Къарахъгун Кьесерухъ лъалхъараб заман

 

   Араб анкьалда «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабаз сапар бухьана хIасратго ахIулеб кечI-бакъаналъул ватIан, махщел тIокIал къадахъабиги бергьараб гьунаралъул гIалимзабиги жаниб рахъараб ЧIарада районалде.

    Салам кьуна къаралазул некIсиял росабазе, асир гьаруна кьесер мухъалда ругел умумузул басриял минабаз. Цебе чIезабуна гьезул захIматаб яшав, хIайран гьаруна берцинаб тIабигIаталъ. Зиярат гьабуна бергьарал гIалимзабазул ва тIарикъаталъул машгьурал шайихзабазул зияратазде. ЦIидасанги хIухьел ккун гIенеккана гIагараб ракьалъухъ, хIохь бан гьекъана тIадмагIарухъан бурун бачIунеб цIорораб иццул лъим…  КIиго къоялда жаниб гIемераб жоялда берчIвана, ракIалде щвана цебего кIочонтанщинаб, гьайбатабщинаб, баракатабщинаб. Жакъа нилъее цIакъго хIажат бугеб, магIарухълъиялъул махIги, рухIги, инсухълъиялъул рухIияб къуватги чорхолъе рещтIун, цIидасан рачана лъимерлъиялде, батIияб, берцинаб дунялалде.

   Жакъасеб номералда хIаракат бахъила ЧIараде гьабураб сапаралдаса бищун аслиял лахIзатазул бицине.

 

ЦIуриб, сахлъи цIунулелгун накъиталда

 

    ГIумархIажи Шахтамановас кIочIолъ абухъе, «АваргIурухъе, инсухъе вас гIадин, гIедегIун бачIунеб» Къарал гIурул рагIалчIван эхеде рачIунел ниж, къалъудаса хадур рещтIана ЧIарада районалъул центр ЦIуриб росулъ. Райбольницаялъул азбаралда нижеда дандчIвай гьабуна бетIерав тохтур Къурбан Рамазановас ва гьесул хIалтIухъабаз. Ниж рачIиналъухъ ралагьун ратана гьел. Хъваш-баш гьабун бахъиналде, жиндирго кабинеталде рачана гьес гьалбал. Гьениб кIудияб столалда гьарзаго тIибитIун букIана квен-тIех. Сапаралда ругел чагIи ракъун рукIунин, столалде нахъе къабул гьаруна Къурбан МухIамадовичас. Гьениб лъай-хъвай ккана 1966 соналдаса нахъе кIудияв терапевтлъун хIалтIулев ГIимран МухIамадовасулгун. ЦIакъ хабар гьуинав, гIумру бихьарав, кIудияб махщалил хIалбихьиялъул инсан вугоан.

    ЛъикIаб тадбирги, гIадлу-низамги бугин тана дица ЦIуриб райбольницаялда. Гьеб нижее тасдикъ гьабуна гIолохъанал тохтурзабазги. «Земский доктор» абураб федералияб программаялда рекъон, гIолохъанал васалгун ясал (17 чи) руго жакъа ЧIарада райбольницаялда хIалтIулел. Гьелгун гара-чIварана.

  МахIачхъалаялда гьаюрай ва гIурай  ГIабидат Шамилова «Земский докторлъун» ЦIурие хIалтIизе ячIана 2013 соналъ. Гьеб программаялъул болжал лъугIаралдаса анлъабго сон баниги, гьаниса нахъе инеги ракIалда гьечIо гьелда

     — Тохтурлъун яхъине анищ букIана дир кидаго. Гьеб гуреб батIияб махщалида нахъа дунго йихьулароан. ГьитIинаб мехалъги кидаго ясикIаби сах гьарулей, гьел кьущалей йикIунаан. Хадуб дица байбихьана гьабзазе, кутузе, хIанчIазе дараби гьаризе. Гьедин ячIана дун тохтурлъиялде, — ян бицана ГIабидатица.

— Тохтурлъун хIалтIизе захIмат бугищ жакъасеб дунялалда?

