ЖамагIат гъункаралъуб росу тIегьала

 

  Туристаз хIетIе чIечIеб росу къанагIатги батиларо жакъа магIарухъ. Гьездаса мисал босун нилъгоги хьвадизе байбихьана тарихиял бакIазде, тIабигIаталде. Цебе цоцазде тIаде-гъоркье хьвади цIикIкIун букIаралъул, гьобол-гьудул камураб росуги букIунароан. Гьанжесеб гIелалда росабазул хIакъалъулъ лъалеб жого батуларо. Гьединлъидал нижер пикру ккана жеги цIикIкIун магIарул росабалъе сапарал рухьине ва щибаб росдал хIакъалъулъ нужееги бицине. Жакъа хIалбихьилин Болъихъ районалъул РахатIа росдал сипат-сурат рагьизе.

Рорхатал мугIруз сверун къараб, лъарал рагIалда гьарзаго гIезарурал пихъил гъутIбуз берцин гьабураб, гьайбатаб тIабигIаталъул бакI буго РахатIа. ГIадамалги руго гьенир сабурал, хIалтIул гурони мацI лъаларел. РахатIа гIумру гьабулеб буго гIага-шагарго 3500 чияс. Цогидал росабазул гIадамал гIадин, рахIатаб гIумруялда хадур шагьаразде гIемер гочунаро гьезул гIолилал. Аслияб къагIидаялъ ах-хуралъул хIалтIаби гьарун, боцIи хьихьун бетIербахъи гьабулеб буго гьез.

  РахатIа абураб цIар бачIана «рахи» абураб рагIудаса. Гьанже росу бугеб бакIалда ризаб рохь букIун буго. Росуцояз рохь къотIун, минаялда тIад базе рахи (чIалу) гьабулеб букIун буго. Гьедин лъугьун буго Рахида абураб цIар ва нахъа РахатIаялде сверунги буго.

Биценалда рекъон, Хунзахъ районалъул Уздалросулъа Узденбегил вас КIудияв ГIалимухIамад вачIун вуго гьанже РахатIа росу бугеб бакIалде яшав гьабизе. Ва тIоцебесеб минаги гьес бан буго. Уздалросулъги руго ГIалимухIамадил тухумалъул чагIи.

 

Росу цебетIезабураб махщел

Росдал гIадамал хIалтIудалъун хьезарураб, умумуз хазиналъун наслабахъе кьураб махщалил, республикаялдаго цIар араб буртабазул артельги буго гьениб жакъаги. «8 март» абун ц1ар лъураб гьеб артель рагьана 1924 соналда. Гьелъул тIоцевесев председательлъун вукIана ТIандо росулъа Жамалудин Мутаев. Гьеб заманалда, артелалъул хIалтIухъабазул лъималазе, росулъ рагьана лъималазул ахги. Артелалъул станокалги цогидаб къайиги хIалтIизабизе ккани ток хIажат букIана. Гьеб суалгун Жамалудиница хитIаб гьабула ГIабдурахIман Данияловасде. Гьеб иш бажарулеб жо гурин Данияловас абидал, Москваялдеги ун, специалистги вачун вачIун вуго Мутаев.

1934 соналда, мугIрузул районалда тIоцебесеб гьитIинаб электростанция бана ГIашино росдада аскIоб. МагIарухъ тIоцебе ток бачана РахатIе.

Артелалда буртаби гурелги, халичабиги, бусадул къайи-къоноги, турталги, арбабашалги гьарулаан. КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда артелалда хьухьун квасул гурдал, щватаби, квердахелал гьарулаан. Гьеб гуребги, фронталъе кумек гьабун, 15000 буртина битIана рахалаз.

Росулъа КIудияб ВатIанияб рагъде арав 44 чиясда гьоркьоса 17-яв тIад вуссана. 27-яс рухI кьуна ватIаналъе гIоло.

1932 соналда росулъ рагьана ункъо классалъул школа — ликпункт. 1936 соналда — байбихьул школа. 1947-1952 соназда — анкьго классалъулаб ва 1975 соналда гьеб гьабуна гьоркьохъеблъун. 2017 соналда школаги бухIун, артелалъул минаялде кIиго сменаялъ хьвадизе кколаан цIалдохъаби. Исана, рахалазул цIалдохъабазе цIияб цIалул сон байбихьизе буго цIибараб школалда.

