъул заместитель Медина Жаватхановалъ абуна, БежтIа участокалда къачIазе кколила цо библиотекаги ракIгъеялъул тадбирал гIуцIулеб лъабго минагиян. «Культурная среда» абураб федералияб программаялда рекъон, гьелги къачIазе рес щвелаан, участокалдаса гьединаб хитIаб бачIарабаниянги бицана гьелъ.

  Жакъа кIвар бугеб масъала буго социалияб объекталъе мина баялъе санагIатаб ракь балагьи. Школа, больница яги лъималазул ах балелде хIадуризе ккола документал – проект, смета, ракьул «зеленка» ва гь.ц. Масала, БежтIа росу байбихьулеб бакIалда буго 1960-абилел соназдаго хъорщол бараб лъималазул ах. ГьабсагIаталда гьенир бакIал гIолел гьечIо – лъималазул ахикье иргаялда чIун буго 56 лъимеран бицана данделъиялда ДРялъул лъай кьеялъул министрасул заместитель Аида ТIалхIатовалъ. ХIакъикъаталда гьел жеги гIемер ратула. Гьелда бан ГIабдулмуслим ГIаб­дул­муслимовас лъазабуна 60 лъи­мадуе бакI бугеб модулияб лъималазул ах базе хIадурлъеян абун. Участокалъул централияб больница къачIаялъе ва гьеб дарабаздалъун хьезабиялъе ресал ратеян тIадкъана гьес ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляевалдаги.

  Киб базе бугеб лъималазул ах? Росу цIакъ кIодолъун буго, ризго ран руго минабиги. Лъималазул ахалъе ракь балагьи букIина, дир пикруялда, захIматаб масъалалъун. Аэродромалъул ракьалда цересел соназда бана Спорталъул кIалгIа. ДРялъул спорталъул министр Сажид Сажидовас абуна, тIадеги спорталъул майданал ва цогидал объектал разе квербакъиялъе жал хIадурал ругин. Гьанисан-дорасан бутIабиги тIе­за­рун, аэродромалъул ракь мукъ­сан гьаби битIараблъун би­хьуларо. Вертолет рещтIунеб бакI чарагьечIого хIажат буго беж­тIадерие. Мисалалъе, захIматго унтарав чиясухъе тохтур вачIине яги унтарав тахшагьаралде хехго щвезавизе.

  ХIисабалде босизе ккола цоги суал: росу кIодолъун, ЦIунтIе рахъалдехун халалъун бугелъул, гьенибги букIине ккола лъималазул ах. ГIурумухъалда ран руго росуцояз минаби. ГIурул рагIалда лъималазул ах базе рекъон букIинаро – гIор щвани, гьелъие хIинкъи букIина. Рохьил рацIцIалъиялда берцинги рекъонги букIинаан гьеб, амма ахирал соназда гIалхул жанавараз рахIат хвезабун буго халкъалъул. ГьабсагIаталда гIадамал хIинкъулел руго гIисинпихъ бакIаризе рохьоре инецин.

  Бицана данделъиялда бежтIа­дерил жамагIат бохизабулеб хабарги: ДРялъул Транспорталъулгун нухлул магIишаталъул министерствоялда ГI. ГIабдулмуслимовас тIадкъана Анцухъа Беж­тIе щвезегIан шагьранухда хъил тIеялъе тадбирал гьареян абун. Бицана БежтIаса Гьинухъе, Гьинухъ габурлъиялдасан гуреб, батIияб нух бахъизе ккеялъул хIакъалъулъги. Гьеб нухлул халалъи букIине буго микьгогун бащдаб километр. ХIа­къикъаталдаги, Гьинухъ габурлъиялдасан унеб шагьранух ккола гIумруялъе хIинкъи бугеб ва машинаялъе захIматал эхедераялгун свераби ругеб нух. Гьенир гIемер ккола авариял. Масала, 2020 соналъул маялда, машинаги гебегун ун, гIумруялдаса ватIалъана цо хъизамалъул ункъо чи.

 Гьабизе хIалтIиги гIуцIизе тадбиралги гIемер руго. Участокалъул лъикIал ресал руго росдал магIишат цебетIезабизе – хурухъанлъи, гIи-боцIухъанлъи, ахихъанлъи. ЛъикIал шартIал руго, тIабигIаталъул ва миллияб маданияб нахъраталил сурсатазул кьучIалда, этнотуризм цебетIезабиялъеги. Руго участокалда даруял иццал – гьездасаги пайда босизе бегьула муниципалитеталъул бюджеталде рачIунел гъурщал гIемерлъизариялъе.

  Хьул буго, ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Нариман ГIабдулмутIалимовасул нухмалъиялда гъоркь гIуцIараб ведомствабазда гьоркьосеб хIалтIул къокъаялъ, рехсарал ва цогидал рахъазде кIварги кьун, БежтIа участокалъул цебетIеялъе пайдаял хIукмаби гьариялде.