  — ЛъикIаб суал буго (елъулаго). Тохтурлъун хIалтIизе захIмат гьечIо, гьев берцинго хIалтIизе танани, амма жакъа нилъер гIадамал цIакъ согIлъун руго, гьезул ракIал хъачIлъун руго. Смартфоназдагун, компьютеразда нахъаги рахчун, гьезие цIакъ бигьаго буго, соцсетаздаса чороклъи тIибитIизабизе, тохтурасде чи ккогегиян, гьел гIадамал чIвалел чагIи ругилан, инжитал харбал риччазе. БитIараб буго, тохтурасухъе черх ккогеги, чияр цIобалде рукъ ккогеги ян абураб кици буго умумузул, амма нижги батIаго унтун, чара къосиналъ гIадамал нижехъе ккагиян, Аллагьасде гьардолел рукIунарелъул. Ккун хадуб гьел сах гьаризе рухIги жанги кьун рукIуна, амма гьеб бичIчIулел гIадамал дагь рукIин бихьулеб буго, — ян бицана нахъойги ГIабидатица.

    Пандемиялъул заманалда жидер гьанив щивниги хвечIиланги тIаде жубана гьелъ кIудияб разилъиялда.

    2016 соналъ медакадемияги, хадуб интернатураги лъугIун хIалтIизе ячIана гьение МухIамадова Асиятги. Гьелъулги контракт ахиралде щолеб буго, амма ЦIуриб ракI рекъон бугин бицана гьелъ:

    — БитIараб бицани, дие тIоцебе тIириниги бокьун букIинчIо гьание хIалтIизе ячIине. МугIрузул росулъ бугеб больницаялде йитIулей йигин бициндал, дагьай рахIатхунцин йикIана. Нилъедаго лъаларищха, росдал цIар бахъарабго гьанжесел, дунго гIадал гIолохъабазул рукIунел ассоциациял. Шагьаралда гIадал квегIенлъаби, цивилизациялъул «рахIатал» гьечIеб бакIалде ине хвезе гIажалгIанги бокьуларого рукIуна гьел. Гьединго йикIун ятила балатIаго дунги. Амма гьанже дун гьаний ругьунлъана, лъикIаб ракIрагьараб коллективги буго, иманалъул цIураб ракIалъул бетIерав тохтур Рамазан МухIамадовичги вуго. Гьанийго чIела, Аллагьас хъван батани.

— Гъоркьисала, пандемиялъул заманалда цIакъго къо бихьанищ?

   — Гьеб мехалъ дун декреталъул отпускалда йикIана, гьединлъидал дида гьеб хъатIичIо. Дуда лъанила рокъой чIезе кколеб мехилан дие махсараби гьарулел алги рукIана (елъулаго). ЗахIматаб дие букIана тIоцебесеб сон. Жеги щиб кинали лъаларого, гъорлъе кколарого гIадин йигей дун лъалареб жо гьикъизе йортулаан чIахIиял коллегабазухъе.      Азарабго баркала буго гьезие, — ян разиго абуна гIолохъанай тохтуралъ.

    БетIерав тохтурасул заместитель ГIабдула Шабановасул умумул ккола КIулзеб росулъа. 1944 соналъ Чачаналде гочинабун букIана гьезул росуго. Нахъвуссун магIарухъе щивниги вуссинчIо, гьезул жамагIат паракъалъана Гъизилюрталда. Гьенив гьавуна ва гIуна ГIабдулаги. 2014 соналъ вачIана гьев ЦIуриб больницаялда хIалтIизе. Сабураб каламалъул, иман бугев гIолохъанчи вуго ГIабдула. Жиндирго хIалтIиги лъикIго лъалеб бугоан гьесда.

   — Дун ккола нижер КIулзеб росулъа ватIаналде нахъвуссарав тIоцевесев чи. Аллагьас хъван батани, инсул росулъ умумузул букIараб мина цIи гьабизе ракIалда буго дида. Хьул буго дида хадур рилълъун, цогидазги мисал босилилан.

