«Цо жамагIаталъул тарихалъул азарго сон…»

 

«Россия — дир тарих» абураб музеялда тIобитIана гIалимзабазул дандеруссин. Гьелъул аслияб мурад букIана «Цо жамагIаталъул тарихалъул азарго сон: ГIурада ва гIурадисел» абураб тIехьалъулгун лъай-хъвай гьаби. Гьеб хъвана РАНалъул Дагъистаналъул федерали- яб цIех-рехазул централъул (ДФИЦ) тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гIалимзаби ШагIбан ХIапизовас, Рамазан ГIабдулмажидовас ва МухIамад ШехмухIамадовас.

Данделъи нухда бачарав профессор Тимур Айтберовас абуна: «Дагъистаниязе хасиятаб буго жидерго росу-ракь машгьурлъизаби, гьелъул рухIияб ирс лъазаби ва цIуни, гьединго гьеб бечелъи ирсилазе нахъе тезе бокьи. Гьеб ккола гьаб тIехь хъваялъул аслияб мурадги», — ан.

ТIехьалъе редакторлъи гьабурав тарихчи МахIач Мусаевас абуна: «Гьаб гIадин рагIа-ракьанде щун ва мухIканал документазул кьучIалда хъвараб тIехь республикаялъул цониги росдал хIакъалъулъ гьечIо. Гьеб рикIкIине ккола ГIурада росдал мисалаздалъун Дагъистаналъул тарихалъул хIакъалъулъ бицунеб тIехьлъун», — ан.

ГIурадисезул жамагIаталъул цIаралдасан Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад Ибрагьимовас абуна: «ТIехьалъул аслияб кIвар ва къимат ккола гьеб архивазул, жалго бетIергьанал чагIазул коллекциязул, квералъ хъварал тIахьазул ва кагътазул фондалъул документазул кьучIалда хъвараб букIин. Дица гьеб цIалана, кодоб къаламгун. Гьайгьай, дун чамалиго нухалъ гьелде тIад вуссина. Дица гьеб рикIкIуна кIудияб рухIияб бечелъилъун ва щивав гьидалъесул столалда тIад чара гьечIого букIине кколеб тIехьлъун.

Дие цIакъ кеп щвана гьелда бицунеб бугеб, цебе Гьидалъ букIараб, демократияб къагIидаялда масъалаби тIуразарулел рукIиналъул баяналъул. ТIад ГIурада росдада тIадехун бугеб «Хурда хIор» абулеб майданалде данделъиялде ахIулел рукIун руго гьидерил росабазул бегавулзаби, гIалимзаби ва рагIи билълъарал чагIи. Гьоркьор лъолел рукIун руго рагъ-кьалалъул, яшавмагIишаталъул, гIадат-гIамалалъул, ай гьидерил боялъе кIвар бугел суалал. Киналго вакилзаби разилъун гурони, гьел къабул гьарулелги рукIун гьечIо, амма, къабул гьарун хадур, гьел чара гьечIого тIуразе кколел рукIун руго», — ян.

ТIехь хъваялъе кIудияб кумек гьабурав МухIамад ЧIегIеровас абуна, тIехь хъваялъул хIалтIи байбихьанила 2008 соналда. Абизе бегьулила гьелъие кьучI лъунин профессор Амри ШихсагIидовас. ГIалимчи МухIамад ШехмухIамадовгун цадахъ лъугьун, гьес реганила нахъе цIунун хутIарал ГIурада росдал та- рихалъул бицунел, гIараб мацIалъ квералъ хъварал цIакъ гIемерал церегосел документал. Гьездаса тIехьалде росарал гIемерал баяназдасан ва хIужабаздасан цIалдолезда лъалила некIо гIурадисезул ва гьидерил букIараб гIумру-яшавалъул, гIадатазул хIакъалъулъ гIемерал пайдаял хIужаби.

