ЛъагIалил гIуж борцун ракулел цIаял

 

 

   ЦIи-цIиял рекIелгъеял цIикIкIанагIан хисулел умумузул гIадатазул пикру гьабичIого хутIуларо. Гьел цояз какула — бусурбабазе бегьулеб къагIида гурин, цогидаз реццула — росу чIаголъизабулел, рекIее цIилъи кьолел гIадатал ругилан. Жакъа бицен гьабизе бокьун буго, Дагъистаналъул цо-цо росабалъ цIунун хутIараб, хасел чIеялъул сордо кIодо гьабиялъул. Гьебги букIуна декабралъул 21-22 къояз. Хасалил бищун халатаб сордоялъ аслияблъун букIуна росдадаго бихьулеб борхалъуда кIудияб цIа бай ва щивасул рокъоб цIетIе гьарзаго бакъвараб гьан-бакьалъул хъазан ккезаби. Нижер росдал цIикIкIараз мажгиталда цереги кIусун хIисаб гьабулаан бакъ баккулеб, тIерхьунеб бакIалъул. Бищунго гьитIинаб къоялъ, ай хасел чIараб сордо лъалаан бакъ унеб щобда чIвараб кIиго заниялъухъ балагьун. Гьел заназда гьоркьосан гIодобе бакъ щинкIараб сордоялде абула кIодосордойилан. Жидехъ балагьун лъагIалил гIуж роцIинабулел гьел занал жакъа къоялдаги гьенирго руго. Байрамал гьарза гьечIеб заманалда росуго букIунаан хIадурун кIодосордоялда дандчIвай гьабизе.

 

ГодекIаниб рекIелгъей

 

        КIодосордоялъул тIоцебесеб, гIисиназеги чIахIиязеги гIахьалаб ихтилатлъун букIана гвадали (кIудияб цIа бай). Гьелде хIадурлъи гьабулаан росдал гIолохъабаз. КъотIулаан магъилъа цебеккунго балагьун хIадур гьабураб гъветI. Гьеб бехъерхъулаан росдал тIарада бугеб гохIде ва гьениб бахъун чIезабулаан. ГIисинал лъимал унаан росдал руччабахъе цIатари балагьизе. Руччабаз цебеккунго хIадур гьабун букIунаан заз-хъарахъ гьоркьоб бугеб хер, цIоросаролъил гIучIалъул гулал ва цоги бухIизе бегьулебщинаб. Гьеб цIатари рекъезабулаан гIолохъабаз гохIда щула гьабураб гъотIода. Киналго гьидерил росабазул гIадамал ралагьун чIун рукIунаан къо рукIкIиналъухъ. Канлъи къотIарабго цIа гъолаан. Къец бан, лъилдай бищун кIудияб цIадул гIер букIунебан, киналго росабаз цоцазда рихьулел бакIазда ралаан гьелги. Харабаз хал гьабулаан кIкIуй кибехун унеб бугебали. Гьеб росдада тIасан кIкIалахъехун унеб бугони, киналго рохулаан бачIунеб соналъ хIалухъин бечедаб щвезе бугилан. Хадуб хIаракат бахъулаан гьеб гъветI бегизабизе. Дагьабго чIурхIун гуреб щибго лъугьинчIеб гъветI бехъерхъулаан мажгитул кIалтIе, ялъуни годекIанибе. Гьениб гьеб къотI-къотIун гIисин гьабулаан. Щивав цIадухъе вачIунес босизе кколаан цIа рекIинелъун гъоркь лъезе кан, бакъвараб цIулал мачIо. Гъоркь бакъварабги лъун, тIад биччараб гъотIол цIулги лъун, бакулаан кIудияб цIа. МаркIачIул какдаса хадур росдал гIадамал къватIире рахъиналде гьелъул лъугьунаан рикIкIаде хинлъиги канлъиги кьолеб цIа. ЧIахIиял тIингъаз мугъалги хинлъун, цереса цIадуда роркьулаго цIвакарал ганчIазда гIодор чIолаан чIахIияб ригьалъул бихьинал.