    Больницаялда нижер щивас гьабулареб хIалтIи букIунаро. МахщелчагIи дагьал гурони   гьечIолъиялъ, цояв цогидас хисун, бокьараб хъулухъ тIубазе хIадурго рукIине ккола. Жакъа унтабиги гIемерлъун руго, унтуцаги херавин, бахIаравин тIасавищулев гьечIо. Хасго гIолохъабазда гьоркьор захIматаб гIузру бугел чагIи цIикIкIунел руго, — ян бицана ГIабдула Шабановас.

     Гьединго нижергун накъиталде гъорлъе жувана ГIириб росулъа гIолохъанав хирург  ГIабдулнасир Аталовги. Анкьго сон буго гьесул ЧIарада райбольницаялда хIалтIулев. ЦохIо гьев гурони, тIокIав хирург гьечIо жакъа ЦIуриб больницаялда.

    Сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабазда аскIоб саламатаб заманги бан, райцентралда бугеб музеялдеги щвана. Гьенирги щибаб некIсияб тIагIелалъ пана гьарунги хутIана, таманал сураталги рахъана. Умумузул пуруц-рукьалдаса байбихьун, цIулал гIучIалтIамазде гIунтIун, гьениб камураб алат-квараги букIинчIо. Бечедаб музей буго ЦIуриб. Амма халатккун заманалъ гьенир лъалхъизе рес букIинчIо. Ниж гIедегIун рукIана ЦIулде.

 

Имамасул мирза, гIакълучи ва гIалимчи

 

     ЧIарадисезул Къарал мухъалда бугеб ЦIулда росулъе щвезе цебего бокьун букIана. КIудияв Шамил имамасул мирза, сапарцояв гьалмагъ, гъазаватазул чIагояв нугI, Къарахъа МухIамадтIагьирил ватIаналде щвана гьале исана. Амма цин гьенире рахиналде ниж  рещтIана нухда батулеб Улъухъ абураб гьитIинабго росулъ. Гьениб буго 1776 соналъ бараб басрияб мажгит. Дагьал церегIан къояз фейсбукалда лъун, бихьун букIана гьелъул сурат.

   245 соналъ цебего бараб куцалда, щибниги хисизабичIого цIунун буго гьеб мажгит.  ГIицIго чIабаралда тIамурал тIансаби рукIана цIияб гIасруялъул гIаламат гIадин. ХутIарабщинабго гьададинго цIунун буго. Гьелъ кIудияб асар гьабуна нижее киназего. Суннатаб кIиго ракагIатаб какги бана, сапаралда вугев чиясул дугIа нахъчIваларилан абураб аварагасул хIадисги ракIалде щун, дугIа-алхIамги гьабуна.

    Басрияб росу буго Улъухъги, ниж гьенир ругебгIан заманалда жаниб гIадамасда берги чIвачIо, гIанкIу-хIелеко гIанасебги рухI бугеб жоги бихьичIо. СихIкъотIи бугоан къаралазул басрияб росулъ. Амма гьеб сихIкъотIиялда жанибги кIудияб къуват букIана. ГIасрабазул гьаракь рагIулеб букIанин ккола гьенив вугеб минутаз. Умумузул заман цебечIезабизе бокьарав чи къаралазул росабалъе гIедегIизе бегьула. Гьениб щибниги хисун гьечIо. Нус-нус соназ цебе тIадмагIарулазул букIараб яшавалъул сурат якъинго цебе чIола гьениб.

   Пикрабаз киве дун вачарав? ЦIулде гурищ дун гIедегIун вукIарав. Хъил течIел нухаздасан гьаругьин унеб джипалъ бигьаго толеб букIана нух нахъа. Гъоркьехун букIана жеги гьитIинаб лъарал сураталда чвахун унеб Къарал гIурул сас. РикIкIада букIаниги, якъинго бихьулеб букIана Нухъакь мегIерги. Гьелъул гъугъдузда гъорлъан лъола байбихьи Къарал гIуруца. Хъатинир лъурал гIадин нижеда цере рукIана Гьочоб, Сачада, Гьачада, Дусрахъ росаби.

