Бакълъулазул ракьалда дармилгун ихтилаталъул байрам

   30 январалда Гумбет районалъул Гъоркь Инхо букIана кIудияб тадбир. Республикаялъул мугIрузул росабазда гьоркьоб тIоцебе гьениб тIобитIана росдал магIишаталъул ярмарка. Тадбиралъул гIуцIарухъаби ккола ДРялъул Росдал магIишаталъул министерствоги Гумбет районалъул нухмалъиги. Дагъистаналъе автономия кьуралдаса 100 сон тIубаялъул хIурматалда хурхинабуна гьеб тадбир. Амма Инхо ярмарка тIобитIиялъулъ букIана цоги кIудияб магIнаги гIиллаги. Гьеб росулъ умумузул за- маналдаго сверухъ росабалъаги гIемерал ричарухъаби рачIунеб кIудияб базар букIун буго. Араб гIасруялъул 80-абилел соназда, Горбачевасул цIи гьабун гIуцIиялъул заманалда, гьоркьоб къотIаралдаса тIокIаб хIалтIулеб букIинчIо гьеб базар. Гьанже жидеда ракIалда бугин щибаб анкьалъ Инхо доб цебего букIараб даражаялъул базаркъо гьабизеян бицана тадбиралъул аслиял хIаракатчагIазул цояв, Гумбет районалъул нухмалъулесул кумекчи Асбег Асадулаевас. Амма цохIо базаркъо гьабун гуребги, бажарани, щибаб моцIалъги гьадинабго ярмарка тIобитIиялъул къагIидаги цIунизе ракIалда буго гьезда. Радалго квачан букIаниги, къадеялдехун дагьабго роцIа-рокъунги ун, лъикIаб къо букIана Гъоркь Инхо. Росдал рагIалде ниж щваралго рикIкIадего рагIулеб зурма-къолол гьаракьалъ бицунеб букIана жакъа цIакъ чIагояб тадбир букIине бугеблъи. Ниж тIаде щваралго, росдал бакьулъ бакI гIадамаз занкIун цIун букIана. Цояб рахъалда — белъунеб, бежулеб гьанал махIги, аскIоб цIадуда тIад лъураб самоварги, гьекъолеб чайги.

 

 

ЗАХIМАТЧАГIИ ВА ЛЪИКIАБ ХIАРАКАТАЛЪУЛ ХIАСИЛ

 

    СагIат анцIила цоялдехун официалияб куцалъ ярмарка рагьизе сценаялда цере ракIарана Гумбет райадминистрациялъул нухмалъулев ХIажимурад МухIамадовги, республикаялъул росдал магIишаталъул министрасул заместитель Шарип Шариповас, Болъихъ районалъул нухмалъулев Руслан ХIамзатовги, цогидалги. Машгьурав гугарухъан, ЧIарадаса МухIамадхан ГIарациловасе рагIи кьун бугоан дун гьениве щвараб мехалъ. Гьесдаса хадув кIалъазе вахъана 1980 соналда Москваялда тIобитIараб Олимпиадаялда чемпионлъун вахъарав МухIамадхIасан Абушев. ХIажимурад МухIамадовас жиндирго гьудулзаби-речIчIухъаби ахIун ругоан тадбиралде. Гьез чанги хинал рагIабиги абуна бакълъулазул ракьги гьезул гIадамалги кIодо гьарун. Ш. Шараповас ХIурматалъул грамотаби кьуна росдал магIишаталъул хIалтIулъ тIокIлъи бихьизабурал ЦIиликь росулъа захIматалъул хIаракатчагIазе. Кутакалда гIибоцIудехун ва хур-хералдехун рокьи бугел, захIмат бокьулел гIадамал ругилан бицана МухIамаднуров Сулейманица. ЦIиликь гIезабулеб буго тайпадулаб гIи. Гьеб босизе чагIи рачIунел руго Белоруссиялдаса, Ираналдаса ва цогидалги къватIисел пачалихъ- аздасаги. Амма цохIо гьелда чIун гьечIо цIилкьадерил захIматчагIи.