 

15 гьобо

Гьайбатаб тIабигIат ва гIадатияб махщел гуребги, лъабго лъел гьобоги буго росулъ. ХIурият ккезегIанго, росулъ букIана 15 гьобо. Советияб заманалда гьел хIалтIизарулаан колхозалъ.

ДРялъул финансазул министр, росуцояв Юнус СагIадуевасул хIаракаталдалъун, 2000 соналда къачIана 200 сон бараб гьобо. Советияб заманалдаги хIалтIулеб букIараб гьелъул, чIунтун, кьучIда лъурал ганчIал хутIун рукIана. Росулъе рачIарал гьалбадерил бер тIаде цIалеб хIалалъ къачIанги буго гьеб. Гьабида цебе ордеказ ва хъазаз берцин гьабураб гьитIинабго хIавузги буго. ХIориниб масакI ва осетр ччугIаги гIезабула.

Ахирал соназда гьобо хIалтIизабулеб буго Гъайирбег Гъайирбеговасул хъизамалъ.

— Шагьаразда гьобо хIалтIула токалъул кумекалдалъун, хьонги газалда барсула. МагIарухъин абуни гьеб лъеда хIалтIула ва цIаги цIулада бакула. Хьонги гьаниб цIулада цIаги бакун барсула. Лъеда хIалтIулеб гьабихъ ххенараб урбадулги ханждалги пайдаги цIикIкIараб букIуна», — ян бицана гьабигьанасул вас МухIамадица.

 

Умумузул нухдасан

1939 соналда гIуцIана росулъ Сталинил цIаралда колхоз. Радал рогьалил как балелде мугIрузде ун херги баччун тIад руссунаан. Рокъобе магьги рехун, хадур артелалде хIалтIизеги унаан руччаби. Росу гIуцIаралдаса нахъе кверда махщел бугел гIемерал устарзаби рукIун руго гьенир. Жидерго гьеб махщалияб ирс наслабазухъе кьун щибаб рокъов вукIунаан устар. 1950-1960 соназда росулъ хIалтIулеб букIана тIингъал, хьитал гьарулеб «Дабгъил рукъги». Гьанжейин абуни, кверзул мах- щел хIалтIизабулел чагIи гIемер гьечIо. Гьелъие гIиллаги батила, магIишат гьабиялъул къагIида би- гьалъун букIин. ЧIахIиял гIадамаз бицухъе, бекьулеб ракь цебе цIакъ къиматалда букIана. ХIатта, хурах гьабизе чIегIерракьцин, бакIбакIаздаса оцазул гьокоялъ, руччабаз мугъалъ баччулеб букIун буго. БоцIи-панзалъе пайда босизе, хер бижулеб бакIги жибго тун, къадараб, хъитIахараб бакIалде унел рукIана гIадамал минаби разе. Гьединлъидал, росдал басриял авалазул минаби руго кьураби-хъитIал гIемерал бакIазда.

ЛъикIлъи гIадада холаро

КIудияб ВатIанияб рагъ лъугIидал, къватIахъ хутIана гIемерал лъимал. Гьеб заманалда бакI-бакIазда рагьана лъималазул ахал ва школа-интернатал. 1947 соналда Лъималазул рукъ рагьана РахатIаги. Гьелъул директорлъун тIамуна Болъихъа ГIусманов Шарапудин. ТIалаб-агъаз гьабизе чи гьечIел лъималазул къадарги соналдаса-соналде дагьлъун, 1968 соналъ къана гьеб. Гьенир хутIарал дагьалго лъимал ритIана Гъунире.

ГIумарасхIаб МухIамадовас бицана, доб заманалда РахатIа, лъималазул рокъор, гIумру гьабун рукIаразул цо-цояз гьанжеги жидер гIадамазе баркала кьолин абун.

— 1999 соналда, рагъ ккедал, нижер гIадамал Каспийскиялде гочун рукIана. Нужее кумек гьабизе вачIун вугин живиланги абун, цо гIирисев чи вачIана нижехъе. РахатIа детдомалда вукIун вуго гьев. Щиб лъикIлъигIаги дуе рахалаз гьабун букIарабин гьикъидал, гьес бицана, гьел гIадинал ракI лъикIал гIадамал жинда дандчIвачIин. Детдомалда гIумру гьабун жив вугеб мехалда, рузман сордоялъ панкъалги гьарун рачIунел рукIанила руччаби. Щибаб рузман сордоялъги лъималазе бикьизе квенги босун рачIунаанила гьел.

