Рекламаялъул хъарщал, ФАПал ва Нарын-хъала ( РФялъул Федералияб Собраниялъул Федерациялъул Советалъул председателалъ Дагъистан беццана, амма МахIачхъалаялъул къватIал какана)

 

 

   11 июлалда Дагъистаналде ячIун йикIана РФялъул Федералияб Собраниялъул Федерациялъул Советалъул председатель Валентина Матвиенко. Республикаялда гьелъ бана кIиго къо ва гьеб кIиябго къоялда гIемераб бакIалдеги щвана. Нилъер миллияб квен-тIехалъул хIалги бихьана, цо-цо хIакимзабазе бадирчIваялги гьаруна.

   Республикаялде сапар бухьиналъе аслияб гIилла букIана «Дагъистан социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIеялъе пачалихъалъул кверчIвай» абураб программаялда рекъон гьарулел ругел хIалтIабазухъ хал гьаби. Гъоркьиса Федералияб Собраниялда «Дагъистаналъул къоял» унеб мехалда къабул гьабун букIана гьеб программа.

   ЛъагIел ун хадуб республикаялда кинал хиса-басиял ккун ругел ва щиб гьабулеб бугебали лъазе бокьун букIана гьелъие.

   Самолеталдаса рещтIиндал гьей ана МахIачхъалаялъул аэропорталъул цIияб терминалалъухъ балагьизе.

    Жанисанги къватIисанги берцинго къачIараб, гьанжесел технологиязул киналго шартIазда рекъон хIадур гьабун бахъунеб бугеб терминал гьелъие рекIее гIуна.

Аэропорталдаса гьей ана Каспийскиялде. Гьениб гьанжегIагар бараб цIияб ясли-ахалде щвана, гьитIичазда гьикъа-бакъарана, гьезие хIеренаб мацI бицана, ясли-ахалъул хIалтIухъабазулгун накъит гьабуна.

   Каспийскиялдаса гьей ячIана МахIачхъалаялде. Украинаялда къадаралде щварав Россиялъул бахIарчи НурмухIамад ХIажимухIамадовасул цIар лъураб школалде щвана В. Матвиенко. Къеда бараб, мармарлъул къоноялда бикIун гьабураб рагъулав бахIарчиясул сураталда цее, пашманаб сихIкъотIигун, цо минуталъ эхетана. Республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовгун цадахъ, тIугьдузул квацIиги лъуна сураталда гъоркь.

   Гьенисан ана тахшагьаралъул майданалдаса гIемер рикIкIад гьечIеб «Хъвадарухъабазул минаялде». Мунагьал чураяй Фазу ГIалиева гIумру гьабун йикIанин гьеб рокъойин бицунеб мармаралъул хъарщи рагьана В. Матвиенкоцаги ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги. АскIов эхетун вукIана Ф. ГIалиевалъул вас Жамбулат МухIамадовги.

   КIудияй шагIиралъул хIакъалъулъ лъикIал рагIабиги абуна гьелъ. Гьел кIиязулго цоцада рагIизабураб гьудуллъиги букIун буго. ГIемер цоцахъеги кIалъалаанин жалин бицана Федерациялъул Советалъул нухмалъулелъ.

— Кида кIалъаниги дида бицине цIияб щиб букIаниги жо батулаан гьелъул. ГIажаибай гIадан йикIана Фазу. ТIубараб дунялалъего гIураб рекIел гIатIилъиги, кучIдузул цIураб ракIги букIана гьелъул, — ин абуна В. Матвиенкоца.

  Хадуб республикаялъул нухмалъулев С. Меликовасулгун, гьесул кабинеталда, ракI рагьараб хабар букIана гьелъул.

   Бакъанида киналго хIакимзабиги данде ракIарун, хIукуматалъул рокъоб данделъиги тIобитIана Москваялдаса гьоболалъ. Гьениб республикаялъул сахлъи цIуниялъул министралъе бадибчIвайги щвана. 30-гIанасеб фельдшеразулгун акушеразул пункт банин республикаялдаян еццарилей йикIанин мун жиндие, амма гьел ФАПазул цонигиялъуб я бухIарабгун цIорораб лъим, я гьабин абизе инфраструктура жеги чIезабун гьечIин абуна гьелъ. ТIохикье руссинарун гIолел жалищин рукIунел ФАПалинги абуна гьелъ министр Татьяна Беляевалда.

    Гьединго Матвиенкол бадибчIвай щвана МахIачхъалаялъул мэрасеги. Шагьар сурукъ гьабун бугила цо-ялдаса цоял чIахIиял рекламаялъул хъарщазул гIемерлъиялъ.

— Шагьар берцин гьабулел жал ккола тIугьдул, скверал, гIурччинал ахал. Нужер гьаниб абуни рекламаялъул игIланаз сурукъ гьабун буго гьадигIан берцинаб шагьар, — ин абуна Москваялдаса ячIарай хIакималъ.

   Гьединаб букIана Валентина Матвиенкол республикаялде гьабураб сапаралъул тIоцебесеб къо.

КIочон тезе бахъана, ДРялъул Руччабазул цолъиялъул нухмалъулелъ хIурматияй гьоболалъе сайгъаталъе кьуна шалги, каранда бана орденги. Гьеб кIиябго шапакъаталъ цIакъ рази гьаюнин ккола В. Матвиенкоги.

   Нахъисеб къоялъ, радалго яхъун, Дербенталде щвезе ана гьей.

   Гьениб В. Матвиенкое кIудияб гьоболлъиги гьабуна. Бархъалисезул щагIил цIарагIалъул, кубачия- зул месед-гIарцул ва табасараназул тIанса-салмаг бессулел устарзабиги рукIана гьенире ракIарун. СиномахIаб хIарщудаса щагIил хъаба гьабулей ригь арай цо устаралда цее лъалхъана Матвиенко. Гьалъул берцинлъийилан, гьелъул чIинчIоги битIизабуна, кIудияй «модница» йикIун йигин хералъе махсараги гьабуна. Табасараназул тIанса бессулей микьго сон барай ясалъеги бицана берцинаб мацI.

    Гьедин, некIсияб шагьаралда кIудияб свериги бахъун, гьаний гIемераб жоялъ панаги гьаюн, нахъюссун Москваялде ана В. Матвиенко.

    Иналде цебе нилъер республикаялъе рецц-бакъги гьабуна. Масала, гIажаибго берцинаб тIабигIатги, гьобол-гьудуласе рагьарал ракIазул гIадамалги ругеб хIикматаб ракь бугин Дагъистанин абуна.

   Баркалаги кьуна гьоболлъиялъухъ, гьанибго ракIги тун унеб асар бугин жиндириланги абуна.

Ашахан ЮСУПОВ