Киназдаго релълъараб, лъиданиги релълъинчIеб

 

     Гьал къоязда Дагъистаналде рачIун рукIана «Вместе.РФ» абураб федералияб (федерациялъул советалъул) телеканалалъул мухбирзаби Артем Пашнин ва Михаил Чупрасов. Гьезул масъала букIана Федерациялъул советалда тIоритIизе ругел «Дагъистаналъул къоязде» республикаялъул социалиябгун экономикаялъул гIумру бихьизабулеб программаялъе материал хIадур гьаби (передачаби рихьизаризе руго ОРТ ва Россия-24 каналаздасанги). Гьел щвана Гъарабудагъкент, Хъунзахъ, Бабаюрт, Гъуниб районазде.

     СалтIа росулъе букIараб нижер цадахъаб сапаралда гьез лъай-хъвай гьабуна росулъе цIи гьабураб нухалъулгун. 7,5 км. манзилалъул гьеб 130 млн. гъурущ харжги гьабун, республикаялъулаб программаялда рекъон къачIана 2,5 соналда жаниб. Щвана школалде. 5 млн. гъурущ гIарацги харж гьабун гьеб къачIана «100 школа» абураб программаялда рекъон. Балагьана тIабигIияб газ бачине ругел ресазухъ. Хважалмахьи-Хъуппа мухъдасан гьеб СалтIе щвезе бегьула исана соналъул ахиралда. Сапаралдаса хадуб чанго суалалъе жавабги кьуна А. Пашниница.

 

     — Кин нужеда бихьараб МахIач­хъала?

     — Нижеда бихьана МахIачхъала къадги къасиги «кьижулебго» гье­ чIеблъи. Киса-кирего рекIарал чира­ хъаз, хьвадулеб транспорталъ шагьар букIана гвангъизабун ва гьеб рахъалъ МахIачхъала цIакъго релълъун буго Москваялда. Хадусеб къоялъ нижеда бихьана гьелъул тIубараб чIаголъи — къватIахъ руго цIакъго гIемерал гIадамал ва машинаби, кире балагьаниги бихьулеб буго тIадбан унеб хIалтIи, магIишаталъул багъа-бачари. Дун гьаниве щвечIого араб щуго лъагIалида жаниб цIакъго хисун буго тахшагьар — ран руго гIемерал минаби, лъикIлъун руго нухал. ГIадамазулъ буго роцIцIин, ракIрагьи, гIодоре риччай, гьечIо хIалуцин.

     — Гьале нуж щвана СалтIа росулъе. Кинаб асар гьабураб бихьара-таралъ?

     — РагIабаздалъун загьир гьабизе кIоларебгIан лъикIаб асар гьабуна, тIабигIаталъул хIакъалъулъ бицун пайдаго гьечIо. Росулъе щведал ниж тIуранго тамашалъана. Росулъе унеб нух буго хъилги тIун лъикIаб даража- ялда къачIараб. Росдал гIуцIиялъулъ цIунун буго некIсияб, нужее хаслъи бугебги, сундулъго буго цIияб, зама- налъул тIалабазда рекъарабги. Ниж гIажаиблъизаруна росдал жакъасеб къоялъ, букIинеселде ругел планаз ва гьел тIураялъе гIадамазул бугеб гъираялъ. ГIадатияб росуйин гьалда абизе захIмат буго, гьаб буго риидалги кьиндалги туристал хьвадизе киналго ресал ругеб бакI.

     — Цо чанго къоялдасан нуж тIад руссине руго Москваялде. Бокьилаанищ цоги нухалъ Дагъистаналде щвезе?

     — Лъиениги балъголъи гуро, гьанире рачIине бокьаралгицин чIола беркъан, гьезулъ жеги хутIун буго цересел соназда букIараб хIинкъиялъул асар. Амма нижеда бихьаралда, дандчIваралда рекъон, гьабсагIаталда гьелъие кинабгIаги кьучI гьечIо. Гьаниб буго берцинаб, гIодобе биччараб ахIвал-хIал. Рес ккун хадуб нижги рачIина (дие бокьилаан риидал вачIине), гьебго абила нижеда лъалездаги.

    Чанго рагIи тIаде жубана М. Чупрасовасги.

    Дун щвана Европаялъул, Азиялъул ва Югалъулаб Америкаялъул 40-гIанасеб пачалихъалде, Россиялъул гIемерал регионазде. Дагъистан бугин ккола дида гьел киназдагоги релълъараб ва цонигиялдаги релълъинчIеб, гьезул цо-цо бутIа жиндилъ бугеб, лъилниги гьечIеб хаслъиги бугеб регион.

     КIиабизе, щивасе бокьула живго гIураб бакI, ВатIан. Амма гьединаб рокьиялда цадахъ нужер гьаниб гIадамазда мухIканго лъалеб буго жидерго росу-ракьалъул тарихги, жакъасеб гIумруги, гьезулъ буго букIинеселъул ургъелги.

    Лъабабизе, гIемерал соназ Москваялда вугониги, дун гьавуна ва гIуна Сибиралда. Бугеб хIалалда абуни, Москваялдаги Сибиралдаги дида лъалезда гьоркьоб буго Дагъистаналдехун ва дагъистанияздехун тIубараб божилъи гьечIолъи, хIинкъи, гьанире рачIине кIоларого рукIин. Гьеб буго гьаниб бугеб хIакъикъат лъаларого букIиналъул хIасил. Цо нухалда гьанире щун, кинабго бихьун хадуб лъугIула гьебги, бокьула цоги нухалда рачIинеги.

ГI. ГIАБАШИЛОВ