ЦIорораб къо, хинаб дандчIвай

 

   Гьал къоязда Казбек районалъул Гуни росдал школалъул коллективгун дандчIвана республикаялъул БетIерасда цебе бугеб жамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалъул председатель Зикрула Ильясов ва гьелъулго членал, РАНалъул ДФИЦалъул мацIалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб цIех-рех гьабиялъул централъул нухмалъулев АхIмад МуртазагIалиевгун МахIачхъалаялъул «Возрождение» школалъул директор МухIамадхIабиб Халидов.

   Киса-кибего бараб гIаздаца хъахI гьабун букIана гьеб къоялъ Казбек район. Квачалъ гIунизарурал гьалбадерил ракIазулъе бачIинахъего хинлъи речIчIизабуна школалъул цIалдохъабаз. Гьалбал жанире лъугьарабго, байбихьана гьез кьурдизе ва жидерго гьунарал рихьизаризе. ДандчIвай нухда бачуней йикIарай школалъул ингилис мацIалъул мугIалим Бали Дадаевалъ рагIи кьуна Зикрула Ильясовасе. Гьес баркала загьир гьабуна гьава-бакъалъухъ балагьичIого, квач-цIороялдаса хIинкъичIого заманги батун тадбиралда гIахьаллъизе цадахъ рачIарал ишцоязе.

   — Баркала кьезе бокьун буго нижер хIурматги гьабун гьаб тадбир тIобитIизе ракIалде ккараб Гуни росдал школалъул коллективалъе. Гьаниве жаниве лъугьиндал, ракIалде щвана лъимерлъи, сундулго ургъел гьечIеб аваданаб заман, эбел-эмен. Заман хехаб гIор гIадин унеб букIуна. Гьединлъидал нужеца хIаракат бахъизе ккола щибаб лахIзаталдаса пайда босизе, лъай тIалаб гьабизе. Гуниял кидаго рукIана ва руго гьабулеб квердухъ билълъарал, бажари-гьунар бугел. Гьаниб церерахъиназда бихьана, нужеда гьоркьорги руго гьединал. Гьелдаго цадахъ нилъ рукIине ккола рижараб росу-ракьалъе ритIухъаллъун, гIадат-гIамалалъе, ВатIаналъе хилиплъулареллъун. Ахираб заманалда Украинаялда лъугьа-бахъунебги бихьулеб батила нужеда. Гьениб Западалъул политикаялъ къосинарурал гIадамаз жидерго улка кIалагъоркье чIвазабулеб буго. Гьединаллъун рукIинчIого рукIине ккани хIаракат бахъизе ккола школалда лъикI цIализе, рукIине ккола захIмат бокьулеллъун, — ан абуна З. Ильясовас.

  Хадув кIалъазе вахъарав «Возрождение» школалъул директор МухIамадхIабиб Халидовасги лъикIаб къимат кьуна лъималазул церерахъиназе.

   — Дун хIайран гьавуна нужер кьурдуцаги кучIдузги. Гьаниве вачIунелъул щибго щаклъи букIинчIо нуж гьединал гьунар бугел ратиялда. Щайгурелъул нужер гьаниса машгьурал гIадамал гIемер рахъиндалха. Гьезул цояв ккола политикиявгун жамгIияв хIаракатчи Зикрула Ильясовги. Бадибе рецц гьабизе рекъараб букIунаро, амма абичIого ресги гьечIо. Гьев вуго нилъее сундулъго мисал. Дие бо­ кьилаан гIагараб заманалда нуж хIалбихьи бикьизеги цоцазе хIалтIул балъголъаби рагьизеги нижехъе, МахIачхъалаялде, гьоболлъухъ рачIани. Гьал къоязда «Возрождениялда» Санкт-Петербургалдаса гIалимзабиги рачIун тIоритIизе руго семинарал. Гьезда гIахьаллъизеги ахIула дица нуж, — ан абуна гьес.

АхIмад МуртазагIалиевас бицана рахьдал мацIалъул, гьеб кIочон тани миллат билулеблъиялъул, гьелъул маданият, рухIияб бечелъи тIагIунеблъиялъул хIакъалъулъ.

   — Умумуз ирсалъе аманат гьабун тараб гьеб хазина нилъеца жакъа цIуничIони, метер кватIун букIине буго. ГIурус мацIги къваригIуна, гьебги лъазе ккола, амма нилъерабгоги кIочон гуребха. Лъимал, нуж цоцада гаргаде магIарул мацIалда, учительзабазги хIаракат бахъе цIикIкIун гьеб хIалтIизабизе. АхIмакъал директорзаби сабаблъун шагьаразул цо-цо школазда миллиял мацIазде кIвар кьолеб гьечIо, цо-цоязда гьел малъулелцин гьечIо. Районазда гьединаб ахIвал-хIал батиларо. Амма гьеб рахъалъ гьабулеб хIалтIи нахъе ккезе тезе бегьуларо. Жакъа ниж Гуниялде рачIана Зикрула Ильясовгун цадахъ. Гьес ахIараб бакIалде къватIире рахъине щвей ккола Со­ веталъул членазеги, гьединго гьал­ магъзабазеги чIухIилъун. ЦIакъ бо­ кьана нужер хинаб гьимиги хIеренаб кIалъайги. Баркала тIадегIанаб да­ ражаялда къабул гьаруралъухъ, — ан абуна А. МуртазагIалиевас. Хадур цIалдохъабаз гьалбадерие кьуна суалалги. Заман тIад буссунеб гьоколъун букIарабани кинаб гIуж тIаса бищизе букIарабин, абураб суалалъе гьадинаб жаваб гьабуна гьес:

— ТIаса бищилаан гьаб школалда цIалулеб мех, ургъалабазул гьир тIад гьечIеб бищунго талихIаб лъимерлъиялъул гIуж. Хадуб Хасавюрталда сельхозтехникумалда, Москваялда академиялда, МахIачхъалаялда Университеталда цIалулеб студентлъун вугеб заман. Лъимал гьарураб, эменлъун вахъараб мехги ккола бищунго рохалилал лахIзатазул цояблъун.

Бицана гьес дагьаб цебе «Возрождение» школалда букIараб гьединабго дандчIваялъул хIакъалъулъги. Баркала загьир гьабуна тадбиралъул хIаракатчагIазе, школалъул коллективалъе ва гьелда гIахьаллъизе рачIаразе.

   Ахиралда киналго щвана школалъул музеялдеги. Гьенир цIунун ругел къиматал тIагIалабазул, экспонатазул бицана тарихалъулгун физикаялъул мугIалимзаби Мажид Мажидовас ва Сайрудин НургIалиевас.

 Темирхан ХIасанов