ТIехь хъваразул цояв МухIамад ШехмухIамадовас абуна: «Аби буго, лъикIлъи гьабурасе баркала кьоларес Аллагьасеги баркала кьолароян. Нижер рахъалдаса дица кIудияб баркала кьела, нижее сундуего хIалае батараб гIурадисезул жамагIаталъе, хасго нижер хIалтIуе киналго шартIал чIезарурал ва къиматал малъа-хъваял гьарурал МухIамад МуртазагIалиевасе ва МухIамад ЧIегIеровасе. Гьединго тIехь биччаялъе хIажалъулел харжал тIубанго жинда тIаде росарав МухIамад Талайловасе.

Гьеб тIехь хъваялъе нижеца гьабуна цIакъ кIудияб гIелмияб цIех-рех. МоцIаз хIалтIана Тифлисалъул ва Москваялъул рагъулгун тарихалъул архивазда. Цоги жоялъул бицинаро, гIицIго дир килщаз бегана щуазаргоялдаса цIикIкIун архивияб документ. Пайда босана 106 гIалимчи-тарихчиясул тIахьаздаса ва макъалабаздаса. Гьадин рагIаракьанде щун хъвараб гьеб тIехь лъугьина росабазул тарихалъул тIахьал хъвалел чагIазе къиматаб мисаллъун.

Росабазул ва жамагIатазул хIакъалъулъ хъварал гIемерисел тIахьал руго «хъвадарухъанас» жинда берцин бихьараб къагIидаялда, ай тарихиял баянал мекъса сверизарун ва хIужабазулъ хатIалъи бич- чан хъварал. Гьезда кIодо гьабулеб буго жидерго тухум-кьибилалъул машгъуллъи, понцIозабулеб буго гIагарал чагIазул цIакълъи- тIокIлъи. Гьедин хъвараб тIехь тарихалъулаб кколаро, гьеб рикIкIине ккола художествияб асарлъун, гьелъул бицине гIураб къимат букIунаро. Росдал хIакъалъулъ тIехь хъвазе ккола хъвалеб жо жиндего цIаларев вацIцIадав гIалимчияс яги тарихчияс», — ан. ТIехьалда руго цIалулезе пайдаял гIемерал хIужаби ва баянал. Маса- ла, 1365 соналда гьениб бараблъун рикIкIунеб буго гьатIанрукъалъул мина (часовня), гьелда сверун гIуцIун буго ГIурада росу. Баян кьолеб буго ХIарада росдал гIадамал Гьидалъа къватIире гъеялъе ккараб гIиллаялъул. Бицунеб буго исламияб дин тIибитIизе насранияз гьабулеб букIараб квалквалалъул ва XVII гIасруялъул бакьулъ исламияб низам билълъанхъизабулеб букIиналъул хIакъалъулъ.

Гьайгьай, цIалдолез гъираялда цIалила 1741-1743 соназда Надир-шагьасде данде гьабулеб букIараб къеркьеялда исламияв гIалимчи Ибрагьим-хIажияс гьабураб цевехъанлъиялъул ва гьидерил гIолохъабаз бихьизабураб бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ.

XVII гIасруялъул 70-абилел соназда Гьидалъ тIибитIараб къавудаялъ хун вуго цIакъ гIемер чи, гьелъ кьаби щвезабун буго гьидерил жамагIаталъул яшав-магIишаталда ва рагъулаб гучалда. Гьелъул хIасилалда гьидерил боялъул цебе букIараб кIвар лъугIун буго.

ТIехьалда гIатIидго бицунеб буго, Имамат гIуцIулаго ва гьеб цIунулаго, гьидерил гIолохъабаз бихьизабураб бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ. Масала, 1856 соналда Гьидерил наиблъиялъ Имаматалъул аскаралде витIун вуго 200 рекIарав ва 300 лъелав рагъухъан.

Дир щибго щаклъи гьечIо, гьеб тIехь цIалдолез гъираялда къабул гьабизе букIиналда.

Нури Нуриев