КъватIисел улкабаздаса студентазе брейн-ринг

 

 

  17 апрелалда “ЧитайЕшь” рестораналда “ТIагъур” ва “КIаз” абураб проекталъул кьучIалда тIобитIана къватIисел пачалихъаздаса Дагъистаналъул вузазда цIалулел ругел студентазда гьоркьоб Дагъистаналъул тарихгун маданияталда тIасан брейн-ринг.

Тадбир гIуцIарал ва жибго гьеб проект ургъарал ккола филологиял гIелмабазул кандидат Даниял МухIамадов ва этно-блогер Фатима ГIабдурахIманова (Фати-добро).

Къецалда гIахьаллъана 10 студент. Гьезда гьоркьор рукIана СагIудиязул ГIарабиялдаса, Индиялдаса, Палестинаялдаса, Камеруналдаса васалгун ясал.

Брейн-ринг гIуцIун букIана лъабго бутIаялдаса, ва хIасилалда чIел босана “ТIагъур” къокъаялъ.

Проекталъул аслияб масъала букIана батIи-батIиял тадбирал, къецал тIоритIун, цIех-рехал гьарун, лъималазулги, гIолохъанаб гIелалъулги, хIатта къватIисел улкабаздаса рачIарал, нилъер гьанир гIумру гьабун ругел гIадамазулги нилъер рухIияб бечелъиялъулгун лъай-хъвай гьаби, гьеб цебетIезаби бугин бицана Фатима ГIабдурахIмановалъ.

— “ТIагъур” ва “КIаз”- гьеб бихьиназулги руччабазулги дандечIей гуро. Нижеца хIаракат бахъула унго-унгоял, нилъерго яхIги махIги чорхолъ бессарал бихьинчиясулги чIужугIаданалъулги образ рагьизе, жакъа къоялдаги умумузул гIадат-гIамал цIунизе бажарулеблъи бихьизабизе, — ян бицана гьелъ.

Тадбир лъугIун хадуб, “Тут добро” фондалъ, къецалъул гIахьалчагIазе кьуна кванил нигIматазул къучIби ва цогидалги сайгъаталгун шапакъатал. 

МухIамад Манапов