   Росдал рагIалда чIун балагьани, цIакъ берцинаб росу буго ЦIулда. Жанире лъугьун рахъиналде квегIаб рахъалда ругел росдал хабзалалъ бихьана тIадги бараб гIурччинаб кьералъул гьитIинабго рукъ. Суал кьечIониги, бичIчIулеб букIана гьеб МухIаматIагьирие зияраталъе бараб рукъ букIин. Живго хвелалде бичун босун буго гьес росдал хабалалъ живго вукъизе бакI. Зияраталъул рукъалда цебе буго машгьурав имамасул мирзачиясе чIвараб цIахIилаб зани. АскIовго вукъун вуго гьесул вас ХIабибуллагь-хIажи ва гьесулги вас ГIабдурахIим.

    ЦIулда росулъ жакъа гIумру гьабун вуго Къарахъа МухIамадтIагьирил анлъабилеб  наслуялъул вакил ГIабдула-хIажи ГIабдулаев. Гьес рачана ниж машгьурав кIудаинсул зияраталдеги.

     — МухIамадтIагьирил цо гурони вас вукIинчIо – ХIабибулагь-хIажи, гьесулги цохIо вас вукIана — ГIабдурахIим. ГIабдурахIим ккола дир кIудаинсул эмен. Дир кIудаинсул абуни,  дир эменги малълъун, лъабго вас вукIана, — ян бицана ГIабдула-хIажица .

   ГIумархIажи Шахтамановасул «МугIалимги мутIагилги» абураб тIехьалдаги бицен гьабун буго Къарахъа МухIамадтIагьирил:

    —Цудунаб хасалихълъиялъул гIуж букIана. Рогьалил гIужалъ гьавугьинан кIиго рекIарав вукIана Рихьуниве щолев. Цебе бугеб чода тIад рекIарав — хъахIаб мегежалъул, гIурччинаб чухъаги ретIарав, херлъиялде ван вугониги, жеги къамартIго ккураб черхалъул чи, чол кьолонив ругьунав вугилан лъицаниги абуни, гьев мекъи ккеларо. У, цебе-цебе бугеб чода тIад гьабсагIат Рихьуниве щолев херав вукIана Къарахъа МухIаматIагьир. Гъазаваталъул соназ имамасул гъеж ккун гIемерал соназ хьвадарав гьесул мирза. Лъеберго сон ана имамас ТIасагъуниб гьесулгун къо-лъикI гьабуралдаса.

    «Дир ярагъ, МухIамадтIагьир, цо букIана, гьале гьаб хвалчен. Жакъа дица гьабги лъалиниб лъолеб буго. Мунин абуни ккола кIиго хвалчадул бетIергьан. Хвалченги лъалиниб лъун, гьанже дуца къалам бегIере. Хъвай дуца гьаб мугIрузда лъугьараб хIакъикъат. Бице наслабазда кин нилъ рагъаралали, хIарп гьоркьоб биччачIого киналго гъазаватазул хIакъикъат рагье гIадамазе», —  ян абула имамас ратIалъулаго.

    Гьедин хъвана Шахтамановас.

    Гьелъул хIакъалъулъги хабар ккана ГIабдулла-хIажилгун. Хъвадарухъабазе хасиятаб жо ккола художествияб асар бечед гьабизе, чиясул сипат сурат гьединаб къимат кьей.

— ХIакъикъаталдайин абуни, гьеб тIехь («Цо-цо кьалда имамасул хвалчадул паркъи»), Шамил жеги гьанив вукIаго хъвазе байбихьун буго гьес. Нартил чирахъул канлъуда гъоркь — Имамас бицунеб букIун буго, гьас хъвалеб букIун буго. МухIамадтIагьирил квералъ хъвараб, цохIо гурони экземпляр гьечIеб гьеб тIехь тIагIун букIана росулъа. ГьанжегIагар щвана дихъе гьеб кодобе. Гьанже Аллагьас хъван батани, ракIалда буго печаталдаги кьабун, цIидасан биччазе, — ян бицана ГIабдуллагь-хIажица.

Шамил Дагъистаналдаса ун хадуб, 1860-1880 соназда Темир-хан Шурав къадилъунги хIалтIун вуго Къарахъа МухIамадтIагьир.

