КъанагIатаб гьунаралъул къебелъухъ

   Бежт росулъ буго ГI. Тахо-Годил цIаралда бугеб музеялъул филиал. Гьенире щведал, хIалтIуда ратана музеялъул директор Рамазан Шейховги гIелмияй хIалтIухъан ПатIимат Назариковаги.    

    Музеялъул минаялда абизе бегьула «ГьитIинаб БежтIайиланцин». Гьенире щведал, цоги нухалда ракIалде щвана гIагараб ватIан цIунизе арал гIолилазул бахIарчиял ишалги, гьоркьоса къотIи гьечIеб наслабазул бухьен ирсалъе кьолеб бахIарчилъиги. Гьелъул хIакъалъулъ бицунеб буго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъалдеги данде бежтIадерица гьабураб рагъул баян кьолеб стендалъ.

 

    Минаялъул кIиабилеб рукъ буго гIицIго бежтIадерие хасал экспонатазул цIураб. Руго гьенир бежтIадерил руччабаз гурони хьухьунарел щватабиги, цохIо гьезул гурони рукIунарел накъишалги.

   Цогидаб рахъалда – гIолохъанай эбелалъул бокIон. Гьабураб лъимер лъезе къачIараб гIолохъанаб рицIцIигъотIол гIаркьалабазул хьухьараб гьегь. Угьарал ва рукъарал накъишаз берцин гьабураб кинидул къайи – «беза» (кини баччулеб рачел), «кьодогото» (кинида лъураб лъимералда тIад букIунеб, буртинаялда тIасанги гъоркьанги ххамги букъун, гьелда тIасан кьер-кьерал куназул накъищал гьарураб покрывало), «састIули» (унго-унголъунги нуралъул кьерал такрар гьарулеб анкьго гъаталъул къандалъо – гьелдаги угьун руго накъишал ва рукъун руго кьер-кьерал маххалги маргъалалги). Гьадинаб кини тIоцебесеб нухалда бихьана гьениб. Лъабго моцI базегIан, гьединаб киниялда бущунеб буго лъимер, цинги – гIадатияб киниялда.

   Гьале хури-харинире унеб мехалда руччабаз босулеб букIараб къвачIа. Руго хасаб мурадалъул къучIбиги: сапаралда вугев чияс тамахьо балебги, хурие хIалтIизе унеб мехалда цадахъ цIам босизе хIалтIизабулебги. ТIубалеб хъулухъалда рекъараб роценалъул руго гьел. Берцинлъиялъе – киса-кирего гьарурал накъищалги.

   Щар чIвалеб дад. Гургинаб цIулал къалиялда релълъараб ва бакьулъ хъатгIанасеб каратI бугеб гьелда абула «садгъубери» абун. Музеялъул хIалтIухъан ПатIимат Назариковалъул рагIабазда рекъон, гьеб тIагIел, цIаргун цадахъ, бежтIадерихъе щун буго Гуржиялдаса.

     Адабияталъул бокIон. ХIамзатил Расул жиндирго къункърабигун. Гьебги, гьабун буго ханил гIабулалъул. Гьединал хIикматал асарал жеги гIемер руго музеялда. Музеялъе мина кьун буго дагьаб цебе. Гьеб жеги тIубан къачIан бахъунги гьечIо. Ниж музеялде щвараб мехалда, гьелъул заведующий Рамазан ватана азбаралда – кодоб гIащтIигун, цIул къотIун, гьеб рекъезабулев. Хасалоялде цIул лъезе бакI хIадурулев вугин абуна гьес.

    — Музеялъе кьун буго кIитIалаяб минаялъуб кIиго рукъ. Гьенир лъезе экспонатал гIемер руго, бакI гIолеб гьечIелъул, гIемерисел руго дирго рокъор. Экспонатал цIунизе, хIажалъула хасал шартIал, рекъараб букIине ккола температура. Гьелъие ресал жеги гьечIо, шартIалги тIуранго чIезарун бажаруларо. Ханил гIабулалъулги, хIатIулги, цогидал тIабигIиял материалазулги гьарурал экспонаталги руго. Гьаниб музеялда бан буго, масала, цIалдохъанас гIабулалъул гьабураб ХъахIабросулъа МахIмудил сурат. Дицаго гьарурал руго гIемерал экспонатал. ГIадамаз хIатIикь мерхьунеб ва рощнолъе рехолеб жоялъул сураталги нижер халкъалъе хасиятал алат-тIагIелалги гьарула дица. Куйдузул лълъаразул, ганчIазул, цIулал ва цогидабги, — ян бицана Рамазаница.

   Гьесул кабинеталда буго ханил гIабулалъул гьабураб телевизоралъул кIудияб экраналда бахъараб Расул ХIамзатовасул сурат. Гьеб ЦIада росдал музеялъе кьезе бугин абуна Рамазаница. Чанги росабазул музеязеги сайгъат гьарун руго гьес жинцаго рахъарал сураталги гьарурал тIагIелалги. Нухмалъи гьабизе пагьму-гьунар бугев Рамазан Шейхов вати кIудияб талихI буго бежтIадерилин абураб пикругун рахъана ниж музеялдаса къватIире.

 

 Зубейрат ИБРАГЬИМОВА