Цо къоялда жаниб — 14 миллион гъурущ

 

   «ХIакъикъат» газеталда чанго нухалда хъванги букIана ЧIикIасан Авар ва ГIанди гIорал журалеб бакIалде щвезегIан бахъулеб Бузнаса нухалъул хIакъалъулъ. Гьал къоязда кьурабиги кьвагьун, гIанлъун, рорлъун гьеб магIаруллъиялъего кIвар цIикIкIараб нух бахъиялъул хIалтIухъ бакIалде щун балагьизе рес щвана магIарулазе. ЦIорораб къо букIаниги, щунусгоялдасаги цIикIкIун чи вачIана ЧIикIаб росдада гIагарлъухъ бугеб майданалде. Данделъаразул цо-цояз абулеб букIана жидеда бакIалде щун кинабго бихьизегIан туннелалдасан нухги букIаго, Бузнасан нух бахъизе кинаб хIажалъи ккарабали бичIчIулеб букIинчIилан. Амма гьениб гьабураб хIалтIиги, цIанбитIараб нухги, сверухъ бугеб берцинлъиги бихьидал, унго-унголъунги гьеб магIаруллъиялъе къваригIараб букIиналъе жал мукIурлъанин абулеб букIана гьез. Туннелалдасан унаго, нилъеда ратула гIемерал эхедераял, свералаби. Хасго хасало, цIорораб заманалда цIерчIвала гьениб. Гьелъул гIаксалда, Бузнасан рукIине гьечIо киналгIаги эхедераял ва свералаби. Ралъдал гьумералдасаги гьеб гIицIго 350 метралъ гурого борхатаб гьечIин бицана гьениб. Туннелалдасан риччаларо чIахIиял юк баччулел машинаби. Бузнасан хьвадизе гьезие квалквал букIине гьечIо. Гьелде тIадеги, туннелалдасан нух бокьараб заманалда къазе бегьула, тIабигIиял лъугьа-бахъинал сабаблъун. Гьединлъидал кIиабилеб, ай цоги нух хIисабалда букIанигицин гьечIищ гьелдаса пайда.

   Гьарулел хIалтIабазулгун лъай-хъвай гьабун хадуб тIобитIараб тадбиралда МухIамадкамил Дибировас бицана Бузнаса нухалъул халалъи 30 километр бугин ва жакъаялде гьабураб нухлул манзилги бащалъулин 26 километралда.

  — 2014 соналдаса нахъе гьаниб, Аллагьасул кумекалдалъун, цо къоялъ хIалтIи гьоркьоб къотIичIо. МагIарул халкъалъ гьалда сверухъ бихьизабуна кутакаб жигарчилъи. 26 километралъул манзилал- да нух гьабун буго, хутIун буго ункъо километр. Амма гьеб бутIа буго бищун захIматаб. Гьенир гIемер руго жанир цIезаризе кколел кIкIалалгун хъитIалги, кьвагьизе хIисабалде росарал кьураби- ги.

   Бузнаса нух гьабун рагIалде бахъинабизе кIвани Гъизилюрт, Хасавюрт мухъаздаса магIарухъе рачIунезе нух къокълъизе буго 24-25 километралъ, ГIахъуша, Лаваша, Лак районазде Гъизляралдасан рачIунезе — 106-110 километралъ, МахIачхъалаялдасан рачIунезе — лъабго километралъ. ЧIикIаб гIадаб кIудияб росдаца пайда босулеб буго ГЭСалъул хIорихъа мотораз кьабгIун бачIунеб лъедаса. Бузнасан нух бахъун хадуб, чIикIасезе рес ккезе буго, нухлул хьибилалдасан рогIралги лъун, ахакьезул, ишкартисезул, хъерендерил ракьалдасан бачIунеб мугIрул лъарал лъим росулъе бачине. Мехелалда жаниб, гьоркьохъеб хIисабалда, туннелалдасан унеб буго щуазарго машина, гIидалъул къоялъ — 150 азарго. Бузнасан нух рагьун хадуб, гьелъ тIаса босила туннелалдасан хьвадулеб букIараб автотранспорталъул хIалкъай. Рехсезе ккола транспорталъул харжалги, нухлулазул нухда унеб заман дагьлъиги, хIинкъи гьечIеб нух букIинги.

   Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, нилъеца цолъун хIаракат бахъизе ккола гьаб нух бахъун лъугIизабизе. Ресалда ругел чагIи дагьал гьечIо нилъеда гьоркьор. Амма хIажат буго Бузнаса нухалъул кIваралъул гьезда бицине, нухлуе гьабулеб садакъа кутакалда кири цIикIкIараб иш букIин бичIчIизабизе. Пачалихъалъул рахъалдасанги гьанжелъизегIан кинабгIаги кумек нижее щвечIо. Амма ракIалде ккола гьабсагIаталда бугеб республикаялъул нухмалъиялъ гьеб суалалде кIвар буссинабилин, проекталъулгун сметаялъул документал хIадур гьаризегIаги тIаде босилин. Гьелъул хIакъалъулъ Дагъистаналъул ХIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасда биценги гьабуна, — ян абуна МухIамадкамил Дибировас.

  Данделъиялда гIахьаллъана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатал, цо-цо росабазул бегавулзаби, жамгIиял хIаракатчагIи, хъвадарухъабигун шагIирзаби, гIалимзаби, магIаруллъиги бокьулел, миллатги хириял гIемерал гIадамал. Гьезул цо-цоязе тадбир нухда бачунев вукIарав МахIмуд МухIамадовас рагIиги кьуна. Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша       

    ГIумахановасул кумекчи Шамхалдибир ГIисаевасги бицана Бузнаса нухалъул кIваралъул ва гьелда сверухъ магIарулал цолъизе ккеялъул хIакъалъулъ. Гьес МухIамадкамил Дибировасухъе, депутатасул рахъалдасан, миллион гъурущги кьун гьадин абуна:

   — Гьаб ккола магIаруллъи цIуни мурадгун гьабулеб хIалтIи. ГIемер гIакъуба-захIматги бихьун умумуз бахъун букIараб нух цIи гьабулел МухIамадкамилиегун Набиюлае буго кIудияб баркала. АхIи-хIурги бахъинабичIого бажарараб къагIидаялда гьаниб хIалтIи цебетIезабулеб буго гьез. ГIемералха ратизе ругел нухлуе кумек гьабизе рес бугел, амма гьеб бахъулеб букIин лъаларел чагIи. Дагьаб цебе вертолеталда гьаб бакIалда тIасан роржунаго Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри Абакаровасда бихьизабуна нижеца нух. Гьесда лъалеб ва рагIун букIун гьечIо Бузнасан нух бахъулеб букIин. Гьесги, Сулейман Керимовасги ва цогидал ватIанги кириги бокьулел чагIазги гьаб нухлуе кумек гьабиялда щаклъи гьечIо, — ян.

   Халкъазда гьоркьосеб имам Шамилил фондалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Хархачаевасги баркала загьир гьабуна МухIамадкамилиегун Набиюла МухIамадовасе. МухIамадкамилил каранда гьес бана фондалъул бищунго тIадегIанаб шапакъатлъун кколеб имам Шамилил орден.

    МагIарул росабазул бегавулзабазгун дибирзабаз гьенибе бачIана жидецаго нухмалъи гьабулел бакIазул жамагIатаз бакIарараб гIарац. Сайгидпаша ГIумахановас кьурабги рикIкIун гьеб къоялъ бакIарараб гIарцул къадар бахана 14 миллион гъурщиде.

   МухIамадкамил Дибировасул рагIабазда рекъон, нух тIубанго лъугIизе ккани, жеги хIажалъула гIага-шагарго 500 миллион гъурущ. Бузнаса нух бахъун лъугIизе ккола 2024 соналда.

Темирхан ХIасанов