Аргъвани: гIарацги иманги-цого гьакида

      Шамалдаса умумул

 

     Араб анкьалда магIарухъе гьабураб нижер иргадулаб сапар Аргъванибе букIана.

Хасго чанго соналъ цебе гьеб росдал тарихалъул хIакъалъулъ тарихчIужу ПатIимат ТахIнаевалъ хъвараб тIехь цIалун хадуб цIакъго гъира ккун букIана ГIанди округалъул диванчи Абакар-дибирасулги, имам Шамилил разведчик Барбарал Ибрагьимилги, репрессиязул кIичIикье ккарав магIарул газеталъул бетIерав редакторлъун вукIарав машгьурав гIалимчи ГIабдулатIип Шамхаловасулги, АхIулгохIалде иналде цебе ккараб рагъулъ цо къоялда жанив чIварав Шамилил аскаралдаса 64 шагьидасулги ватIан бихьизе.

     «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевгун, журналист Темирхан ХIасановгун цадахъ рогьалилъго бакълъулазул рахъалде къокъана ниж.

Гьеб сапаралъул мурадги кколаан, эргъвендерил мисалги бачун, чIунтулел ругел магIарул росаби гьез гIадин цIи гьариялде миллатцоял ахIи.

    Тарихалда хъвавухъе, Аргъвани росдае кьучI лъун буго Шамалдаса рачIарал вацаз. Гьеб букIун буго МухIамад Авараг (с. гI.в.) хун 100 соналдасан. Гьел вацалги цин Абхазиялдегун Чачаналде щун, рачIун руго бакълъулазул рахъалде. Цояв вацасда цIар букIун буго Аркун. Гьев чIараб бакIалда батараб гIоралда лъун буго Аргун абун цIарги. Гьанжесеб Чачан ракь ккола гьеб. Биценалда рекъон, гьениб АрьгIаной абураб тухумги буго.

 

  НурмухIамадил хIаракат

 

     1Гьанже бетIербахъиялда хадуб магIарухъа халкъги шагьаразде гочун, цоялда хадур цоял чIунтулел руго росаби. Гьел чIунтунгутIиялъе цо сабаб шагьранухал рахъиялъулъги бугин абизе бегьула. СанагIатал машинадул нухал ругони, жал магIарухъе руссинин абулел чагIиги дагьал гьечIо. Аргъванире абуни гьел нухал, кагъат гIадин, ритIизарун ругоан. Росдал гIадамаз бицана гьелъие квербакъи росуцояв, Халкъияб Собраниялъул депутат НурмухIамад ГIалиевас гьабунилан.

      Гьел нухаз цин ЦIияб Аргъванире рачуна. Гьелъие кьучI лъун бугоан 1970 соналда Дагъистаналда ракь багъарун хадуб. Гьанже заманалъул киналго квегIенлъабиги жанир чIезарураб, берцинал минабазулги цIураб, гIатIидал шагьранухалги ругеб росу буго гьеб. ЦIакъго бер речIчIулеб бакIалда бихьула 250 цIалдохъанасе бакI бугеб лъабтIалаяб цIияб школаги. Гьебги НурмухIамад ГIалиевасул хIаракаталдалъун банин бицана росдал гIадамаз.

Гьединго ран руго мажгиталги, участкаялъул больницаги, спортзалги. ЦIализе лъугьунел чагIигицин цо заманалда НурмухIамадихъе рекерулел рукIун руго кумек гьарун. Росдае гьес гьарунщинал ишазул бицунаго жидецани НурмухIамадие памятник лъезе кколиланги абуна цояс.

ЦIияб Аргъвани буго Садумайдан абулеб бакIалда. ТахIнаевалъул тIехьалда рехсон буго цо бицен: некIо заманалда СагIду абулев чиги чIван, эргъвендерица жидеего бахъун бугила гьеб ракь. Гьединго рекъав Тимурица (Арсахъ Тимур) къватIире гъурал гIадамазул ракьазда кверщелги гьабун, гьез жидедаго гъоркье рачун рагIула сверухъ рукIарал гIисинал росаби: Эшехаб, Ручнихъ, ТIинди тIалаби, КастIаниб, ЧIугIлиб росаби.

