Беричаб тIабигIат, лъикIал гIадамал

 

 

 

 

  БатIи-батIиял хъулухъазда хIалтIулаго, дун жаниве щвечIеб къанагIатабги магIарул росу хутIичIо. Гьел руго цоязда цоял релълъинчIел, жидерго хаслъи, магIишат-яшав, къисмат, тарих бугел. Щибаб росдал ракьалда руго тIабигIаталъул хIик­матал бокIнал, тIабигIиял ва тарихиял памятникал.

   Амма Алмахъ… Лъабго-ункъо соналъ цеве Ленинаулалдаса алмахъав, цевегосев гьудул ГIалиасхIаб ГIумарасхIабовас ахIун, гьевгун цадахъ ниж ана Алмахъалде. ЛъагIалил бищун гьайбатаб мех, тIогьолаб рии, балагьун ракI гIорцIулареб гIажаибаб тIабигIат, рохьаз бахчараб сверухълъи, рахьхъахIал лъарал, цIорорал иццал – дун битIахъе хIайран гьавуна Алмахъалъул тIа­бигIаталъ. Гьенир дие «гидаллъун» рукIана ГI. ГIумарасхIабов ва дагьав цеве къадаралде щварав мунагьал чураяв Топаев ХIосен. Гье­ниса вуссиндал, «ХIакъикъат» газеталда Алмахъалъул хIакъалъулъ гьитIинабго макъалаги хъван букIана дица.

 Исана хаслихъе тарихчи Тимур Айтберовгун, ХIажимухIамад ХIажимухIамадовасул ва Динуч Динаевасул ахIи къабул гьабун, сапар гьабуна Алмахъалде. БакI ккун букIаго абила, цогидаз мисал босизе мустахIикъаб буго гьев кIиясулго гIагараб ракьалде бугеб рокьиги, росдал тарих цIехезе, гьеб гIолел наслабазе цIунизе гьабулеб бугеб хIаракатчилъиги.

  Доб роол гIужалда гIурччинаб партал ретIун букIараб Алмахъазул тIабигIат тIубанго хисун батана хасалихълъиялъул меседил кьералде.

  Динучица ва гьевгун цадахъ нижеда дандчIвай гьабурал «Нижер рукъ» гIуцIиялъул правлениялъул председатель Аюп Нуцалхановас, Алмахъ росдал бетIер МухIидин Салаевас, краевед МухIамад Сираждиновас нижеда рихьизаруна тарихиял бакIал – Кавказалъул рагъда шагьидлъарал гъазизабазул, шайихзабазул, гIалимзабазул хобал, Шамилил гьобо. Бицана, АхIулгохIдаса Шамил Алмахъалдасан Чачаналъе иналъул, Шамилица рещтIен гьабураб гьобоялда «Шамилил гьобо» абун цIар лъеялъул ва цогидалъул хIакъалъулъ.

  ЦIакъго рекIее асар гьабуна алмахъазул некIсияб мажгиталъ. Гьелъул къадалъ лъураб ганчIида бикIун буго гьижрияб тарихалъул 132 сон, ай гьеб кколеб буго 750-абилеб сон. ХIисаб гьабураб мехалъ, гьеб мажгит кколеб буго Дагъистаналъул ракьалда рарал тIоцересезул цояб. Гьеб мажгиталда жаниб 1845 соналъул октябралда Имаматалъул КIиабилеб съездалде данделъарал вакилзабаз, Шамил имамас цевехъанлъи гьабун какал рараб бакIалда къаде какалги ран, Динучица ва культураялъул рукъалъул директор Лейлаца росулъ хIадурун батараб тепсиялъул тIагIамги кванан, ниж тIадруссана.

  КватIун букIаниги, цоги нухалъ баркала кьезе бокьун буго Динучие, ХIажимухIамадие, Лейлае ва цогидалги нижгун дандчIварал алмахъазе – гIагараб ракьалъул патриотазе.

 

ТIоцебесеб сапаралдаса хадуб рекIее гьабураб асаралъул бицун дица хъван рукIана цо-цо шигIриял мухъалги:

МагIарулъиялъул улка-ракьалда букIинчIо дун щвечIеб росуги бакIги.

РекIелъ букIаниги, ваккизе щвечIеб, щаяли букIана кIочон тун Алмахъ.

Гьадинаб берцинаб ракь, бицун рагIараб, гIедегIичIев щай дун гьаниве щвезе:

ГIурччинаб тIансалъун Салатавия, сурат жавгьар гIадаб Алмахъ бихьизе.

Рохьазул гьарзалъи, лъаразул чвахи, чундузул, хIанчIазул хIайранал бакънал:

ХIикмат гьавичIого чи кин хутIилев ТIадегIанас кьураб гьаб беричлъиялъ.

МугIрул тарихалда цIар бугеб Алмахъ, арал гIасрабазда некIсияб шагьар.

Щобазда, гохIазда – сверухъ отарал, — абадиял нугIзал – халатаб тарих.

ГIелаз гIелахъе кьун чан къисса бугеб, къокъарал веказул гьаниб цIунараб.

Биценал гIемерал араб мехалъул авар тарихалда цIар бугеб росдал.

МагIарухъе каву, лъаргIибе нуцIа, некIсияб бодул нух Алмахъалдасан.

АхIиял, ругьелал, рагъал, къеркьеял —  къисматалъ алмахъал кIвекIана гIемер.

Дун пана гьавураб гьайбатаб бокIон! Гьоболлъухъе чанги щвела нужехъе.

Нилъер умумуз ас борхатго ккурал, алмахъал, нужее даимаб рохел.

Пайзула Пайзулаев