Ункъо чи чIвана

 

 

 11 сентябралъул сардилъ Гумбет районалъул МелъелтIа вагъизе ккана кIиго гIолохъанчи. ДагIба-рагIи хIалуцине байбихьидал, цояс цогидасул мачIчIалъ нус кьабуна. Хадув гьев больницаялда хвана. КIиявго гIолохъанчи рукIана кьерилал, ай 21 сон барал чагIи.

Нус кьабурав полициялъул хIалтIухъабаз ккуна. Сурав босулелъул гьес бицана, гьеб къоялъ къаси рокъове вачIунаго данде кканин чангояв. Гьезул цоясулгун санагIат гьечIеб хабарги ккун, иш гьелда къокълъичIеб мехалъ, рокъовеги ун, нусги босун вачIун вуго гьев. ДагIба-рагIи халалъидал, нусги чIван буго дандиясда.

Гьелдаго релълъараб хIужа ккана Буйнакскиялдаги. Республикаялъул МВДялъул хIалтIухъанасдаги кIиго чиясдаги гьоркьоб ккана дагIба. ЦIакъго гьеб хIалуциндал, гьес гьел чIвана. Хадув живго жинцагоги чIвана. ЧIварал ккола гьесул йикIарай лъадул эменги яцги.

Ашахан Юсупов