 

    Эргъвендерил рохьалги Мовчанил сапарги

 

2

 

     ПалхIасил, тарихалдаса цо-цо гьединал хIужабиги ракIалде щвезарулаго эхеде рахунел нижер бер речIчIулеб букIана ихдал къватIире гъураб боцIи-панзалда. Амма кьварун бакъвараб сверухълъиялда гьезие хъарсизе жо дагьаб бугоан. КIодолъиялъул рахъалъ абизе рагIи гьечIониги, гъветI-хералъул, рахъалъ мукъсанлъи бугоан гьезул ракьазул. Гьанжеги ракIалде щвезабилин ПатIимат ТахIнаевалъул тIехь. НекIо гьеб мухъ беричал, буччарал рохьаз бацараб бакI букIанилан хъвалеб буго гьелда. Гьединлъидал гьанжеги цIунун хутIун руго гьенир бакI бихьизабулел цIарал: рохьол бокIон, рохьол щоб, Тамазал рохь, чIугIдерил ро

хь, рохьол бакълъи. ГIицIго Гъадари росулъе балагьараб бакIалда бихьула гьитIинабго рохь. Заманалдасан дунялалда гьава-бакъ хисиялъул хIасилниги батилаха гьеб, рохьал тIагIин.

     Гьединлъидал гьанже дол некIсиял эргъвендерил ирсилазда ракIалда буго росу сверун дагь-дагьккун цIидасан рохьал гIезаризе. Шлангаздасан лъимги бачун, тIири-тIири ккун лъим речIчIулеб къагIидаялда (капельное орошение) лъалъалел руго гьез чанго метрги гьоркьоб тун росдал сверухълъиялда чIарал накIкIигъутIби.

     7 Гьединал пикрабаз кодоре росарал ниж басрияб росдал кIалалде щун ратана. ЦIияб Аргъвани кигIан цебетIураб батаниги, кигIан гьелъул гIадамазда квеш букIаниги, гIемерисезе асар басрияб росдаца гьабулин ккола. Щайин абуни, цIияб росдада релълъарал бакIал жакъа Дагъистаналда гIезегIан руго, басрияб Аргъвани абуни цо гурони гьечIо.

      Кавказалъул рагъул заманалда Аргъвани лъабцIул бухIун буго. Гьединлъидал гьенир цIакъго некIсиял минаби цIунун хутIун ратичIин хъвалеб буго архитектураялъул доктор Геннадий Мовчаница. Машгьурав этнограф Е. Шиллинггун цадахъ 1945-1946 соназда магIарул росабалъе экспедициялъ рачIун, нилъер умумуз минаби ралел рукIараб къагIидаялъул хIакъалъулъ «Старый аварский дом» абун тIехь хъвана гьес. Масала, гьес гьениб мухIканго бицунеб буго 200 соналъ цебего бараб Аргъваниса Сахруева Написатил минаялъул. Гьебщинаб заман баниги, мокърукь лъурал чIалабазе расги лъугьун гьечIин хъвалеб буго гьес. Гьелъие миккигъотIол цIул хасало 60 километралъ чангъаздаги лъун бехъерхъун бугоан.

     Гьединалго чIалаби жакъа къоялъги цIунун хутIун руго нусидасаги цIикIкIун соназ цебего бараб Аргъвани басрияб мажгиталдаги. ГIанди гIурухъан ккураб цIул эхеде бахъизе эргъвендерил росуго бахъунеб букIун буго къватIибе. Гьел чIалабазда руго кварал жанисан ххезе гьарурал картIалги. Кумекалъе рачIарал гIолохъаби кваназаризе гьанал цIурал хьагал рукIунаанила лъун щибаб 50 метр гьоркьобги тун.

 

   БухIаниги щиб, ле, Аргъвани росу, лъабкъого багьадур цо къоялъ    чIвараб

 

      Мажгиталда тIадехун бихьула цо къоялда жанив 64 гIолохъанчи вукъараб некIсиял хабзал. 1839 соналъул 1 июналда гьениб ккана вахIшияб рагъ. Эргъвендерица бицуна бидул гIорал рукIун ругила росулъа эхере чваххулел. Дов 64 гIолохъанчиги гIаммаб хобалъув вукъун вуго.

Гьездаго цадахъ гьеб рагъулъ чIван руго магIарул цогидал росабалъа рагъухъабиги — кинавниги 2000 чи.