    — Гьел соназулги цо чIванкъотIараб баян гьечIо. Цо бакIалда къого соналъ хIалтIанин хъван, цогидаб бакIалда батIияб тарих буго. Кин батаниги, жиндаго тIадкъараб хъулухъ ракIбацIцIадго тIубазабуна гьес. Темир-хан Шурав къадилъун хIалтIулевгIан заманалда жаниб гьес жиндиего квен рокъоса баччулеб букIун буго, — ян бицана гьесул наслуялъул вакил Г1абдуллагь-х1ажица.

Имамасда цадахъ вугел соназ Шамилица гьев Гьочовеги витIулев вукIун вуго къадилъун. Амма кинго разилъуларого вукIун вуго МухIамадтIагьир. Ахирги гьес абун буго Шамилида жив инин гьениве къадилъун, амма жиндир цо шартI бугин. Нагагь мун Гьочове вачIани, мун цониги нухалъ жинда рещтIунгутIизе. Щайилан гьикъани, балагье, имам тIад рещтIунев чи вугилан гIадамаздаги рагIун, диего цIар-рецц щвезе бокьиларилан  абураб пикруялъ.

     Ярагъги бан, имамасда тIаде ине изну бугев чи цохIо гьев вукIун вуго дол соназ. Гьединаб мегIергIан борхатаб даражаялъул чи вукIана имамас жиндаго аскIов цIунун. Кидаго цадахъ баччун мусруги букIунаанила гьесда. Щай дуца аб цадахъ босулебин гьикъидал,  МухIамадтIагьирица абун буго: «Дун цо халатав, хIалакъав, гьури бахъани, рехун унеб гIадаб къаркъалаялъул чи вуго, божи гьечIев, гьелъ баччун букIуна дица мусру цадахъ».

 

Инсулги васасулги кIиго батIияб даража

 

    Гьединабго тIабигIаталъул чи вукIана гьесул вас ХIабибуллагь-хIажиги. Диналда кутакалда тартибги, рацIцIа-ракъалъиги цIунарав, цIакъ гIелмуялда гIамалги рекъарав инсан вукIун вугин бицана гьесул хIакъалъулъ ГIабдуллагь-хIажица.

     Мажгиталда аскIоб гIадин букIун буго гьазул мина. Как ахIизе унев чи, ХIабибуллагь, рокъорго хьиталги тун гIицIго унев вукIун вуго мажгиталъул тIохде. Ай, как базе мажгиталде жаниве тIаса хьиталги рахъун гурони ине бегьуларин абураб адаб цIунун буго гьес, ракьул тIохде тIаде унагоги. Гьеб мехалъ абун буго МухIамадтIагьирица гIелмуялъул рахъалъ вас жиндеги вахинчIин, диналъулъ варагI цIуниялъул рахъалъ васасде живги щвечIин абун.

   Кутакалда хатI берцинав чи вукIиналъ ХIабибуллагь-хIажица гIемерал гIелмиял тIахьал хъвалел рукIун руго. Гьедин щакъиялъе лъим босизе мажгиталдаса рокъове унев вукIун вуго гьев. Рокъове инчIого, мажгиталъул хIавузалъуса щайин дуца лъим босуларебин цо нухалъ гьесда гьикъидал, гьес кьураб жавабалъул камиллъи бихьизе, гIенекке: «Щакъи гьабизелъун, мажгиталъубе чвахулеб лъим дица харжги гьабун, какичуризе вачIунев чиясе гьелъул цо къатIрагицин камуни, къиямасеб къоялъ дица жаваб кьезе ккола», — ян. Гьединав камилаб тIабигIаталъул чи вукIун вуго МухIамадтIагьирил вас ХIабибуллагь-х1ажи.