 

  Гьел сардазул сипат-сурат паркъула гьанжеги цебе: годекIан бакьулъ цIулал кIудияб цIа, зурмил къвакъвади, къолол двари. Сверухъ тIохаздеги рахун, тIимгъазулъги рахчун хал гьабун лъимал. КIочонаро кополав мугIалим Расулил кечI: «ГодекIанив ганчIида гIодов кIусун вукIаго…» Такрарлъулел цого рагIаби чIамучIлъун гьесул гьудул ГIарипица балеб ахIи: «Ле, Расул, хисизабе гьеб кечI!» Расулица цIидасан байбихьула: «ГIодов кIусун вукIаго ганчIида годекIанив…» «Ялъачи, Расул, цоги кечIго лъаларищ дуда?» «ГIарип, дуда гьабги лъаларо». «Лъалароха», — ян велъулев ГIарип. Кеплъун ругониги, бихьиназул кIалдиса рагIулареб цониги тохаб рагIи.

 

Ци-бацIал

 

   Гьебго заманалда, кIодосордо баркун рукъзабахъе хьвадизе хIадурлъулаан гIолохъабазул къокъа. Гьезда гьоркьоре унаан «херав», «хIама», «бахIарай», гьей цIунулев чи ва къокъадул цевехъан. Жиде-жидер хъулухъалда рекъон ретIа-къанги рукIунаан гьел. Херасда бегуниса ретIараб тIимугъ, халатаб мегеж, кIудияб гъалараб тIагъур, «хIамида» кодор рукIунаан хулжал, яс цIунулев чи яргъид гIуцIун вукIунаан. Ясалъул роль хIазе, берцинго къачIа-кIатIан, гьумерги бахчун, жинс-куц рекъарав гIолилав толаан. Цевехъанлъунги куц-мухъ хисизабурав, амма щивали ватIа вахъизе лъалев гIолохъанчи вукIунаан. «БахIарай» щивали лъазе бокьун, цеве къалев, гьелда квер хъвазе, кIаз нахъе цIцIазе лъугьарав чиясда бадиб рахъул хъат ялъуни гьодилъ тIил щвезабулаан.

 

   «Ци-бацIал» щолаан росдал киналго рукъзабахъе. Щибаб хъизанрукъалда, гьезул рукIа-рахъиналда рекъараб махсаро-хочI гьабулаан гьениб. Рокъосан лъикIаб кванил махI чIвайдал «хIама» чехь унтун бугин чIолаан, хIамихъего ахIдон рокъоса гьан щвечIого къватIибе билълъунароаан. КIодосордоялъ гьабулеб аслияб квен гьанги тIамун хинкIал рукIиндалха, цIетIасаго бахъунги унаан гIолохъабаз бакь. Гьеб кинабго махсаро рихунев чиги вукIунароан. ГIемерисел сайигъатги хIадурун «ци-бацIал» рачIиналъухъ балагьун ратулаан, хIадурун букIунаан гьезие кьезе пихъ, цIулакьо ва цогидаб.

Щварас щвараб маска тIад ххун, гьурмада лахI бахун, рукъзабахъе хьвадулаан гIисинал васазул къокъабиги. ЧIахIиял гIолохъабаздаса балъго, гьезда дандчIвалареб хIалалъ рахча-хьвалелги рукIунаан гьел. Щвараб давлаги цо бакIалдеги бакIарун, цадахъ кваналаан гьез.

   Росу сверун чIахIиял «ци-бацIал» тIад руссун щвелалде чIобоголъун годекIанги, тIеренлъун цIадул габур батулаан. Сардил бецIлъиялдаса пайдаги босун, цIул балагьизе ритIулаан гIолохъабаз жидерго къокъацоял. Росдал гIадамаз кьун щварабщинаб нигIмат киназдаго гьоркьоб бащадги бикьун, цIидасан байбихьулаан гIолилазул рекIелгъей.