     ГIурусазул документазда хъвалеб буго чIваралги лъукъаралги жидер рагъухъабазул ва нухмалъулезул къадар 635 чиясдениги баханилан.

 

   Меценатазул ишал

 

      4Шагьидзабазе дугIаги гьабун, басриял хабалалъа росдал кIалалдехун балагьун унел рукIана ниж. Нухда нижеда халлъулел рукIана басриял, риххизе къачIарал гIадал минабиги, аскIорго эхетарал цIиял мина-руссеналги. Цадахъ вукIарав школалъул директор ГIумар ХIадисовас баян гьабуна гьел шагьаразда гIумру гьабулел гIолохъабаз цIи гьарулел релги, росдаего хIажатал бакIалги къачIалел ругоан гьез. Масала, бан буго кверкьовуде бихьинал жанире руссине мина, гьединго мажгиталда аскIоб каки чуризе хинаб-цIорораб лъимги хIажатханаби жанир ругеб бакI, кутакалда берцинго, бекIкIараб ганчIица къачIан буго мажгиталъул михIмар, тIасан кIамураби гьарун къачIан руго боцIи гьекъолел русби. ГIадамазул рукъзабахъе бачун буго гьекъолеб лъим. Росдада тIадехун, магIарда чанго бакIалда ран руго гIухьбузе жанире лъугьине квегIенал рукъзал.

Садакъа балъго гьабизе кколин абуниги, бокьун буго гьезул цо- цоязул цIаралги рехсезе (гIолохъаби тIаса лъугьине ратила). Гьезул цо-цоял ккола ХIажи ХIажиев, «Технострой» ОООялъул генера- лияв директор; жалго жидедаго чIарал предпринимателал Гъай- ирбег МухIамадов, ГIабдулатIип ГIабдулатIипов, ГIабдула Зубаиров.

      Гьелде тIадеги дагьалъ цебе росда ахада гьел гIолохъабаз бана школа-интернат. Ай, цин «100 школа» абураб проекталда гъорлъеги ккезабун, къачIан буго къаялда хIинкъи букIараб цебего бараб школалъул гьитIинабго мина.

     Хадуб росдал гIолохъабаз гьелда дандбитIун бана лъималги учительзабиги жанир чIолеб мина.

Гьенир цIализарула гIицIго шагьаралда гIумру гьабулел эргъвендерил лъимал. Амма гьезие дарсал кьола батIи-батIиял росабалъа ва МахIачхъалаялдаса рачIарал учительзабаз. 1990-абилел соназда гIезегIан учительзаби бизнесалде ран руго эргъвендерил. Гьединлъидал 16 учителасда гьоркьов ункъо чи гурони Аргъваниса гьечIо цIияб интернаталда.

    Гьезул цояй – гIурус мацIалъулгун литератураялъул учительница Зугьра Абакаровалъ бицана конкурсалда бергьун жал тIаса рищанила учительзабазул махщел камил гьабулеб институталъ (ДИРО). Гьей ккола ЦIумада районалъул Агъвалиса. ГьанжелъагIан хIалтIулей йикIана Шамхал посёлокалъул №45 школалда.

    6«Аргъвани школалъе учительзаби къваригIун рукIин дида лъана Фейсбукалдасан. Учительзаби кидаго цIи-цIиял жалазда хадур лъугьун, щиб-щибниги балагьулел рукIунел чагIилъидал, дидаги ракIалде ккана хIалбихьун лъикIин гьаб ишалъул. ТIадежоялъе дирго гIагараб ЦIумада районги рикIкIад гьечIелъул, гIодоркъояз гьениеги ине бегьилин ккана, гьединго жибго Аргъвани росу кутакалда тарихияб бакIги гьечIищха. Гьелъги асар гьабуна. Гьедин таваккал тIамунаха дица гьание ячIине. Цо-цоязда ракIалде ккезе бегьула моцIалъ хIалтIун кьолеб мухь лъикIаб букIиналъ ячIун ятилин дун гьание. Гуро, гьеб гIарац бокьарав учителасда шагьаралдаги гьабизе кIола. Масала, дарсаздаса ха- дуб репетиторлъиги гьабун. Гьаниб буго рекIее гIажаибаб асар гьабулеб батIияб парахалъиги, гIадамалги, гьаваги, ахIвал-хIалги», — ян бицана З. Абакаровалъ.