      ЦIулда росулъ гьединго цIунун буго машгьурав Къарахъа гIалимчиясул мина, гьесул хIужра-рукъ. Шкафалъур цIунун руго МухIамадтIагьирил квералъ хъвараб 112 гIанасеб тIехь. Гьезул щибалда тIад буго гIалимчиясул жиндирго хасаб мугьру. Гьезда тIаде къулизеги щвана. БокIнилъ, берцинго гьабураб гъутухъалда жаниб цIунун буго имамас гьесие сайигъат гьабураб хвалчен. МухIамадтIагьирица квализарурал алатал, гьесул кверзул рагъа-ракариялда хадуб хал ккураб ункъабго къедалъ гIемераб балъголъи гьурщилаан нижее, кIолебани. Гьединал пикрабаз кверде восана ЦIулдаса кIудияв гIалимчиясул хIужра-рокъов вугеб минутаз.

    Рукъалда гъоркь буго вас ХIабибуллагьица жиндирго квералъ бухъун гьабураб, халваталда чIезе унеб букIараб рукъги. Эмен хун хадув, щибаб лъагIалида жанив 40 къоялъ халваталда чIезе унев вукIун вуго гьев, хоб гIадин гьабураб гьеб рокъове жаниве. РухIкквеялъе тIагIамги кванан, цо-цо каки чури цIигьабизе тIадеги вачIун, моцIги анцIго къоялъги, гьев лахIдугIан бецIаб гвандиниве лъугьунаанин бицана ГIабдуллагь-хIажица.

   Щвана ниж гьединго МухIамадтIагьирил цIаралда бугеб музеялдеги. Гьениб жаниб цIунун бугебщинаб жоялде бер щвезабун бахъунарого рукIана ниж. Заман иналъ чIегIераб кьер рехарал гIелмиял тIахьазул цIураб шкаф бугоан гьенибги.

   Гьединабго шкаф буго 335 сон бараб ЦIулда росдал мажгиталъубги, гьенирги руго тIахьал. Кинабниги, росулъ бугеб анкьго библиотекаялъуб жакъа цIунун ругин 800-ниги тIехьин бицана Къарахъа МухIамадтIагьирил цIаралда бугеб музеялъул гIелмияв хIалтIухъан ТемирбутIа ТемирбутIаевас.

    Жиндир заманалда ЦIулда росулъ вукIанин ункъабго мазгьабалъул бокьараб суалалъе жаваб кьун бажарулев 53 гIалимчиян гьес бициндал, цIоро-гъорон хутIана ниж. Къаралазул мугIрул тIогьиб бугеб гьитIинабго росулъ исламалъул гIелмуялъул тIубараб центр букIун бугин абураб пикруялъ асир гьаруна киналго.

 Къарахъа МухIамадтIагьирил гIелмияб ирсалъги, гьесул рухIияб бечелъиялъги гьабураб асарги рекIелъ цIунулаго, бакъ тIерхьунеб гIужалъ къо-лъикI гьабуна нижеца машгьурав магIаруласул инсул росугун.

         Нижер сапарцояв гьалмагъ, филологиял гIелмабазул доктор, профессор Ибрагьимил МухIамадил (МухIамад МухIамадов) ватIан, Рулдаб росулъе щвана ниж къаси сордо базе. Гьесул курсцояв Бакълъухъа ХIажица мандолинаялда ахIулеб кочIоца панаги гьарун, МухIамадил вацасул лъади Мадинаца гьарурал хинкIалги кванан, мугIрузул бацIцIадаб гьаваялъги гIорцIун, регизе рилълъана.

Гьайбатаб тIабигIаталъ сверун ккун буго Рулдаб.

Ункъо хIафизазул нуралъул канлъухъ — Багинуб берцинаб сихIкъотIи буго

 

     ГIириб рузманалъул какги бан, къалъудаса хадур Багинубе сапар бухьине ният ккана нижер. Накъшубандияб тIарикъаталъул шайих, хIафиз Багинуса ШугIайб-афандиясул росулъе щвезе хиял лъуралдаса чанго сон ун букIана.

       Рулдаб росуго гIадин, ралъдал гьумералдаса гIемерго борхатаб бакIалда буго Багинубги. Килщазда рикIкIине цIараки хутIун буго гьенибги жакъа, микьго хъизамалъ гурони цIа бакуларо гъасда. Гьоркьохъеб школа къаралдаса 15 сон бугилан бицана гIемерал соназ учительлъун хIалтIарав Муса ЗабихIовас. Гьанже гьениса (Багинуса) цохIо яс хьвадула Магъар росулъ бугеб гьоркьохъеб школалде. Амма бащдаб чIунтIун бугониги, устарасул баракаталъ батила, лъикIаб чIаголъиги, иман буголъиги загьирлъулеб букIана гьитIинаб росулъ.