Гьебго заманалда гIахьвалавги вачIана, нижее кумек гьабизеян абун. Гьевги нижер росулъ гIурав чи вукIун вуго. Щуго рукъ бугеб жиндирго квартира кьуна гьес нижер гIадамазухъе, — ян бицана ГI. МухIамадовас.

 

Цо хъизам кинигин

 

КъватIисел улкабаздаса бачIараб ретIа-къаялъул ва рукIа-рахъиналъул къагIидаги культураги кина- зего гIаммаблъун лъугьараб гьаб заманалда, росабалъцин захIмалъулеб буго маданиятги мацIги цIунизе. Жидерго наслаби кьибил къотIараб гъветIлъун хутIиларедухъ, умумузул махщалилаб ва рухIияб ирс цIунизе цIакъ хIаракат бахъулеб буго рахалаз. Гьезул хIаракат бихьула диниял, рахьдал мацI цIуниялъул, миллаталъул хъвадарухъабазул хIурматалда тIоритIулел тадбира- зулъ. Гьединаб хIалтIиги цебетIола гьелъие махщел бугел церехъабазул ва жамагIатчагIазул кумекалдалъун. Гьел тадбиразул гIуцIарухъан ва цеехъанин абуни ккола авар мацIалъул мугIалим ПатIимат МухIамадзагьидова. МагIарул мацIалъул бечелъиги дуруслъиги цIалдохъабазул ракIазулъ накъищлъун бикIулеб буго гьелъ. Рахьдал мацI, гIадатал ва махщел наслабазе цIуниялъеги гIемераб хIалтIи гьабулеб буго. Гьайгьай, цо чияс гьабун гьединаб хIалтIи цебе унаро, росдал жамагIаталъул гъункиги, цоцазде адабги букIинчIебани. Дагьаб цебе РахатIа росулъ тIобитIана накъшубандияб ва шазалияб тIарикъатазул шайих, мунагьал чураяв Мансурил МухIамад-апандил цIаралда кIудияб мажгит рагьиялъул хIурматалда республикаялъулаб мажлис. ГIемерал чагIи данделъараб тадбиралде квен-тIех, мажгит ва къватIал рацIцIиялъул хIалтIаби гьаруна росдалго руччабаз. ГIуцIарухъанлъиялъул хIалтIаби тIаде росана гIолохъабаз. Шамил МухIамадов, МухIамад ГIабдулкеримов, бегавул МухIамад Сахратулаев ва цогидазги свак гьечIого нухда бачана кири цIикIкIараб иш.

Росдае хIажатал бакIал ралелъул кидаго кумек гьабула Юнус СагIадуевасги рес бугел росуцоязги.

 

Рахалазул ирсилал

Гьел къояздаго ПатIиматил нухмалъиялда гъоркь, Фазу ГIалиева гьаюралдаса 90 сон тIубаялъул хIурматалда, кIудияб тадбирги тIобитIана. МагIарул чIужугIаданалъул къадру борхат гьабулеб хъахIаб гормендоги чIван, росдал руччаби цере рахъана тадбир берцин гьабизе. Умумузул махщалил ирслъун хутIарал буртабиги ретIун, кьер гьабун къватIире рахъа- рал гIолилазги къалъизабун букIана сверухълъи…

ПатIимат ПатхIулаевнаялъ, цIалдохъабигун ва ишцоялгун цадахъ, щибаб санайил кIодо гьабула рахьдал мацIазул къоги. МацI гьечIони миллат гьечIо, миллат гьечIони, гьечIо маданиятги хаслъиги. ГIолеб гIелалъе тарбия кьолелъул умумузул махщелги, мацIги, лъикIал гIадаталги малъизе хIаракат бахъула рахалаз. Гьеб бихьулеб буго щибаб соналъ школаги росдал жамагIаталъул церехъабиги гIахьаллъун тIобитIулеб «Рахалазул ирсилал» абураб мацIги маданиятги цIуниялъул тадбиралдасанги.

 П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА