МагIарухъги гIумру тIегьалеб буго  

 

  ТIегьалеб буго магIарухъги гIумру. ЛъикIлъулеб буго гьеб. Гьелдаго цадахъ тIегьан рачIунел руго мугIрузул гIадамалги. Жибго тIабигIатгицин гьимулеб буго гьениб, гьеб берцинаб лахIзаталдаса хIалхьоларого. Гьединаб гIужалда ракI цIала магIарухъе. Гьениса гьалбал гIемер щола газеталъул редакциялде, бицуна магIаруллъиялъул берцинлъиялъулги магIарулазулги хIакъалъулъ. Гьаб нухалда нижее Шамил районалда цIилъулеб ва цебетIолеб бугеб гIумруялъул хIакъалъулъ бицана районалъул культураялъул, спорталъул, гIолилазул политикаялъул рахъалъ ва туризмалъул отделалъул начальник ГIабдулгъапур (Гъапар) ГIабдулмухIамадовас.

 

Гъапар (гьедин абун гурони, жив гIадамазда лъаларилан абуна гьес, велъулаго. Дицаги Гъапарилан абун тела) культуралъул отделалда хIалтIулев вуго 42 соналъ. Гьезда гьоркьосаги – 22 соналъ культуралъул отделалъул начальниклъун.

 

 

Дун разияв вуго къисматалдаса

 

    Краснодаралъул культураялъул институтги лъугIизабун, Гъапар хIалтIана районалъул культураялъул отделалда методистлъун. 10 соналъ вукIана Кочубеялъул зонаялда букIараб культураялъул централъул директорлъун. Гьеб къан хадув хIалтIана Кочубеялъул школалда музыкаялъул учительлъун.

Гъапарие бокьичIо жиндриго хIакъалъулъ гIемер бицине. Гьес байбихьана районалда ругел церетIеязулги маданияталда бугеб ахIвалхIалалъулги хIакъалъулъ бицине.

— Дун разияв вуго дирго къисматалдаса. Инсанасул гIумруялъул магIнаги ккола гIадамазе хъулухъ гьабизе, гIагараб халкъалъулги, росу-ракьалъулги, районалъулги рухIияб гIумру дирги гьитIинабго бутIа букIиналъулъ. Нижер районалда кидаго цебетIураб букIана умумузул годекIан. Гьениб гьоркьоса къотIичIого гьалделеб букIуна умумузул гIумру, – ян абуна гьес.

 

Маданияб гIумру гьалдолеб буго

 

    Исанасеб сон лъазабун буго рухIияб ирсалъул ЛъагIеллъун. Гьеб бечелъи нижер районалда, гIелаз гIелазухъе кьун, щулалъун буго.

Бицен гьабизе бокьун буго районалда бугеб миллияб парталалъулги, кьурди-кечIалъулги, гIадаталгIамалазулги хIакъалъулъ.

Щибалъул жиндирго хаслъи бугеб ичIго костюм буго районалда цIунун хутIун (гьид, къел, гьооркъехI, бакълъулал…)

Районалъул маданияталда цIунун хутIун руго Ругъелдаса Аминат Давудовалъул ва гьелъул яц Узлипатил цIарал. Гьез кIудияб бутIа лъуна районалда фольклор цIилъиялъе ва цIунун хутIиялъе.

   Гьединго рехсезе рокьун руго цIунун хутIун ругел миллиял музыкалиял тIагIелалги – зурма, чагур, хъумуз, чагъана, щвантIих. Гьезда бакънал рачине лъала МачIадаса МухIамад МухIамадовасда (Ачилаевасда).

Районалда буго «Дагъбаш» абураб фольклорияб ансамбль. 1972 соналда гьелъие кьуна халкъиябилан абураб цIарги. Исана ансамблялъе гьеб цIар кьуралдаса тIубалеб буго 50 сон. ТIоцебе гьелъие нухмалъи гьабуна Россиялъул культуралъул мустахIикъав хIалтIухъан Расул МухIамадовас. 1972 соналдаса нахъе гьелъие нухмалъи гьабуна ХIажи МухIамадовас. Гьесул бергьараб гьунар букIана зурма пузе.

