Аргъванигун Данухъ гьалдолеб пикру

 

   Араб хамиз къоялъ редакциялъул хIалтIухъабаз сапар бухьана Бакълъулазул ракьалде. Редакциялдаса къватIире рахъинчIого, газеталъул гьурмазда кьезе чIагоял макъалабиги, чIагоял пикрабигун къасдалги рачIунаро ботIролъе. ГIадамазда нилъги, нилъеда гIадамаз гьабулеб яшавги бихьизабизе ккола. Миллаталъул матIулъун кколеб, магIарулазул цо гурони гьечIеб миллияб басмаялъул унго-унгоял ва ритIухъал гьудулзаби магIарухъ руго жакъа. Гьебги хIисабалде босун, подпискадул суалги дагьаб роцIцIинабизе хьулгун, редакциялъул хIалтIухъаби къватIире рахъана араб анкьалда.

    ТIолабго магIаруллъиялдаго гIадин, Бакълъулазул ракьалдаги тIадбан буго рии, гIурччинго буго мегъ. Жеги ахазукьа тIагIинчIого буго ахбазан ва курак. Хадубцун барщизе къачIан буго микьир, генигIеч ва кокон.

Гьаваги бацIцIадаб, ракьги беэнаб, ахал-хурзалги гьарзаяб ракь буго Бакълъулазул тIабигIаталда.

    АхIулгохIалъул ахалъиги тун унаго, Гумбет районалда тIоцебе батулеб росу ккола ЧIиркъатIа. МагIарулазул тарихалъул чIагояб нугI, бахIарчияб къеркьеялъул гъваридаб лъалкIги нахъа тараб, унго-унгоял бахIарзалги жаниб рахъараб магIарул росу. АхIулгохIда рагъ унеб заманалда гьеб росулъа лъебергоялдасаги цIикIкIун хъизам шагьидлъанин машгьураб гохIдаян бицуна тарихалъул тIанчаз. 1839 соналда цебе росулъ 300 минаялъул тIалайдухъа къватIибе кIкIуй букIанин хъвалеб буго тарихчагIаз. АхIулгохIдаса хадуб ЧIиркъатIе нахъбуссана гIицIго 12 хъизам. Гьеб хIужа дагьабги камил гьабун нижее баян гьабун букIана ЧIиркъатIа бугеб тарихияб музеялъул директор Ибрагьим Ибрагьимовас. ГIажаибав инсан вуго Ибрагьим. ТIоцеве вихьулев вугониги, нусго со- налъ цоцада лъалеб гIадаб хIисабгун кверде восула инсан гьесул сабураб каламалъ.

    ЦIидасан ракIалде щвезабуна гьелъул тарих. ГохIде рахине къасдгун, ахIичIого рачIарал тушбабазе нухги къан, Щулалъул гохIги цIунун чанго къоялъ рагъарал — Хунзахъа Хириясул ГIалибегил ва гьесда цадахъ шагьидлъарал АхIулгохIалъул бахIарзалгун дандчIвана.

  ЦIадул хIенхIазда тIад гIанкараб кIиго чIерги къоялъе гIезабун, жужахIалъул гIазабги къулчIун, лъим гьарулеб черхалда кIалги гьикъун, гьужумалъ арал гъазизабиги рачIана цере. Росасухъа гIодобе бортараб хвалченги борхун, тушбабазул бода гъорлъ речIчIарал руччабазул бахIарчиял сипаталги паркъана берда цере. АхIулгохI, АхIулгохI… Дур бахIарчияб тарих кIочон тезе рес гьечIо, анцI-анцI наслаби хIайран гьарулеб чанги къиса хутIана дур нахъе.

   Гьеб тарихияб къеркьеялъул нугIзал: гIарададул гуллил кескалги, гумпарабиги, асариязухъа гъоркь хутIараб рагъул сурсатги — гIемераб жо бакIарун буго Ибрагьимица музеялъубе. Гьеб кинабго дида бихьана щуго соналъ цебе, гьадинабго роол къоялъ бакълъулазул росабалъе гьабураб сапаралда. КъваригIелалъ Буйнакскиялде ун ватун, гьаб нухалъ Ибрагьим росулъ ватичIо.

   ЧIиркъатIа росдал къо-лъикIги гьабун ниж нухда рахъана. Хъил тIураб нухдасан бекерун унеб букIана Рулдаса Ибрагьимил МухIамадица бачунеб машина. Редакциялъ кибе сапар бухьаниги ки- даго нижеда цадахъ къватIиве вахъине хIадур ватула гьевги. Нух нахъе теялъе бицунеб гьуинаб хабарги, щивасул рекIелъ рекъон кколеб хIеренаб каламги гьесул камуларо.