     Багинуре щвелалдего, нижеда дандчIвазе рахъун ратана Мусаги гьесул хъизан ПатIиматги. Росулъе жанире раккулаго буго устарасул зияраталда цун бараб мажгит.

    ШугIайб-афандиясда аскIор гьенир рукъун руго цIикIкIарав вас МухIамаднабиги, гьесул яс Написатги, гьелъул вас, цIадул унти багъарарабго 10 сонил ригьалда хварав гьитIинав АхIмадилги. Устарасул ва кIудияв вас МухIамаднабил хобазда гьоркьоб буго ШугIайб-афандил хадусел васал АхIмадие, ГIабдуллае ва ГIабдулвагьабие бараб зиярат. Гьел лъабазулго хоб росулъ гьечIо. Коммунистазул «репрессиязул жул» магIаруллъиялдаго бахъулеб 1937 соналда ятабалъ Сибиралде ритIарал гьезул цонигиял нахъруссинчIо.

    ТIарикъаталъул кIудияв шайих ШугIайб-афандиги гьесул ункъавго васги рукIана хIафизал. Жиндир баракат щваяв устар накълулъана 1909 соналъ. 56 сон гурони гIумруялъул кьечIониги, гIалам бахилал тIахьалги хъвана гьес. Нус-нус мурид битIараб нухде тIовитIана гьес. 32 сон гурони гIумруялъул гьечIев чи хвана гьесул бищун кIудияв  вас МухIамаднабиги.

     ЦIенеб росулъ имамлъун вукIарав гьесда макьилъ бихьула Багинуб живго жанив гIураб мина тIатIала ккун биххун инеб. Жиндие рокъове вуссине бокьун бугила абула гьес макьилъ инсудаги.

    Рокъове вуссине къотIи батичIого, ЦIенеб росулъ къадаралде щола МухIамаднаби. Инсуда аскIов гьев вукъулеб къоялъ, лахIдоялъуб лъураб гьесул жаназаялда тIад гургинаб нур чIун бук1анин бицуна росдал г1адамаз. Лъиданиги кIоларо гьесда тIаде ракь хъвазе. Ахирги бищун гьитIинав вац Г1абдулвагьабица «Иннаанзалнагьу» бисмиллагьги цIалун,  хьвагIула гьесде тIаде ракь. Амма тIаде ракь хъван лъугIизегIан нур тIагIунаро.

        Гьелдаса хадур ккун рачуна уна гьесул вацалги. Гьединаб пашманаб къиса ккана т1арикъаталъул бергьарав устар ШугIайб-афандил васазул. Живгоги гьев ЦIоралда вукIаго, хвалил унтиги чIван, рокъове нахъвуссунаго, нухда хола. Лъебалазул ракьалда, Къамилухъ росдада гIагарлъухъ тIокIав чода рекIун цевехун ине кIолареблъи бичIчIидал, гъоркье рещтIуна шайих. Жив кIудияб сапаралъ хIадурлъулев вугин, тейилан абула цадахъ рукIараздаги. Гьединги абун, ясин цIализе бабйихьула. Ясин цIалун лъугIиялде данде рухIги босула гьев мубаракасул. Гьеб букIана 1909 сон. Гьениса вахъарав цIулал молодаги лъун восула баркат щваяв ШугIайб-афанди росулъе щвезегIан. Свак чучизегIан гьесул жаназа гIодоб лъурал бакIазда анцIгониги зияраталги ран ругин бицана нижеда. Цо ГIириб росдада аскIоб, цояб дагьабго эхедегIан, муг1рул ракьанда г1адин, гьединаб кIиго зияраталде нижги щвана гьеб сапаралда. Гьесул малидул гIоркь ккурал гIадамаз хадуб абулеб букIун буго тIамах тIад бугебгIанги бигьаго босанин жидеца гьесул жаназа росулъе щвезегIан. Гьев тIад ваччараб цIулал мали жакъаги зияраталда аскIоб бугеб мажгиталъуб цIунун буго.

