ГIумар ГIумаров: «Доб мехалда нижеда чIванкъотIун лъалаан тушман щив, гьудул щивали»

 

Цеве ДРялда УФСИНалъул нухмалъиялда вукIарав Муслим Даххаев туснахъ гьавуна дагьалъ цеве Ростовалда.

Гьелдаса хадур жанир лъуна Ростовалде цогидаб хъулухъалде витIизегIан МахIачхъалаялда гьесда цадахъ хIалтIулел рукIарал гIадамалги (кинавниги 11 чи, гьезда гьоркьоса лъабгоял рукъалъул туснахъалда руго).

 

 

ГьанжегIагар гьезухъе щвана ГIумар ГIумаров. Гьев ккола гIумруялъ гьебго системаялда хIалтIулевги вукIун гьанже ДРялъул ЖамгIияб палатаялда цебе гIуцIараб ОНКялъул нухмалъулев. Туснахъазда лъурал, полициялъул отделазде рачун гIакъуба кьурал гIадамазда хадуб халккола гьеб комиссиялъ.

 

 

«ХIакъикъаталъул» редакциялда гьадинаб хабар ккана ГIумар ГIумаровасулгун нижер.

 

 

— СИЗОялда ругел УФСИНалъул хIалтIухъабазул щивав тIамун вуго цо-цо чи вукIунеб камераялъув. Лъугьа-бахъунеб жо лъазе я газетал гуро гьенир, советияб заманалдаго рукIарал басриял тIахьал гурони. Я сагIат гуро, какил гIужниги лъазе. Телевизоралги риччалел гьечIо гьенире, холодильникалги гьечIо. СИЗОялъул складалда абуни лъебергониги телевизор буго бегун. ТIасахун кьураб буюрухъ рагIула гьединаб. Щибниги биччагеян. Гьединал шартIаздеги ккезарун гьел мукIур гьаризе къваригIун рагIула гIайибалъе. Амма 2006 соналда къабул гьабураб хIукмуялда рекъон, инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ Европаялъул судалъ гьединал хIужаби рикIкIуна чиясе гIакъуба кьейлъун.

 

 

Улкаялъул законалда рекъонги кьезе ккола гьезие телевизоралги, холодильникалги, цогидабги. Щайгурелъул гIайибиял ругилан жеги хIукму къотIун гьечIелъул гьезие. Щиб лъалеб, метерисеб къоялъ ритIухъ гьаризеги рес буго гьел. Гьеб мехалда щибилан доз закон цIунулезда абизе кколеб?

Валлагь, дицани абуна гьединал тIадкъаял кьолел прокуратураялъулги цIех-рехалъул комитеталъулги хIалтIухъаби гьанир жанир тIамураб мехалда гьезиеги гIуцIейин гьединал шартIал.

 

 

— Телевизоралги холодильникалги гьечIолъиги гуребги, цоги сунда тIасан гIарзал ругел гьезул?

 

 

— Гьезде гIунтIизарурал гIайибалги руго гIакълуялда данде кколарел – Даххаевасда хурхун показаниял кьуни, жидеца нуж къватIире риччалин абулеб буго.

 

 

Масала, анлъго судимость бугев чияс показаниял кьолел руго тюрьмаялъул начальниклъун вукIарав Давуд Давудовасда хурхун. Къандалъоги ургуги кьуралъухъ туснахъ гьаруразухъа ришваталъе 300 азарго гъурущ босун бугин гьесилан.    

 

 

Дун гьеб системаялда хIалтIулеб заманалда гIадат букIана чи жанив тIамичIого вукIинелъун следователас чанго батIияб рахъ хIисабалде босулеб. Гьанжейин абуни тIаса ккезабизелъун хIалтIулел руго гIемерисел.

 

 

ПалхIасил, ОНКялъул председатель хIисабалда дихъе рачIарал гьезул гIарзал ДРялъул прокуратураялдеги Москваялде РФялъул ЦIех-рехалъул комитеталдеги ритIизе руго дица.

 

 

— ГIакъуба кьолеб бугищ гьезие?

