Махсарайищ, уябищ?

 

 

 

 

  Гьаб анкьил байбихьи республикаялда ракIалда чIана МахIачхъалаялъул школазда дарсал гьоркьор къотIизариялдалъун. БитIахъе зазда чIараб хIанчIил гIадаб хIал букIана гьал къоязда тахшагьаралда гIумру гьабун ругел гIадамазул, хасго лъималазул эбел-инсул. Школазда теракт гьабизе гьениб кьвагьулеб жо лъун бугилан хабарги тIибитIун, къватIире тIурулел рукIана лъималги учительзабиги.

  МахIачхъалаялда школа кьвагьизабизехъин рагIулин абурал харбал раккана гъоркьияб анкьидаго. Байбихьул классазда цIалулел, жеги гIисинго ругел лъималги рачун рокъоре рачIунел рихьулаан улбул. Гьединаб сурат букIанин шагьаралъул цогидал школаздагиян букIана нижехъе щварал баяназда.

  Гьаб анкьил байбихьиги гьединабго букIана. Итни къоялъ, 12 сентябралда нахъойги тIибитIана гьебго хабар. Гьоркьор къотIизаруна дарсал. Лъималги учительзабиги гочинаруна къватIире. Нахъисеб къоги — 13 сентябрьги бачIана гьелдаго релълъараб. ПалхIасил, чанго къоялъ тIатIалаго, школал кьвагьизаризехъин ругилан абураб хабаралъ кверде босана МахIачхъала. Тахшагьаралъул кинабниги 63 школалдаса къватIире гочинарун рагIулин лъимал ва учительзабиян букIана итни къоялъги нижехъе щвараб баян.

Гьаб жоялъул магIна щибин, нанотехнологиялги интернеталъул ва цогидаб техникаялъул гучги цIикIкIараб XXI гIасруялдагийищ гьадинаб жо букIунеб, гьересийищ, уябищ гьаб хабарали чIезабулареб щаян хъудизе лъугьана гIадатияб халкъ ва гьединго лъималазул улбул. Социалиял гьиназдаги букIана гьединаб суал кьолеб цоцае. Лъималазул эбел-инсулги рахIат хвезабун букIана гьелъ.

  2004 соналда Северияб Осетиялъул Беслан шагьаралда гIадинаб теракт гьабизехъин рагIулин МахIачхъалаялъул школаздаян букIана цо хабар. 18 соналъ цебе гьезги агъаз гьабичIого тун рагIулин гьединаб хIинкъи бугеб хабар, ахирги гьелъул ккараб пашманаб хIасил дунялалдаго рагIанин, гьединлъидал цIодорлъи гьабеян гьел хIинкъи кьун тIиритIизарулел харбаздаян букIана бицунеб. Цояс букIана бицунеб, Украинаялда бугеб хасаб рагъулаб операциялда хурхараб жоги букIине бегьулин гьебан абун. Лъицаниги нилъее квешезе гIоло тIиритIизарулел харбал ратизеги бегьулин. Кинаб бухьен гьеб кIиялдаго гьоркьоб бугебали ниж хадур гъечIо. Къокъ гьабун абуни, кьучI гьечIел харбал гIемер рукIана. ХIакъикъат кинаб бугебали баян щвезелъун нижеца бухьен гьабуна МахIачхъалаялъул Лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулезулгун. ГьабсагIаталда гьеб хIужаялда сверухъ цIех-рех гьабулеб буго къуваталъул идарабаз. Школазул нухмалъулез хIинкъи гьечIолъи букIинабиялъул рахъалъ кIварал тадбирал гьарулел ва лъугьун бугеб ахIвал-хIалалда хадуб хъаравуллъи чIезабун буго тIадал идарабаз абун гурони, цо сахаб, хIакъикъат рагьулеб баян гьезухъа нижее щвечIо.

 Кинабго жидерго хъаравуллъиялде гъоркье босун бугин республикаялъул МВДялъул ва ФСБялъул хIалтIухъабазин абураб жаваб щвана МахIачхъалаялъул администрациялъул жамгIияталъул хIинкъи гьечIолъиялъул суалазул рахъалъ управлениялъухъа.

Республикаялъул жанисел ишазул идараялъул пресс-хъулухъалъухъа нижее щибниги жаваб щвечIо.

14 сентябралда МахIачхъалаялъул школазухъа лъимал къватIире гочинаричIо. Дарсалги гьоркьор къотIичIо.

   13 сентябралда социалиял гьиназде рехун бачIана, школазда кьвагьулеб жо лъун бугилан хабар биччарав гIолилав кквезе щванилан абураб хабар. Гьев ватана МахIачхъалаялдаса 15 сон барав гIолилав. Живго цIалулеб школалда, жанахIалъуб бугеб столалда гъоркь лъун бугин гьеб кьвагьулеб алатиланги абун, кагъат битIун бу­го гьес электроннияб почалдасан. ЛъикIаб хъизамалда гIурав, гIакълу-лъаялъул рахъалъги щибниги мукъсанлъи батичIо гьесул. Щиб мурадгун гьес гьединаб къваригIел гьечIеб иш гьабурабали бичIчIизе кIвечIо. ФСбялъул хIалтIухъабаз ккун хадув гьеб жиндир махсара букIанилан мукIурлъун вуго гьев. Амма махсараялъ уголовнияб кодексалда бихьизабураб статья нахъчIваларо. Гьесда тIад уголовнияб дело рагьизе материал хIадурулеб буго цIех-рехалъул идарабаз.

Ашахан Юсупов