«Гьаб кIиябго росулъ чIараздасаги цIикIкIун гIадамал къватIир руго нижер. Масала, Нанихъутаналда 130 цIараки гIун буго эргъвендерил. Бабаюрт район ккола гьеб. Гьединлъидал гIемеразе бокьун буго жидерго лъимал гьанире ритIизе, амма 50 лъимералъе гурони бакI гьечIо школалда. Республикаялъул шагьараздасагун районаздаса гу- релги, Москва областалъул Гага- риноялдасаги вуго цо цIалдохъан. Нижер росулъа гочарал чагIи кко- ла кутишасел. ЦIализе росеян гьениса 12 лъимералъул рахъалдаса гIарза бачIун букIана нижехъе. БакI гьечIолъиялъ инкар гьабуна», — ян бицана школалъул директор ГIумар ХIадисовас. Гьесул рагIабазда рекъон, пача- лихъалъ школазеги учительзабазеги бихьизабураб гIарцуда тIаде гIезегIан харжал гьарула меценатаз. Гьедин, масала, 40 азарго гъурщидаса дагьаб мухь щолев учитель цониги гьечIо гьенив.

    ГIидалъул къоязда букIа, риидалил каникулазда букIа росулъе рачIиндал, лъималаз чваххун бицунеб гIурус мацI гурони рагIулароан цо заманалда къватIахъ. ТIадежоялъе цо росулъа чагIийин абун, цоцадаги лъалелги рукIинчIо гьел. Гьелъ ракIунтун нижги рукIана. Гьедин нижер гIадамаз хIукму гьабуна гьеб жо хисизабизе: росу цIи гьабизе, магIарул мацIги росдал гIадат-гIамалги лъазе лъимал эхеде ракIаризе. Аллагьасе рецц, гьанже гьел лъималаз магIарул махIги босун буго, рахьдал мацIалъ кIалъалелги руго. Хадубккун нижеда ракIалда буго гьезие лъай кьолелъул росдал тарихалде кIвар кьезе. Рачун гьелгун, рахъун сураталгун, щибаб лъимералда бихьизабизе буго нижеца умумузул ракьазул гIорхъи- рахъ кисан букIарабалиги, щибаб хур-ахалда, кулабазда цIарал кинал рукIаралалиги», — абун бицунаго, директор ГIумарица ниж столоваялде рачана.

    Столалда тIад лъун бугоан хъураб гIиялъажоялъул къулагIи. Гугариялъул къецазда бергьарав цо цIалдохъанасул эбел-инсуца бачIун бугоан гьеб садакъадуй кваназе. Лъимал абуни къойида жанир щуго нухалда кваназарулел руго гьенир.

 

    БухIадил авал

 

      Хадур ниж ана лъималги учительзабиги рега-рахъунел бакIал рихьизе. Гьанже заманалда рекъон ремонтги гьабурал, жаниб цIияб мебельги лъурал рукъзалги, киналго квегIенлъаби чIезарурал как балел бакIалги, конференц-залги, цогидабги буго гьениб. БитIун гьеб къоялъ конференц-залалда викторинаги гьабуна гьез. Гьенир кьолел рукIана росдал авалазда, кулабазда, мегъалда хурхарал суалал. Лъималазда цадахъго хIалел рукIана гьезул эбел- эменги. Масала, экраналда бихьизабуна БухIадил авалин абулеб росдал цо къватI. ГIодойги ккун цо ясалъухъа гIеретI бекун хадубищ гьелда гьединаб цIар рекIарабали. Хадубго Юсуп-учителас баян гьабуна лъел цIезе рикIкIад ине кколел рукIиналъ ва гьурал рахъунеб бакI букIиналъ гьеб авалалде ясал росабазе кьезе бокьулароанила умумузе. ДагIба- къец камунгутIиялъ жидеца гьелда Афгъанистанилан абулинги махсара гьабуна Аргъваниса чияс.