Цебеккунго оцги кьун, жиндицаго устарас бичун босараб бакIалда вукъула бергьарав гьунаралъул гIалим, хIафиз, тIарикъаталъул бергьарав муршид ШугIайб-афанди (къ.с).

БицинчIого гIоларо гьесулги КъахIиса кIудияб макъамалъул устар КъахIиса ХIасан-афандиясулги тIоцебесеб дандчIваялъул хIакъалъулъги. Жиндирго устар, ГIасаса ГIабдурахIман-хIажиги хун, пашманлъиялда вугев ХIасан-устарасда абула Багинуве ШугIайб-афандиясухъе щайин мун унаревилан. ГьедигIан кIудияб даражаялъул устар ватиларин гьевин, дагьаб чIухIи ракIалде ккола ХIасан-устарасда. Гьебго сордоялъ макьилъ вихьула гьесда ШугIайб-афанди. «ВачIа, ХIасан, чIухIичIого дихъе. Дихъ бугеб жо гурони, духъе дицаги кьеларо, гьечIебаб дуцаги босиларо», — ян абула макьилъ устарас Х1асан-афандиясда.

ГIасаса к1удияв устар ГIабдурахIман-хIажияс муридзаби тIоритIизе изнуги кьурав, гьебги бахчун бугев чи вукIуна ХIасан-афанди гьеб мехалъ. Жинцаго абуралдаса ракIги бухIун, гьесие самовар бакизе тIорччол цураб хъапги мугъалда баччун вачIунев вукIуна ХIасан-устар ШугIайб-афандиясухъе. Багинуре щвелалде, нухлул раг1алда гьабсагIатги байрахъги чIван бугеб бакIалде щведал, накабиги гIодор чIван живго гIодовегIан гьавун вилълъине байбихьула ХIасан-афандица. Гьедин гьев вачIунеблъиги лъан, данде чи витIула ШугIайб-афандица , гIадан гIадин вилълъун вачIайилан ХIасанида абизе.

ШугIайб-афандил кавудул кIалтIа кIиявго цоцаздаги хурхун, агьиялда гIодула. Гьезухъ балагьун анкьабго зобги ракьги цадахъ гIодулеб букIун батилин гьеб къоялъин абула гьеб сурат бихьарал херал чагIаз. Гьединаб букIана кIиявго устарасул тIоцебесеб дандчIвай. КIиялгоги гьел цо ригьалъул гIадамал кколаан. ХIасан-устар гьавураб сон ккола 1852, ШугIайб-афандил – 1853 сон.

КъахIиса ХIасан-афанди Багинуве вачIараб мехалъ лъимер гьабизе йикIуна ШугIайб-афандиясул хъизан Марин. КъахIиса ХIасан-устарасул лъадиги йикIуна вас къачIалей. Нилъ кIиясего васал гьаризе ругин, дуе гьавурасда цIар МухIамад-гIариф лъейин, дица МухIамаднаби лъелилан абула ШугIайб-афандица ХIасанида.

Гьел киналго къисаби нижее рицана Муса ЗабихIовасул хъизан ПатIиматица. Устарасул гIумрудул хIакъалъулъ кинабго баян данде бакIарун бугоан гъелъ. ТIехь хъвазе бегьулеб хабар бицана нижееги. Газеталъе къокъ гьабизе кколеб буго.

Мусалги ПатIиматилги рокъоб чайги гьекъон, корохъ бежараб чедгун, гIиял хIанги кванан, гьуинаб хабаралда тIамуна нижеца къо. Устарасул зияраталда цун бугеб мажгиталъуб, бакъани какги бан нухда рахъана. Багинуса ШугIайб-афандиясул баракат камун дуца ниж тогеги, бетIергьан, Аллагьилан, щурулеб букIана кIутIбуз.

Ашахан Юсупов,  

ЦIуриб-Улухъ-ЦIулда-Рулдаб-ГIириб-Багинуб-МахIачхъала