  — Дир вацасул васас исана бекьун букIана 15 сотыхалда бугIа. Ахирал соназда тIубанго къанагIалъун, тIагIун букIанин абизе бегьула гьеб магIарухъа. Умумузул заманалда цIакъ кIудияб къимат букIана гьелъул. Кутакалда ракъиги кколеб, рокъоса мискинлъиги бачахъулеб нигIмат букIана, баркаман. Дида ракIалда буго лъимерлъиялда, богIол гIатIал хинкIги белъун, гьелда гьоркьосан бецIцIун бачIараб нахул къатIра чадида тIадеги тIинкIизабун кваниги, гьелда букIараб татуги тIагIамги. Гьелъул къиматги гьабун бекьун букIана вацасул васас исана гьеб. ХIалбихьиялъего гIадин бекьараб гьелъ лъикIаб бачIинги кьуна. Гьелъул ханжуги цIакъ рекIее гIуна гIадамазе. Лъара-лъарал рачIун, чIей букIинчIо гьелъул хIалбихьизе бокьарал гIадамазул. Шагьаралда ругезцин ахIун бачIунаан дагьаб жо жидее битIизе рес гьечIищилан, — ан бицана Сулейманица.

 

 

ГЬАЦIУЕ ГЬАБУЛЕБ ХЪУЛУХЪАЛЪУЛ БАЛЪГОЛЪИ ВА ТIОГЬОДЕ НА БУССИНЕ ТIОЛЕБ ГIЕТI

 

 

Килалъ росулъа Ибрагьимов МухIамадица анцIго батIияб гьоцIо бугоан ярмаркаялде бичизе бачIун. 45 сон буго гьесул гьоцIо гIезабулелдаса. Жиндирго магIишаталъул хIакъалъулъ гьес би- цана.

 — Нижер росулъ, цохIо дун гуревги, гIемер руго найихъаби. ЦIакъ гьацIуда тIадчIарал чагIи руго Ки- лалъ. Мисалалъе, гьацIул бачIин лъикIаб букIине Ставрополалде, хIатта Нугъаязул авлахъалдецин щвана. ЦохIо дунго вукIунаро, ца- дахъ хъизамалъул киналго чагIиго уна гьединаб мехалъ. Гьедин сезоналда жаниб 15 батIияб бакI хисула нижеца.

   — Гьаб заманалда гьацIуда хадур чIарал, гьеб босизе бокьарал чагIи гIемер данд чIвала. Амма чангиязул гIарз букIуна, бацIцIадаб бичун босизе щоларин, чакар бараб батулин абун. Гьедин захIматаб ишищ кколеб бацIцIадаб гьоцIо гIезаби?

   — Щибниги захIматаб жо гьениб гьечIо. Кинабго бараб буго найихъанасул иманалдаги, гьесул хIалтIулгин рекIелги бацIцIалъиялда. Чакар гIемер букIунин абулеб жоялда банги дица абила, гьабула гьеб хIалтIизе, амма гьеб гьабула хасалоде тIинчI цIунизе наялъе бигьаго букIине, гьебги гIемер гьабуларо. Гьелде рачIине ккечIеб мехги букIуна. Мисалалъе, нижеца араб хасалихъе тIадецин раккичIого жибго тана тIулбузухъ бугеб на, хасало наязе гIураб къадаралда гьоцIо букIине. 15 апрелалда ниж гочуна лъарагIлъиялде. Гъизляралъул авлахъалда гьеб гIужалъ тIадбан тIегьазе байбихьула сверухълъи. Гьенисан ниж уна Ставрополалде, гьениса цоги бакIалде, гьедин рииго тира-сверулаго, чанго батIияб тIогьодаса пайда босулаго уна нижер ва нахъ руссун росулъе гочуна, — ян бицана МухIамадица

 

