ЧIагояб къадал чIухIарал къисаби

 

   ЦIидасанги – магIарухъе. Гьаб нухалда — ЦIумада районалъул Гъоркьияб Гьаквари росулъе, МухIамад ГIабдулхабировасухъе гьоболлъухъ. Лъугьунеб рахIатха тIолабго черхалъе, магIарухъе щолелъул. Гьале – гьаб цояб рахъалда мугIрул сухъмахъал. Гьез рачуна магIарулал мугIрузул тIогьазде. Гьаб цояб рахъалдайин абуни, рикIкIадасан найил тIулбузда жал релълъунел, тIабигIаталъ мугIрузул каранда сокIкIарал хIайранал росаби.

 

    ГIумруялъул цIамги гьел, гьелъул гьоцIоги гьел – мугIрузда гIумру гьабун ругел магIарулал. Гьел кIодо гьаризе, гьезул тIадегIанлъиялъе цоги нухалда кьолеб бугеб къадруяб къимат бихьизе унел рукIана ниж — дун, «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъан Шамай Хъазанбиева, шагIир ТубхIат Зургьалова, профессор, республикаялъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадов. МухIамад ГIабдулхабировасул хIаракаталдалъун рагьулеб букIана мугIрузда гIумру гьабун ругел руччабазе ва бихьиназе памятник.

    КIудияб ракIалъул инсан вуго МухIамад. ХъахIаб савуялъ ботIрол расазда накъишал угьанагIан, цIикIкIунеб буго гьесулъ гIумруялдеги, магIаруллъиялдеги, магIарулаздеги рокьи. Гъоркьисаги щвана дун гьаб росулъе. Гьелъги гьелда сверухъ бугеб тIабигIаталъги диего гьабураб хIайранлъиялъул хIакъалъулъ хъван букIана газеталда. Гьале гьаб нухалдаги салам кьуна нижее МухIамадил инсул минаялъ. Доб заманалъул хаслъиги цIунараб, магIаруллъиялъул махIги жаниса лъугIичIеб, инсул цIаралъе мустахIикъав ирсиласул сариназ дагьабги берцин гьабураб гьеб свери- ялда рещтIине бокьула.

    — Гьалеха ТIадегIанас хъван букIун буго исанаги гьаб ракьалде дун вачине. Гьаниб гIадаб гьуинаб макьуги букIунаро. Нужедаго рагIизе лъикIан гьаб рукъалда цебесан чвахулеб лъаралъ дие рачунел лъимерлъиялъул ва гIолиллъиялъул саринал. Гьез херлъизе толев гьечIо. Гьанив вугебгIан мехалда, щибаб рогьалилъ тира-сверула росу ахадаса тIараде щвезегIан. ГIенеккула гьелъул сухъмахъаз диего гьурщулел балъголъабазухъ, щибаб ганчIил къисаялъухъ. Гьадале, росдал парахалъиги цIунун, гьелде тIаде къулун ругел кьурабалъ ва мугIрузда ана дир лъимерлъи, дир гIолиллъиялъул нугIлъун жакъаги ккола росдал годекIан. Гьанир щварал гIумруялъул дарсаз нуха регIана дун росдадаса рикIкIада дие къисмат хъван батараб гIумруялде. Ва щибаб лахIзаталъ цIидасанги ахIула мугIрузде. Цоцо ракI къварилъунги лъугьуна, пашманал пикрабазги кIутIула гIумруялъул кавуялда – щвеладай дун тIадеялъулги гьаб хIикмалъиялъухъе, хъван бугебдай ТIадегIанас цоги сапар яги дир сапаразул ахирдай гьаб!? -илан гьес абидал, магIуго кквезе кIвечIо. Ва цIидасанги МухIамадил лъимерлъиялъул ва гIолиллъиялъул сариназ ниж рачана росдал аслияб къотIноб буго чIагояб къадал иргадулаб къисаялъухъ гIенеккизе. Гьениб гьеб къоялъ кунчIизе букIана цоги гIажаибаб къисмат – рагьулеб букIана хIикматаб памятник – мугIрул руччабазе ва бихьиназе.

Тадбиралда гIахьаллъизе рачIун рукIана районалъул бетIер Шамил ГIумаров, администрациялъул вакилзаби, республикаялъул хIукуматалъул вакил МухIамад Юсупов ва цогидалги гьалбал.

   Гьеб берцинаб дандеруссин гьаквадерида баркана МухIамад МухIамадовас, ТубхIат Зургьаловалъ, Шамил ГIумаровас, ЦIияб Сасикьа АхIмад ГIамирхановас ва тадбиралъул цогидалги гIахьалчагIаз.

   Унго-унгоги, кIудияб хIарпалдалъун жиндир цIар хъвазе мустахIикъаблъун лъугьун буго гьаквадерил машгьураб къед.

   ЧIагояб къед. Гьале гIун бачIунеб гIелалъе ватIан бокьиялъул кIудияб мисал. ЧIагояб къадал анкьабилеб къиса — рагъдаса руссинчIел васазухъ магIу, репрессиялъул къурбаназухъ угьди, кулаби ракIалде щвезари, ва гьале ахиралдаги – мугIрул руччабазе ва бихьиназе къулулеб бетIер.

Анкьабилеб къиса. Биччанте гьеб къадал тарихги къисаги соналдаса соналде бечелъизе.

    РухIдаллъизе бачIана гьитIинаб ватIаналде бугеб кIудияб рокьи бидулъ бессун бугев хIикматав инсанасда. МухIамадил гьеб рокьул руго щулиял кьалбалги гIемерал гIаркьалаби. Гьеб рокьул тIогьиб буго Дагъистанги Россияги. Гьеле гьенире рачIунел гьел гIаркьалаби.

КIудияб ВатIаналде бугеб хIасратаб рокьиги байбихьула гьитIинаб ватIаналъул тIалабаздасан.

   ЛъугIана берцинаб байрамалде сверараб гьеб тадбир. ТIадруссун унелъул, дагьабго пашманлъиги рещтIана пикрабазулъе.

   Ва цIидасанги рагIулеб букIана МухIамадил калам:

  -Нилъеца пикру гьабизе кколаро ватIаналъ нилъее щибдай гьабилеб, гьабураб ва гьабизе бугебилан абураб суалалъул. Нилъ ургъизе ккола нилъехъа щибдай бажарилеб ватIаналъе гьабунилан абураб суалалда тIад.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА