ТIалъиялда бараб кIиго къо

 

 

     БакьайчIиса махх бухулев ГIабдулагьилги МахIачхъалаялда жалакьурисес гьарурал гьунаразулги бицунаго, Хунзахъе щун ратана. Гьединал жал рицине пагьму бугилан, БакьайчIиса Шамилил Бахуда (МухIидинова) хIайранлъун хутIун нижги рукIана.

 

   ХУНДЕРИЛ ЯСАЛ

     Гьейгун цадахъ дунги ТIанусиса Расулил Шамайги (Хъазанбиева) Хунзахъе иналъе гIиллалъун ккана хунздерица цо «гIассияб» сухIмат гьабулеб бугилан рагIи. Гьениреги ниж хунздерил хIакимзабазда ракIалде щун гурел, Хунзахъа Раисат ГIусмановалъ ахIун къватIире рахъун рукIана. Бесдалазеги, рос- рукъ битIичIел улбузеги, язихъазеги жинца гьабулеб кумекалъул хIакъалъулъ ахIи бачIониги, гIезегIан лъалей гIадан ккола гьей — Набил МухIамадил Раисат. Гьединай гIадан йикIиналъ Хунзахъ районалъул ЖамгIияб палатаялъул нухмалъулейлъунги йищун йиго гьей.

 

     ПалхIасил, программаялда хъвавухъе, Хунзахъ гьабулеб бугоан руччабаздаги, умумузул кIазаздаги, кванидаги хурхараб тадбир. Данделъиялде рачIарал руччабазда байрам баркун бахъинегIан, цинги культураялъул кIалгIаялъуб ихтилат байбихьизегIан, хIухьбахъизе ниж цин нижерго ишцояй, «Росдал захIматчи» газеталъул бетIерай редактор Камилил Фатимахъе раккана. Микьабилеб март кIодо гьабилел лъаларого, байрамалде газета лъугIизабилел лъаларого, кьалххариххун ругоан редакциялъул хIалтIухъаби. Гьелда гьоркьоб нижее гьоболлъи гьабизе заманги батана редакторалда.

     Лъаларезда лъазе букIине бицун тела, Фатимаги йиго Раисатго гIадай, речIчIани — къадалъ, къосани – хIоболъин магIарулаз абулей, кьучIай гIадан.

    ЛъикIги-квешги, ихтилат байбихьулеб заманги щун, ниж наиб ХIажимурадил аллея къотIун, Культураялъул кIалгIаялде къокъана. ХъахIал-хъахIилал гормендаби, месед бекьаралги бекьичIелги японшалал, чилайдул симсал рарал дарайдул кIазал чIварал руччабазгун гIолохъанал ясаз хасаб чIаголъи лъугьинабун бугоан сверухълъиялда. Гьелъ ракIалде щвезабуна моцIалъ цебе рахатIисез гьабураб гьелдаго релълъараб тадбир. Амма гьезул руччабазухъ жеги гIертIалги рукIана.

 

   ГIУРУС МАЦI

 

     Хундерил ихтилат берцин гьабизе жанахIалъуб тIибитIараб тепсиялдаса куракулгун тIидул карщазулги, ролъул могьолги, керосиналъул печалда тIад режарал панкъазулги, гьоло чIвараб гIатIал хинкIазулги тIагIам босулаго, залалъусан рагIулаан магIарул кечI-бакъанги гIурус гаргарги. КечI ахIулел, кьурдулел, декламациял рикIкIунел чагIазул цIарал рукIана гIурусалъ абулел.

    ГIодоса эхедего Аваристаналъул тахшагьарлъун рикIкIунеб букIараб, магIарул театралъеги кьучI лъураб Хунзахъцин магIарул мацIалдаса инкар гьабиялъе гIилла щибин бачIунеб букIана суал. Гьелъие жаваб кьун бугоан ихтилат лъугIун хадуб, кваназе гIодор чIараб бакIалда районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник ПатIимат ХIамзатовалъ.

   Хунзахъ гIорхъаби цIунулезда гъорлъ батIи-батIиял миллатазул гIадамал ругелъул, гьединал тад- биралги тIубанго магIарулалъ рачине бегьуларин, гьединго гIицIго магIарул гурони мацI бицине бегьуларилан лъимал чIезариги мекъаб бугин абураб пикру загьир гьабун буго гьелъ. Лъаларо, лъикIищ гьеб, квешищали.

   Амма жибго сценаялда кьолеб концерт гIезегIан магIнаябги балагьизе бокьулебги букIана. Щибниги тIадагьаб, цIекIаб жоги гьелъул программаялъулъ букIинчIо.

 

   МУХIАМАД ХЪАЙТМАЗОВ

 

    Ихтилаталда ясалги тун, дица тарихиябгун гIагараб ракь лъазабиялъул музеялде нух босана.

    Гьенире унаго, лъалхъана редактор Фатимал эмен, мунагьал чураяв Камилица политикиял къурбанал ракIалде щвеялъе гьабураб памятникалда цереги. Хунзахъа жеги кIигоясги кумек гьабун буго гьесие гьеб базе.

    Камилил эмен МухIамад Хъайтмазов тIагIинавун вуго Нажмудин Самурский какаралъухъ. Жакъа къоялдаги гIагарлъиялда лъаларо гьесул къисмат кин ккарабали. Бищун къваригIараб мехалда Дарада-Мурада вахчунги чIун, жидеда цадахъ хъачагъазда данде вагъизе лъугьинчIин абун къватIив чIвазавун вуго гьес Хунзахъе вачIарав Самурский.

