ЖамагIаталъул газа кьурда рекIунеб

 

   2022 соналъул 26 марталда, сагIат 10-ялда, байбихьизе буго умумуз цебе бахъун букIараб, гьанже цIиял тIалабазда рекъон, росабазул жамагIатазул гIарцухъ бахъулеб бугеб Бузнаса нухалъул кIиябго рахъ данделъулеб бакIалда, киналго магIарул районазул вакилзаби данделъараб тадбир.

   ХIурматиял диналъул вацалги яцалги, районазулги росабазулги бутIрул, имамзаби, хъулухъчагIи, бизнесчагIи, спортсменал, сахаватал муъминзаби! Нужерго беразда нухлуе гьабун бугеб ва жеги гьабизе бугеб кIудияб хIалтIиги бихьизе, гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабеян гьари буго.

   Нух балеб бакIалде кьураб садакъаялъул хиралъи лъаларев чиги нилъеда гьоркьов ватиларо, мурад буго кинавго чиясда гьелъул хIакъалъулъ лъазабизе ва щивасе, цо гъурущ букIаниги, гьенибе ккезабизе рес кьезе. Бокьун буго, гьениб гьабулеб хIалтIуе нухмалъулезе, квербакъулезе, техникаялда хIалтIулезе, нух бахъизе жидерго ракьал кьурал гIадамазе ва росабазе баркала кьезе ва дугIа гьабизе.

 ОРГКОМИТЕТ