   Районалда буго 14 машгьураб кьурдиги. Щибалъул буго жиндирго хаслъиги. Щибаб росулъ руго зурмихъаби, палугьаби, кочIохъаби. Рехсезе бокьун буго искусствабазул школаги.

Исанасеб сон Фазул ЛъагIеллъунги лъазабун бугелъул, гIуралго тадбирал тIоритIизе ракIалда буго, шагIир кIодо гьаюрал. ХIадурлъулел руго Микьигьориб росулъ тIобитIизе бугеб Даку Асадулаевасул юбилеялде. Нилъерго ХIамзатил Расулги кIочон гьечIо. ХIадурлъи гьанжего гьабулеб буго гьесул 100 сон тIубаялде.

Башкорстаналда гIумру гьабун вуго ГIуриса МухIамадхIабиб СултIанмухIамадов. РакIалда буго гьениб бугеб «Дагъистан» абураб культурияб централда Мустай Каримил ясалъулгун дандчIвай тIобитIизеги МухIамадхIабибил квербакъиялдалъун.

   Башкорстаналда гIумру гьабун вуго ГIуриса МухIамадхIабиб СултIанмухIамадов. РакIалда буго гьениб бугеб «Дагъистан» абураб культурияб централда Мустай Каримил ясалъулгун дандчIвай тIобитIизеги МухIамадхIабибил квербакъиялдалъун.

 

Гьудуллъиялъул чапар

 

    Спорт кидаго букIана ракълил ва гьудуллъиялъул чапарлъун. Жакъа гIадаб хIалуцараб къоялда спорт дагьабги цIилъана. Гьелъ дагьалги цIикIкIун гъункизарула гIадамал, гIолилал цолъизариялъе гьелъул буго жавабчилъи кIудияб кIвар. Районалда гIемер тIоритIула спортивиял тадбирал. КIочон гьечIо спорталъул миллиял тайпабиги.

Масала, Гьолокь росулъ санайил риччала чуял, районалъул машгьурал гIадамазул юбилеязул хIурматалдаги ва цогидал байрамазеги сайгъат гьарун. ГьабсагIаталда цебетIолеб буго рафтинг – русбузда лъедей, ХIебдаса бахъараб Гьолокье щвезегIан.

Гьенибго букIуна Рафтингалъул чIинкIиллъи абураб цIар лъураб спорталъул тайпаги – КьилимагIардаса ИгирагIалде роржуна парашютазда

КIудияб баркала загьир гьабизе бокьун буго тадбир гIуцIизе ва тIобитIизе кумек гьабулеб республикаялъул Парусалъул спорталъул федерациялъеги.

 

 

ТалихIаб букIинеселъул кIулал кодор ругел ирсилал

 

  Жакъа гIун бачIунеб гIелалъул кодоб буго ВатIаналъул букIинесеб. Кин жакъа нилъеца, чIахIияб гIелалъ, гьел куцаниги, гьединаб букIине буго ВатIаналъе гьез кьолеб жавабги.

Гьединлъидал гьаб хIабургъараб ва хIалуцараб заманалда кIудияб кIвар кьезе ккола гIолилазе битIараб рухIияб тарбия кьеялде. Исанасеб соналдаги абизе бегьула рухIияб бечелъиялъул ЛъагIелилан (Год нематериального наследия). ЦIидасанги тIад руссине ккезе руго магIарул годекIабахъ бижараб гIакъиллъиялъухъе. Гьенирлъидал лъадарулел рукIарал умумуз гIолилал васал. Гьоболлъи базе ккола умумузул гъанстодухъги. Гьенир тIоцере рагIула гIолилай ясалда улбузул дарсал. Гьеб киналъулго кьучIалда тIегьан бачIуна ватIаналдеги гьелъул гIадатал-гIамалаздеги рокьи. ТIоцебе кинидахъ рагIараб эбелалъул кочIода цадахъ гьезухъе бачIуна миллияб кочIоде рокьиги. Сундулго аслу – рокьи. ТIоцебесеб иргаялда, ВатIаналде, гIагараб росдаде, росдал гIадамазде, гIагарлъиялде. Цинги — гIадатазде, рукIа-рахъиналде. Ва хадубги – хутIарабщиналде.