    ГЬАНАЛ КЪУЛАГIИГИ, РАХЬГИ, ТIАТIИГИ

 

 

     Щабдухъ росулъа гIолохъанчи Набигуллагьица ярмаркаялде бачIун букIана чанго гьанал къулагIиги, хIанги, рахьги, гьединго цIцIел тIа­ тIиги. 2000 гIиги, 70-гIанасеб чIе­гIерхIайванги бугеб магIишат буго гьезул хъизамалъул. 270 гъурщиде гьанал килограмм, хIанил — 250 гъур- щиде бичулеб бугоан гьеб къоялъ ярмаркаялда. Шагьаралда гьабсагIат гIиял гьан буго 300-320 гъурщиде, хираго буго цогидаб нигIматги. Гьан, гьединго, МелъелтIа росдал вакилзабазухъги бугоан. Гьарадерихъа бачIун букIана бакъ- вараб гьанги. Гъоркь Инхоса Булатханов Сахратулагьихъ бугоан мохмох. ИчичIалиса МухIамад Ханакаевги вукIана, бакъуда данде кенчIолел гIертIалги цере тIиритIун. Квасул щватабиги, хинал къвалгьечIалги, цогидабги квералъ бессараб ретIел бичулел руччабиги рукIана.

 

 

   КИЛАЛЪА ГIУМАРИЛ ТИРИЛЪИГИ, БАРХЪАЛИСЕЛГИ, ТУРГЬБИГИ

 

     ТIад лъун вехьасул тIагъургун, кодоб эргъахъги ккун Килалъа ГIумар Хандулаевги вукIана гьеб дандеруссинги берцин гьабун чIаголъиялда. 69 сон барав гьес, гIолохъанчияс киннигин, турникалда гьунарал гьарураб куцалъ дунялго хIайран гьабуна дагьаб цебегIан. Интернеталда буго гьеб видео. Инхо букIараб тадбиралда цIакъ рекъон вукIана гьев, унгоунгояв магIаруласул ретIа-къайгун. Инхвадерил ярмаркаялде жидерго щагIил цIарагIги босун рачIун рукIана Бархъалиса устарзабиги. Гьединго гьенире рачIун рукIана Юждагъалдаса гIадамалги. Инхо ярмарка тIобитIулеб бугилан рагIаралщинал цогидал бакIаздаса чагIиги рачIун рукIана гьенире. Тургьби рессулей цо гIадан йихьун, гьелда аскIове щведал, гьел ратана Гъоркь Инхоса руччаби. Эбелги ясги. Рихьизего берцинал тургьби ругоан гьез хIадурун. Гьединго гIертIил къвалалги рухьбиги ругоан. Амма бищунго берцинго рихьана айфоналгун смартфонал жанир лъезе бегьуледухъ, квегIенаб куцалда гьез гьарурал гIисинал хулжал. Гьел гьаризе бокьарал гIадамазул гIемераб заказги букIунин жидееян бицана Инхоса рессарухъабаз. Квен-тIехги гьарзаго букIана гьеб къоялъ Инхо. Гьалбал кваназаризе ашбаз хIадурун бугоан. Щиб бокьаниги, нигIматги букIана. Берцинлъиги букIана киса-кибего. Разиго руссана нижги, Инхобе гьабураб сапаралдаса, разилъи дагь-дагьккун ссун унеб бугеб тахшагьаралде. Болъихъ районалъул нухмалъулев Руслан ХIамзатовас абуна гьадинал ярмаркаби тIоритIизе эстафета магIарул цогидал районазги къабул гьабизе ккелилан. ЦIакъ лъикIаб иш буго гьеб. Жакъа кутакалда хIажат руго гьединал тадбирал. Нилъерго умумузул яшав кинаб букIарабали гIолеб гIелалда бичIчIизе, хурухъанасул ва гIияхъанасул захIматалъул къимат гьезда лъазе хIажат руго гьединал дандеруссинал.

Ашахан ЮСУПОВ Гъоркь Инхо – МахIачхъала