Гьелдалъунги кIодосордо лъугIулароан. ГодекIанир тIоритIулаан цIадуда тIасан кIанцIи, бекI тIами ва чанги кополал хIаял. КигIан хъачIабгицин махсара рихинчIого, аваданлъиялда сордоги тIамун, рогьалида руссунаан гIолохъаби рокъоре.

Росдал годекIабахъ рагIараб тун батIияб цIияб хабар лъалареб, къанагIат гурони газет-журналал, телевизорал гьечIеб доб заманалда, гIадамал урхъун рукIунаан гьеб сордоялъухъ.

   Гьанже чIороголъулел росабазул годекIаби, чIунтарал гьоцIцIаби урхъун ратила жамагIат данделъарал тадбиразухъ. Кин бугониги, цо-цо росабалъ цIакъ кьварун жидерго гIадатал цIунулел руго.

 

ЦIадуй бетIер къулун наку чIваларо

   РабигIат Къурбанова: «Хасел чIараб къоялъул къаси гIадатазда хурхарал чанги тадбирал тIоритIула нижехъ. Руччабаз данделъун цадахъ квен гьабула, гьеб кваназеги цо бакIалде ракIарула. Миллиял хIаял тIоритIула, хераз гIолилазе росдал тарихалъул бицуна. Гьеб къоялъ, росу бакьулъ кIудиял хьагазда гъоркь цIаялги ракун, мугь белъулеб гIадатги буго. Гьебги росдаего бикьула, босизе рачIаралщиназ росу-жамагIаталъего дугIа-гьари гьабула. Росдал гIадамал жеги цолъизарула, гъункизарула гьеб тадбиралъ.

 

Исанаги Шамил районалъул Ракьуб росдал жамагIаталъ цIакъ берцинго дандчIвай гьабуна кIудияб сордоялда».

 

   Хадижат ХIусенова (Лъахъ): «Бечедаб яшав гьечIониги, цере гIадамал рукIана цоцалъ ракIжубарал, аваданал. Гьанже гьел гьоркьорлъаби хисулел руго. Гьеб бицинчIониги, киназдаго бихьулебги буго. Хисун буго кIодосордо гьабиги, гьечIо гьелда хурхун гьабулеб аваданлъиги. «ЦибацIалиланги» абун рачIуна лахIуца гьурмал релъарал, сипат-сурат батIабахъизе лъаларел лъимал. Рукъзабахъе хьвадиги, гъоб цебе гIадаб махсара-хочIги гьанжесел гIолохъабазул гьечIо. Цебе гIадин, гьангун хинкIал, пихъ къабуллъулеб гьечIо гьанжесел лъималазе гIарац гуреб батIияб жо босулебги гьечIо.»

 

   ПатIимат Хираева (ГьентIа): «Мисалалъе, гьентIасез гьеб сордо гьабсагIатги тIобитIула нижеего хасиятаб аваданлъиялда. Хасалихъего данде гьабун букIуна росдал хобал рацIцIараб гIучI-мукъул. ГIолохъабаз ракIарула машинабазул басриял бурдул. ГIисинал васаз, жанибе турутги бугIун, тIаде нартги тIун, хIадурулаан жидеего маххул банкаби. ЦIаги гъун, тукниялдаги рухьун хьвагIулаан гьез гьел ракетабиянги абун. Гьанже гьел банкаби хисун руго кьер-кьерал кьвагьулел жалаз, феерверказ. ЦIа бакараб бакIалдаса, гIолохъабазул ихтилат гочуна лъилниги рокъобе. Гьениб камуларо кочIохъабазул, зурма-къалиялъул гIахьаллъиги. ХIакъаб жо буго, цIадуй бетIерги къулун лъицаго наку чIвалареблъи. Гьеб ихтилат-хIаязул зарал гьечIо я диналъе, яги гIадлу-низам цIуниялъе».

 

ПатIимат ГЬИТIИНОВА