 

 

— Гьебни гьечIо. Амма гIадатиял чагIазе кьолеб бугоха. Масала, дагьалъ цере тIибитIизабун букIана Дагъистаналда боевиказе кумек гьабулел ратарал чагIи ккунилан – ЖабрагIил ИбнухIажаровги МухIамадхIажи МухIамадовги. Дида рихьана гьел. Амма мукIур гьаризе къваригIун кутакалда гIакъуба кьун бугоан гьезие.

 

 

— Мунги гьебго системаялдаса чилъидал…

 

 

— Дун вуго советияв милицияв. Нижеца гьединал жал киданиги гьарулароан. Доб мехалда нижеда чIванкъотIун лъалаан тушман щив, гьудул щивали. Къойилго гIадин чIвалел гIадамалги рукIана доб мехалда – нижералги диниял экстремисталги. Амма гьелъулъ цо ритIухълъигIаги букIана.

 

 

Заман щун буго нилъерго Дагъистаналъул букIинеселъул пикру гьабизе. Лъималазул пикру гьабизе нилъ кватIана, гьезул лъималазулгIаги ургъел гьабизе ккеларищ нилъеца? Республикаялъул нухмалъиялъги кутакалда гIадахъ босизе ккела кидаго гьеб пикру.

 

 

Абухъего, нухмалъулезул хIакъалъулъ. Масала, Чачаназул нухмалъулев Рамзан Къадиров бащдаб лъагIалидаса бащдаб лъагIалиде щола туснахъазде. Амма нилъер нухмалъулел ахираб 10-15 соналда жанир цониги нухалда щвечIин абизе бегьула туснахъазде. 90 проценталъниги дагъистаниялги гьечIищха гьенир жанир. ТIалъиялда бараб жо гIемер букIуна. Гьелги гъорлъе журани, иш бигьалъула. Гурони, жанир тIамун гIадамалгун, кьун гьезие гIакъубагун, масъала тIубаларо. Дора жанир цIакъ гIемер руго гIолохъанал васал. Гьединго гIиси-бикъинаб жо бикъунилан анцIго-анцIила хадур сонал кьурал гIадамалги.  

 

 

— ГIумар, дандчIван рукIаго цогидал туснахъазулги гьикъилин. Масала, гIемер гIарзал рукIуна къватIиса пачалихъаздаса гIадамал заманаялъ жанир тIамураб МахIачхъалаялда бугеб централда тIасанги. Цо чи вукIана бицунев щибниги гIиллаги гьечIого чIезарун ругила жал гьенир тIубарал моцIаца. Анкьго моцI бараб лъимерги гьелъул эбелгицин ругила жидеда гъорлъ. Аслияб куцалда Азербайжаналдаса, Тажикистаналдаса, Узбекистаналда чагIи ккола гьел, гIиси-бикъинаб гIайиб ккун, гъалмагъир гьабун гьенир тIамурал. ТIад къотIараб гIакIаги бецIун риччан тани бегьуларелищ гьел жиде-жидер ватIаналде? ТIадежоялъе пачалихъалъе гIезегIан заралги кколеб гьечIищ гьелщинал гIадамал чIорого кваназарун, рега-рахъинарун?

 

 

— БитIараб буго. Амма гьеб рахъалъ законал руго рагIа-ракьанде щвечIел. Масала, гьаниса нахъе ритIизеялъе гIоло гьезие билетал росизе кколел руго хасал тендералги лъазарун. ТIадежоялъе чанго батIияб хъулухъги буго гьезулгун хIалтIи гьабулеб (полиция, миграциялъул хъулухъ, прокуратура, судазул приставал). Цоязда тIадкъан тун букIарабани.

 

 

— Чан чи гьенив вугев гьабсагIаталда?

 

 

— 90 чи вукIана дагьалъ цеве. Гьанже 87 хутIун вуго. Гьезул 50 чияс гьарулеб буго жалго риччайила жал белтал росизе. Гьезул ракIсвакан букIинарищ гIадада гьанир чIун? Амма тендерал лъазаризе кколилан чIезарун руго гьел гIадамал. ХутIаразул паспортал гьечIо.

 

 

— У, дихъеги кIалъана гьединав цо чи Рустам ГIалиев. Жив 13 соналъ цевего вачIун вукIанила Азербайжаналдаса Дагъистаналде. Лъабго соналдасан туснахъалъуве кканила. Гьениб анцIго сонги бан гьанже къватIиве виччан вугила. Гьеб заманалда жаниб I3 соналъ цебего гьесухъ букIараб СССРалъул паспорталъул болжалги лъугIун буго, гьесда гьабилеб жо лъаларого миграциялъул хъулухъги буго. Документ гьечIого нахъе витIизе бажаруларелъул гьев.

 

 

— Нижеца кумек гьабулеб буго гьесие. Киса-кибего хъвалеб бугоха.

 

 

— ОНКялде туснахъаз рахъулел гIарзал гIемерисеб мехалда сунда тIасан рукIунел?

 

 

— ЦIех-рехалъул хIалтIуда тIасан букIуна гIарз. Масала, ичIго моцIида жанив цониги нухалда туснахъалде ваккичIев следовательги вуго. Дагьалъ цевегIан щун вукIана Гъизляралъул

ГОВДялда следовательлъун хIалтIулев вукIарав чиясухъе. Микьго моцI бугин следователь жиндихъе ваккичIелдасайин бицана гьес.

Гьединго колониязда кьолеб кванида тIасанги букIуна гIарз. Тюбеялда ругел туснахъазда чIалгIун бугоан къойилго кьолеб картошка.

ИКязда ругел къватIиса пачалихъаздаса гIадамал руго гIарзахъдулел жидее судияз жидее УДО бихьизабулеб гьечин, жал туснахъалда хIалтIун гьечIилан (УДО – условно-досрочное освобождение – ред.).

 

 

— Бугищха гьезие доба жаниб хIалтIи?

 

 

— Гьебни буго – богорокъор, мастерскаязда. Пенсионерал хIалтIичIониги бегьула.

Туснахъ гьаруразда гьоркьор гIемер руго столал-бакIал, партаби гьаризе махщел бугел чагIи. Амма цIалул идарабазниги гьезие заказал кьолелани. Кьолароха. Бищун лъикIаб букIинаан советияб заманалда гIадин пачалихъалъ заказал кьун, гьез тIуразаруни. Гьединго гордал гьарулел чагIиги руго дора. Амма кин гьез гьел ричилел? Масала, гордал гьарурал чагIи рачIунаха духъе рокъоре гьел лъезеги. Туснахъал кин дораса къватIире рачине гьел лъезе? ТIадежоялъе туснахъазул цIар бахъарабго кьурун тIадруссине бегьула щибниги жоялъе заказ кьезе къваригIарал гIадамалги. Туснахъазда иш лъугIарал гIадамал рукIунин абураб пикру бугелъул гIадамазул. Амма гьеб мекъи буго. Кутакалда батIи-батIиял чагIи руго дора.

 

 

— Гьадал дуца байбихьуда бицен гьабурал туснахъазул хIакимзаби кквеялъ кинаб асар гьабураб УФСИНалъул хIалтIуе?

 

 

— Гьабунин рикIкIуна дица. Кутакаб кьаби щвана УФСИНалда. Ункъо туснахъалъул начальниклъидалха жанив тIамурав. Туснахъалъул начальниклъун тIамизе хIадурарав чи гьечIо гьабсагIаталда. Чанго соналъ тIатIалаго хIадуризе кколаан гьел. Дида рагIана хутIарал хIалтIухъабиги нахъе инехъин ругилан. Бокьараб коллективалда вукIуна дагьа-макъабниги гIайиб бугев чи. Гьединго гьезулги гIунгутIаби ратарал къагIида. Амма гьезде гIайиб гIунтIизабулеб куцалда иш батиларин ккола дида (цIех-рехалъул пикруялда рекъон, гьел чагIаз кIудияб хIилла гьабун буго бюджеталъул гIарцуе – ред.).