Гьалагал цIадаз «кеп» гьабуна магIарухъ

 

24-25 маялда мугIрузул районазде гьалагал чвахунцIадал ран, гIемерал росабазе къварилъи ккана. Минабазул къадал риххун, нухал хвезарун, иххаз ахал-хурзал арал хIужабицин ккана.

 

ХУНЗАХЪ

     Гьалагаб чвахунцIадалдаса хадуб рахъарал кIудиял иххаз гIураб зарал гьабуна 24 маялда Хунзахъ тIалъиялъе.

      25 маялда бараб цIадалъ биххизабуна ГьитIинаб ГьоцIалъ гIумру гьабун вугев чиясул мина. Иххица босун ана полициялъул участковыясул инспекторасул транспорт.

     ЧвахунцIадаз кутакаб зарал гьабуна Уздалросу ва ТIагьада росабазе. Уздалросулъ бугеб школалъеги гьабун буго зарал. Хаслихъе гьединалго цIадал ран хадуб жанибе лъим кIанцIун, чIабар хисун букIана гьениб. Гьаб нухалдаги хвезабун буго чIарбида ккураб ламинат. АскIобго цун бугеб ТIагьада росулъ чанго мина биххун буго. 25 маялда гьенире щвана МЧСалъул вакилзаби.

ГЪУНИБ

     24-25 маялда чвахунцIадал рана Къорода ва Гьонода росабалъеги. Гьениб гIадамазул минабазе зарал ккечIо, амма иххал рахъун, нухазе гIураб къварилъи гьабуна.

    Нижехъе щварал баяназда рекъон, гьалагал цIадал рана сверухъ ругел цогидал росабалъги.

БОЛЪИХЪ ВА ГУМБЕТ

     Гьалагал цIадал рана 25 маялда Болъихъ районалъул Кьохъеги, гьединго Гумбет районалъул росабалъги. Иххаз хвезабуна «БуйнакскЧIиркъатIа» шагьранухлул цо бутIа. 25 маялъул маркIачIуде МЧСалъ лъазабуна АхIулгохIде сверулеб бакIалда бугеб шагьранух заманаялъ къан бугилан.

     24-25 маялда рарал кутакал чвахунцIадазул хIасилазда бищунго зарал ккана Унсоколо, Хунзахъ, Гумбет ва Шамил районазе. ЦIадаца хвезарурал шагьранухазе ккараб зарал борцинелъун гьабсагIат гьенир хIалтIулел руго «Дагъавтодор» гIуцIиялъул хIалтIухъаби.

Ашахан ЮСУПОВ