    Революционер Муслим Атаевасул кагътал кколелъуре щвезаризе Хъайтмазовасда божилъи гьабулеб букIун буго.

    1965 соналда МухIамад ритIухъ гьавула пачалихъалъ. Амма гьесул вас Камилие нухал къалел рукIун руго комсомолалде восизеги цIализе лъугьинеги.

   Инсулги репрессиязде ккарал цогидал хунздерилги рухIазе гIоло лъураб гьеб памятникалда нахъа букъун буго ЦIоралдаса босун бачIараб, наиб ХIажимурадил жаназаги.

 

     МУЗЕЙ

 

     ПалхIасил, музей балагьулел рукIана ниж.

     Амма кире ине кколелали нух бихьизабулел игIланал къватIазда чIван ратичIолъиялъ музеялде нух бахъизе захIмалъана. Гьикъа-гьикъараз абулеб букIана ЗагIире унеб рахъалда бугин гьебилан.

    ГьанжегIагар музеялъул директорлъун тун вуго машгьурав тарихчи Хунзахъа ГIалибег Хъазанбиевги.

    Музеялда бугеб анкьазаргогIанасеб экспонаталъго гIадаб асар гьабуна жибго гьелъул минаялъги. Гьединаб къагIидаялда Испаниялдайищ, Португалиялдайищали бараб мина чанцIулго халлъун букIана дида интернеталдасанги.

    Гьарилазул (Парилазул) рукъзалин абула хунздерица гьеб минаялда. Пари букIун буго гьелъул бетIергьан Чупалав ГIалихъиличил лъадуда цIар. Гьесул эмен Гьонодаса, эбел Хунзахъа йикIун йиго. Эбел- эмен хведал, имгIал Гьиматица Хунзахъе вачуна гьев. Хадув гьес гьев шагьаралде, милициялъул школалде цIализе витIула. Цинги хIалтIула наиблъун, Хунзахъ, Авар округалъул начальникасул кумекчилъун.

    Гьес гьеб мина бан буго 1876 соналда. Рукъалъул чагIи репрессиялде ккун хадуб, 1936 соналдаса нахъе 1993 соналде щвезегIан, гьениб жаниб букIана ретIел-хьит, яги рокъоб къваригIараб къайи-цIа гьабулеб, къачIалеб артель.

    ГьабсагIаталда республикаялъул Миллияб музеялъул филиаллъун ккола Хунзахъ бугеб гьеб музей. МагIарухъ ругел музеязул бищун кIудиябги буго гьеб. 1993 соналде щвезегIан гьеб музей ГIарани хъаладухъ букIана. Гьебги гIуцIун букIана ясазул школа-интернаталъул музеялъул кьучIалда.

    Музеялъул гIелмияв хIалтIухъан Шамил ГIалиевас бицана кватIичIого гьениб тIох къачIазе, нуцIби- гордал хисизе ругилан. Жеги гьес тIаде жубана лъезе ругила дол церехун бицен гьабурал, нух бихьизабулел игIланалги, къачIазе бугила музеялде рачIунеб нухги. Гурони, гIемерисеб мехалда туристал рачIунел гьечIо гьенире. ХIажат буго Туризмалъул министерствоялъ Хунзахъ музей туристазул маршруталда гъорлъ хъвазеги.

 

    ТАРАН

 

    Районалда бараб кIиабилеб къо БакьайчIи ва Илълъа росабазда гьор- кьоб «ЧиничIиб» абураб бакIалда таран балагьулаго ана дир.

Щуго чиясда гьоркьоса цохIо Хъаладухъа таксистасда гурони лъалеб батичIо гьеб бугеб бакI.

    ГIорхъаби цIунулезул къокъа чIараб бакIалда нахъехун буго гьеб. ТIаде балагьун бичIчIулеб жо гьечIоан. Ракьулъе бухъун гьабураб рукъ буго. АскIорегIан индал, гордухъан бихьула жаниб чвалчвалиялда бугеб лъимги цо цIулал гьарурал чархал гIадал жалги. БекьечIдерица бицуна гьезухъеги, гинчадерихъеги, цIигьулдерихъеги лъим кьабизе 1933 соналда немцазул инженераз ургъараб система бугин гьебилан. Гьелдаса нахъе хIалтIулебги бугила. Гъоркьа эхеде кьабулеб буго лъим.

    Журналист Шамил МухIидиновасул ракIалдещвеязда буго гьадин: «ГIертIахъе тIун баччани гурого, гьениса эхедераялъ чвахун, лъим росулъе щолареблъиялда киназулго щаклъиго букIинчIо. Гьеб чвахизабизе бугин абидал, росдал годекIаниб халат бахъараб релъи тIибитIана. «ГIертIица баччани бачIунеб рагIула» абун махсара гьа- булелги рукIана. Росуги бахъинабун, байбихьана турбаби лъезе. ЦIунана инженерас бихьизабураб гъварилъи. ТIалу бугеб бакIалде тIадеги, гьираз щиб, гьаказ щиб, баччана ракь. Байбихьана ЧиничIиб «таранал» абун цIар бугел тIаде чваххулеб лъел тIадецуялдалъунги хIалтIун, эхеде- раялъ турбабахъан лъим кьабулел насосал лъезе…

   Гьединаб «таран» Россиялдаго кIиго гурони гьечIинги рагIана».

   ПалхIасил, немцаз бараб таранги бихьун, нижеца шагьаралде нух босана.

   Хадусеб номералда жеги бицина Хунзахъ батаралъулги, рагIаралъулги, бихьаралъулги.

    Зульфия ХIАЖИЕВА