МагIарулал годекIанир

СССРалъул Журналистазул союзалъул член МухIамад Расуловас данде гьабураб «МагIарулал годекIанир» абураб тIехьалдаса

 

 

Херехь рагIи бегIерал гIадамал ругиланги рагIун, гьел къезаризе пикруялда, вачIун вуго гIандадерил лъабгояв. Росу рагIалде щведал гьезда гIодулев цо вас данде ккун вуго. — ВуцIцIун гIоде, вас, — ан абун буго гьезул цояс. — Нужго, гIодорги чIун, рилълъа, — ян жаваб гьабун буго гьезие васас.

 

* * *

Росдал годекIанире щведал, гIандадарица цо гIолохъанчиясда гьикъун буго: — Нужер багIаргьалида накъищ лъица бахъараб? — ан. — Нужер чIегIергьалида лахI бахарав чияс, — ан жаваб кьун буго гьесги.

 

* * *

Нилъалзукь квералги чIван рукIун руго годекIанире гIадамал рачIинегIан гIандал херехь махсаралде кквезе ургъулел. ТIаде рехун вачIарав Кортасда гьез цIехон буго: — Нужер гIадамал кире арал? — ан. — Нилъалзукь чIван нужер кверал свакан ратилин, гьезул бакIалда чIвазе рахал къотIизе рохьоре ана, — ян къокъ гьабун буго Кортас хабар.

 

* * *

ТIаде вачIарав гьоболасе хъулухъ гьабизе малъулаго Кортас гIолохъанай чIужуялда абун буго: — Дуца бачIинаго гьесда цебе хъаба цIун лъим лъе. Гьес гьеб гьекъечIони – кIал ккун букIуна, гьекъани – кванан вачIун вукIиналъул гIаламат ккола. КIал ккуравги гIорцIаравги чи кваназавуни, нилъее кIудияб мунагь букIинарищ?

 

* * *

Кортасухъе гьоболлъухъ щварай Занкилалъе кваназе жо лъун буго. Гьев махсараде кквезе къваригIарай Занкилалъ, кваналеб жоялда сверухъ лъугьун гIемерал тIутIал рихьидал, абун буго: — Гьал тIутIазе батIаго кьезе бегьуларищ букIараб кваназе жо? — ян. — БитIарабха, Занкилай, — ан Кортас, босун, дандежо доб цояб столалда лъун буго, хинкIал Зинкилалда цереги тун руго.

 

* * *

Пер кунев вукIун вуго Кортав, чваххулаго магIугун. — Щай гIодулев? — ан суал кьун буго гьесие. — Вихьуларогойищ? Пер кунеб букIун, — ан жаваб гьабун буго Кортас. — КваначIого теха. — Кинха телеб, — ан абун буго гьес, — дица гьаб богIохъ хисун босараб бугелъул.

 

Сурат босана гьаниса: https://welcomedagestan.ru/