   Гъоркьехун букIана азарил сонаца жиндирго чвахи хисичIеб ГIанди гIор. Сагъри кьодухъ лъалхъани ва «чIезе рес гьечIого гIедегIун унеб заманги лъалхъизабун», тIаса гъоркье балагьани бихьула, жужахIгIан къваридаб жаниблъуда гьалдолеб гьалагаб гIор. Чан лебалав магIарул васасда ва ясалдадай гьелъул къвалакь жидерго гIажал батараб?

    Авар ва ГIанди гIорал цоцалъги журан лъугьуна гьалагаб Сулахъ. Гьединаб гIажаибаб ва нилъер ракIал асир гьарулеб къисмат буго гIоразул. МагIарухълъиялъул чIагоял нугIзалин абизе бегьила гьезда. ГIоралги иццалги къани магIарухъ гIумру чIунтула, тIабигIатги бечIала. ТIабигIиял гьел бечелъабазда нилъ махIрум гьаругеги Аллагьас.

    Гьединал пикрабигун, Бакълъулазул тахшагьар МелъелтIе щун ратана ниж. Рамазан ГIабдулатIипов бетIерлъуда вугеб заманалда рагьараб администрациялъул цIияб, киналго санагIалъабаздалъун бечедаб кIалгIаялда цебе лъалхъана нижер машина. Администрациялъул мина гуребги, районалъул маданияталъул рукъги, китабханаги, хIатта лъималгун чIахIиял жаниб лъедолеб хIорцин буго гьениб.

    СагIат анцIго тIубалеб гIужалде актовияб залалъуб тIобитIана районалъул нухмалъиги гIахьаллъун данделъи. Гьелъул хIакъалъулъ хъвараб макъала нужеда батила 12-13-абилел гьурмазда. Дица нужергун лъай-хъвай гьабила Бакълъулазул цогидал тарихиял бакIазулгун. Шамил имамасул гъазаваталъул чIагоял нугIзаллъун кколел росаби ккола гьезул, гьединго, Данухъ ва Аргъвани.

 

Басрияб Аргъвани – магIаруллъиялъул яхIалъул нугI

     ЧIиркъатIего гIадин Аргъванивеги щун вукIана дун щуго соналъ цеве. АхIулгохIалъул къеркьей байбихьизе моцIгIан заман букIаго пачаясул аскараз цин гьужум гьабуна некIсияб Аргъванибеги. Гьел тарихиял къояз росулъ боркьун букIараб рагъул, жужахIалъул корониб букIараб гIадаб хIалалъул нижее бицун букIана, басрияб Аргъвани годекIанир ратарал къадруял харабаз.

    1839 соналъул маялъул ахиралда кутакаб рагъ боркьана гьеб росулъ. 10000 чиясдаса гIуцIараб аскаргун генерал Граббеца цин гьужум гьабуна Буртунаялде. Пачаясул генераласда ракIалда букIана хехаб куцалда кьабиги щвезабун, магIарулал мукIур гьаризе ва Шамилги кверде восизе. Амма гьесул мурад тIубачIо. Лъабго нухалъ тIатIалаго гьужум гьабуниги росу кверде босизе кIвечIо пачаясул аскаралда. Ахирги росуги бухIун нахъе ана гьениса Граббе. Хадуб гьесда муридзабаз дандчIвай гьабуна ХIариб габурлъухъ. Кьоял риххизарун, нухда гъоркьчIелал гьарун гьез Граббел аскаралда жидерго къвакIи бихьизабуна. Нухда гIемераб къоги бихьун щвана магIарухъе пачаясул бо.

     30 маялда Аргъвани росдаде гIагарлъана гьел. Амма цин гьенире щвелелде пачаясул аскаралъ рухIана Данухъ ва ГIаркьухъ росаби. Лъабго бакIалдаса сверунги ккун байбихьана Граббеца Аргъ- ванибе кьвагьи лъезе. ГIадан бицун божулареб бахIарчилъиги къохIехьейги бихьизабуна муридза- баз гьениб. ТарихчагIаз хъвалеб буго, магIарулазул унго-унгояб къвакIиги, чаран бианиги биунареб лебаллъиялъул гIадамал гьел рукIинги пачаясул аскаралда тIоцебе бихьанин Аргъвани букIараб рагъулъилан.

    Лъабго сордо-къоялъ чIечIого жужахIгIан боркьараб рагъ букIана гьитIинабго магIарул росулъ. Бидул гIорал рукIана Аргъвани росу жанисан чвахулел. Лъабго нухалъ тIатIала гьужум гьабуниги Граббел аскаралда росу бахъизе кIвечIо, ахирги цо хIалихьатица бихьизабуна муридзабазухъа цIуничIого хутIараб, росулъе бугеб сухъмахънух. Гьениса хъатиниб лъураб гIадин бихьулаан тIубараб росу.

   Гьединаб, наслаби бахиллъулеб къвакIиги бихьизабун, цIунизе яхI бахъана муридзабаз бахIарчияб росу. Аргъвани букIараб гъазаваталда шагьидлъана 600 мурид. 2 июналда нахъе хутIарав кIинусго рагъухъангун Шамилица хIукму гьабуна росу тезе. Гьев АхIулгохIде ана.