Жакъасел гIолилал руго батIияб ва захIматаб заманалъул вакилзаби. Районалъул гIолилазда гьоркьоб гьабулеб хIалтIиги гьоркьоса къотIуларо. Щиб тIадкъаниги, ракIбацIцIадго тIубазабула гьез.

Районалда буго волонтеразул къокъа. Киб, сундулъ ва лъие кумек хIажалъаниги, бищун цере аскIор чIола гьел. Дагьаб цебегIанги Украинаялъе гьабулеб кумекалъулъги гьез бихьизабуна жигараб гIахьалчилъи.

ГIолилазулгун гьабулеб хIалтIул бищунго жигаразул цояйлъун рикIкIине ккола районалъул «Цолъи» газеталъул редактор ПатIимат МухIамадова. Газеталъул кумекалдалъунги жиндирго ва коллективалъул хIаракаталдалъунги гьелъ гьабулеб буго цIакъ пайдаяб хIалтIи гIолилазда гьоркьоб.

  Гьединго районалъул щибаб росдал библиотекаялдаги клубалдаги данделъула гIолилал, умумузул гъасде цадахъ сапар бухьине.

 

 

 

Район гьалбадерил бераздалъун

 

    Шамил районалда буго цIакъ берцинаб тIабигIат. Гьеб чIаголъун бачIуна, гьалбал рихьараб мехалда. Ахирисел соназ Дагъистаналде рачIунел туристазул къадар цIикIкIунеб буго. Гъоркьиса Шамил районалде вачIун вуго 70 азарго турист. Гьезие шартIалги чIезаризе ккеларищха. ТIоцебесеб шартI — гьуинаб гьимиялъул рагьарал гьурмалги гьединалго ракIалги. Гьелдаса кIудияб сайгъат гьалбадерие букIунаро. Цинги хадуб — хутIарабщинабги.

Районалда бан буго микьго гьалбадерил рукъ. ХIалтIулеб буго кIиго турбаза. Цо гьалбадерил рукъалда цIар буго «Затеряный рай» абураб.

  Гьалбал разиго хутIула нижеца жидее гьабулеб хъулухъалдаса. Гьединго гьел хIикмалъизарула районалъул тIабигIаталъги. Хасго гьезие асар гьабула гьенир ругел басриял сияз. Бахиллъула гьалбал, нилъер гIадамазул гIаданлъиги гIадатлъиги бихьун.

    Жеги гIемераб жо бицана Гъапарица гIагараб районалъул хIакъалъулъ. Гьесул хIалхьолеб букIинчIо гьелъул берцинлъиялъулги ва районалъ республикаялъул маданияталъул тарихалда толеб бугеб гвангъараб къисаялъулги хIакъалъулъ бицун. Гьаб гьитIинаб макъалаялда гьес бицанщинаб хъван бажариларо. ГIабдулгъапур ГIабдулмухIамадовасда цадахъ Шамил районалде гьабураб гьитIинабго сапаралъ диеги кIудияб асар гьабуна Шамай ХЪАЗАНБИЕВАЖеги гIемераб жо бицана Гъапарица гIагараб районалъул хIакъалъулъ. Гьесул хIалхьолеб букIинчIо гьелъул берцинлъиялъулги ва районалъ республикаялъул маданияталъул тарихалда толеб бугеб гвангъараб къисаялъулги хIакъалъулъ бицун. Гьаб гьитIинаб макъалаялда гьес бицанщинаб хъван бажариларо. ГIабдулгъапур ГIабдулмухIамадовасда цадахъ Шамил районалде гьабураб гьитIинабго сапаралъ диеги кIудияб асар гьабуна

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА