«Инсан» фондалъе – медаль

Микьабилеб июналда кIодо гьа­буна Социалияб хъулухъалъул хIалтIухъанасул къо. Гьелда бан, МахIачхъала шагьаралъул адми­нистрациялъ шапакъатал кьуна рехсараб хъулухъалъул бищунго лъикIал хIалтIухъабазе. Кьуна ша­пакъаталгун сайгъатал гурхIел-рахIмуялъулал фондазеги.

 

Республикаялда коронавирусалъул инфекция тIибитIулеб зама­налда халкъалъе кумекалъе эхетана «Инсан» фондалъул хIаракатчагIи. Гьез щвезаруна ресукъал хъиза­мазе кванил нигIматалги дара­биги. Фондалъул нухмалъулев МухIамадрасул АхIмадовасе кьуна «Борч ва намус» («Долг и честь») абураб медаль – социалияб жигар­чилъиялъухъ ва инсан вокьи куца­ялъухъ.

 

Шапакъат кьолаго, МахIачхъала шагьаралъул Херазул советалъ­ул председатель, Ветераназул со­веталъул президиумалъул член ГIабдулмутIалиб ХIамзатовас гьадин абуна: «Инсан» фонд буго Северияб Кавказалдаго бищун кIудияб социа­лияб рахъалде гьетIи бугеб жамгIияб гIуцIи. Гьелъул жигарчагIаз кумек гьабула Россиялъул батIи-батIиял субъектазда гIумру гьабулел ресукъ­ал хъизамазе. Дагъистанияз кIудияб баркала кьолеб буго МухIамадрасул АхIмадовасеги гьесул нухмалъиялда гъоркь хIалтIулел гIолилазеги – ре­спубликаялъе захIматаб заманал­да кумекалъул квер бегьаралъухъ, жамгIияталъул социалиял масъа­лабазде кIваркьеялъухъ, нужер мах­щелчилъиялъухъ», -ан.

«Баркала. Ниж цIакъ рохана «Ин­саналъул» хIаракаталъухъ медаль кьеялдаса. Гьайгьай, гьеб нижеца къабул гьабула дагъистаниязул бо­жилъи хIисабалда ва, Дагъиста­налъеги дагъистаниязеги лъикIлъи гьабиялъул мурадалда, жеги лъикI хIалтIизе хIаракат бахъила», -ян абуна МухIамадрасул АхIмадовас.