ЧIобого хутIараб росулъе лъугьана Граббел аскар. Анкьго къоялъ халат бахъараб рагъудаса хадуб нахъе хутIарал росдал минаби гьез щущазаруна ва рекьарал хурзабаздагун харибакIазда лал тIамуна.

Гьединаб буго Басрияб Аргъвани росдал тарих. Цевеги гьениве щун вукIана дун. Бихьана пачаясул аскар росулъе жанире рачIараб сухъмахънухги. Шагьидзаби рукъараб росдал хабалалъ гьезие дугIа-алхIамги гьабуна.

   Гьеб кинабго ракIалде щвана гьаб нухалъ Гумбеталде сапаралъ щведалги. Къо-лъикI некIсияб Аргъвани росу, дур бахIарчияб бицен наслабаз цоцахъе кьела жеги.

   Аргъваниго гIадин гъазаваталъул рагъул бухIи бихьараб росу ккола Данухъги. Тарихалде арал рагъал ккана Шамилил заманалда гьенирги.

   Гьаб нухалъ Данухъ росулъе сапар гьабизе рес рекъечIо. Бакъанидаго къватIире рахъана МелъелтIаса.

 

Бакълъулазул куракги, микьирги, тIогьолал ахалги

   МелъелтIа росуги тун, шагьранухде щведал цIорораб лъимги гьекъезе цо иццухъ лъалхъана ниж. Нижеда гъоркь ватарав, цIорораб лъел шушби цIолев ватарав чиясулгун хъваш-баш гьабуна. Гьев ватана ЧIиркъатIаса Шихшалаев ГIабдулмажид. Гьагъаба гъоркьа жиндир ах бугин, гьенирги рещтIинчIого шагьаралде нуж ине изну гьечIин лъазабуна гьев сахав чияс. Гьесул гьари нухда тезе нижееги къабуллъичIо.

АнцIго километр нахъа тун букIун батиларо, цебе тIадхъвелги гьабураб, гIурччинал гъутIбуз берцин гьабураб цо ахикьехун сверана нижеда цебецебе букIараб гьесул машина.

Ахикь тIад бан барщизе квер бан бугоан микьиралъ. Огь баркаман, шагьранухдеги чIвалеб берцинаб гьелъул махIалъ цIун бугоан сверухълъи.

  Исана ахбазаналъул лъикIаб бачIин бакIарана магIарухъ. Умумузул заманалдаса нахъего ахихъанлъиялде цIикIкIун кIвар кьолеб мухъ ккола Гумбетги. Игьали, Инхо, ЧIикь ва цогидал росабалъ гьарзаго бижула пихъ.

 КIиго нухалданиги федералиял телеканалазул журналисталги ахIун, пресс-турал тIоритIана исана «Гумбет» РИОялъ. Бакълъулазул куракги, пурчIунги ххенон гьабулеб хьодулги тIагIамалъул киназдаго рагIизабуна гьез.

 ЧIиркъатIаса Шихшалаев ГIабдулмажидил буго лъикIаб ахги. Ахикь жаниб берцинаб, умумузул заманалъул хаслъиги цIунараб гIадатияб минаги. Ах къотIун гIодобе чил-чилиялда чвахулеб лъимги.

   Чанго къоялъ цеве, ГIашилтIа букIараб дандеруссиналдеги вачIун вихьун вукIана гьев. Доб мехалъ цоцазул квералги росун, кIалъазе щун вукIинчIев ГIабдулмажид ватана гьалбалги хирияв, умумузул гIадатги рехун течIев унго-унгояв магIарул чиясул хасиятги чорхолъ бессарав чи.

 ЧIиркъатIа бугеб спортшколалъеги нухмалъи гьабулеб буго гьес. Амма цохIо спортивиял тадбиразде вуссун чIечIого, магIарулазул дандеруссин бугеб бакIалде вачIине цIакъ бокьулин жиндеян бицана. Кутакалда хирияб буго ГIабдулмажидие ихтилатги умумузул кечI-бакъанги. Живгоги гьев цIакъ аваданав, махсара-хочI гьабизе бокьулев чи вугоан. Бокьана нижее гьесул ахги ахикь жаниб гьесул бугеб берцинаб гIумруги. Цоцазда гьоболлъиги рагIизабун, квералги росун, ратIалъана ниж.

 Гьединаб букIана араб хамиз къоялъ Гумбет районалде гьабураб нижер сапар. Кире унел ругониги ракI гIатIидал гIадамалги, нухда цIорорал иццалги, роцIцIараб магIарул гьаваги камун нилъ хутIугеги. МагIарухъе унел нухалги нилъеда киданиги кIочонгеги.

Ашахан ЮСУПОВ, МелъелтIа-МахIачхъала