   Заралалъе ургъизе заман тун гьечIо

     5Гьеб викторина байбихьилалде квен-тIех хIадуризе цIа-кан рекъезабулел, гьан къотIулел ругоан эргъвендерил гIолохъаби. Гьезул кIигояв ватана гьанир церехун бицен гьабурал меценатал – ГIабдулатIип ГIабдулатIиповги Гъайирбег МухIамадовги. БитIараб бицани, гьелъ дагьалъ риххизаруна ниж. Шагьаралда кIуди-кIудияб бизнес бугел гьезул заманищин букIунеб росдал школалда шашликIазе цIа рекъезабизеги викторинаялда гIахьаллъизегиян кколеб букIана.

«Нижеде божилъиги гьабун Москва областалдаса бахъаралгицин киса-кисаго шагьараздаса лъимал- лъидал гьанире ритIун рачIун ругел. Дагьабниги жагъаллъи ккани, нужер гIайиб бугилан, гьезул эбел- инсуца бадирчIваял гьариларедухъ, ниж моцIида жанир чанцIулго щола гьанире гIолеб-гIолареб жоялъул тIалаб гьабизе. Шагьаралда лъимал квешаб хьвада-чIвадиялде ругьунлъилин хIинкъун рукIарал эбел-эмен рохуца холел руго гьанже гьанире, цIуна-къараб бакIалде гьелги ритIун. Гьанир кирго видео- камерабиги руго гьезда хадуб халкквезе. Гьеб гуребги, цIали, черх лъадаризаби тун батIияб, заралияб жоялде руссине гьезие заманги тун гьечIо. Нижее къваригIун буго лъай тIадегIанаб гIел куцазе», — ян бицана ГIабдулатIипица.

Жидеца гьел чанго батIияб рахъалъан (спорталъул, цIалул, рухIияб, культураялъул) церетIезарулел ругин тIаде жубана директор ГIумар ХIадисовасги. Ораторазул курсалгицин рагьун рукIанила МахIачхъалаялдаса махщелчагIиги ахIун.

     Рес бугев щуго-анлъго гIолохъанчиги данделъун, гьанжеялдаса микьго-ичIго соналъ цебе «Возрождение села» абун фонд гIуцIун буго гьез. Гьедин байбихьун буго росдал нухалгун кьоял къачIазеги, магIардаса лъим бачинеги, мажгиталда сверухъ бакIал къачIазеги, церехун рехсарал цогидал хIалтIаби гьаризеги.

     ГьанжегIагар гьел гIолохъабазда ракIалда буго росдал ракьалъе бетIергьанлъиги («зелёнка») тIалаб гьабун, футбол хIалеб майдан гьабизе. Интернаталъул лъималазе гьез бараб гьитIинабго спортзал буго гьениб. Амма шагьаралъул лъималазе футбол бокьулеб буго.

     ГIабдулатIипицаги гьесул гьалмагъзаби-меценатазги гьарулел ишал рихьун, гьезде божилъиги гьабун цо-цо мехалда росдал гIадамазги бачIунеб буго фондалде гIарац – 100- 150 азарго гъурущ ккун. Дагьалъ цебе цо ригь арай гIаданалъги пенсиялъул гIарцудаса 30 азарго гъурущ бачIун буго интернаталда цIалулел лъималазе квен босеян.

     ПалхIасил, цо къоялда жаниб Аргъвани росуги сверун, гьезул гIадамалгунги гара-чIварун, нижее гьабураб асаралъул жеги гIемер мехалъ бицине бегьилаан.

    Амма абизе бокьараб жо буго цо.

     Нилъ магIарулалин, бахIарчиял умумузул ирсилалин, гIадат-гIамал ккурал гIадамалилан сордо-къоялъ керен бухун, ахIи-хIуралда рукIунел цо-цо миллатцоял рихьидал, хIисаб гьабе лъиданиги сундулниги учучуги гьабичIого, гьаругьинан росдал хIажалъаби тIуралел Аргъваниса гIолохъабазулги.

     Церехун дида гьел кирниги рихьичIо ва рагIичIо я чIобогояб цIар- рецц гьабулел тадбиразда, ялъуни кеп-ихтилалда, яги пачалихъги махсараде ккун, кинаб букIаниги давла тIезабулеб бакIалда.

      Гьезухъ буго гIарацги иманги. Амма кIиябго цадахъ киназухъго гуро гьеб букIунеб.

 

   Зульфия ХIАЖИЕВА