Чачанал гочинари-дагъистаниязе зарал

    ЦIа боркьараб рагъул заманалда Дагъистаналъул халкъалъ раччизе ккана чачанал гочинариялъул захIмалъи. Рагъде бихьиналги ун, рукъалъулги колхозазулги хIалтIи, свак кIочон, макьу тун, гьабуна руччабаз. Гьезде тIаде ккана чачанал гочинарун хадуб гьезул гъоркь хутIараб магIишат рукIалиде бачиналъул хIалтIиги. Жиндир мунагьал чураяй ЦIиликьа Нажмудинова Марзиятица хвалда цересел моцIаз гьадин бицунаан:

   «Дун гьаюна 1921 соналда, дир гIумруялъул буго 96 сон. Нижеда бихьана ракъи, вабаалъул унти, рагъ, бихьинал рагъде ритIун, рагъда чIварал васазул, росабазул, вацазул, росуцоязул рухIел. Рагъул заманалда рукъалъулги колхозалъулги захIматал хIалтIаби гьаризе ккана. Рогьалил хъахIлъи баралдаса рукIкIинегIан свак, кIвахI тун колхозалъулги рукъалъулги хIалтIи гьабизе кколаан. Ихдалил къояз рекьана колхозалъул хурзал, риидал гьел чIарана, рухъана, хасалихъе лъилъана, гулал къана, гIарал гьаруна, лал тIамуна, гьеб рехун, бацIцIун, къачIан, бугIаролъ складазде щвезабуна. Ихдал картошка бекьун, риидал бухъун, хасалихъе бахъун, донгахъе бана. Ниж хьвадана пачалихъалъул нухал гьаризе: МелъелтIаса ЦIиликье гурелги, ХIарире, КастIанире, Кьохъе. Бакъукьги цIадукьги хIалтIун, къаси регана бусен-къай гьечIел нохъазул чIарбида ва къватIир.

   Ниж ритIана Октябрьский ва Дзержинский абулел, гIатIиракьалда ругел, каналал рахъизе. Гьенир кIкIарадаца цIцIуна, бакъул унтуца унтана. Гьел рагъул соназда щибаб лъагIалида жаниб ичIго-анцIго «чIегIераб» кагъат бачIунаан почтальонас росулъе, гIолохъаби рагъда чIванин, тIагIанин абун. 1941-1945-абилел соназда магIу бадиса бакъварал къоялго рукIинчIо. МагIарда хер бециги, гIи-боцIул хIалтIиги руччабазде ва росулъ хутIарал херал бихьиназдегун гIисинал лъималазде кколаан.

   1944 соналъул 23 февралалда чачанал гочинаруна Казахстаналде ва Гъиргъизиялде. Хадусел къоязда Гумбет районалъул росабалъ лъазабуна, чачанал гочун, гъоркь хутIараб гьезул колхозазулги, жалго бетIергьанаб букIарабги гIи-боцIиги бугила къватIахъ ва гIалахазда хутIун, хасалил квачги бугила, гьеб бакIаризе рахъине кколин нужин абун. Рагъде бихьинал ун, гьадинги чи дагьлъараб росулъа рокъов цо чи гурони гьечIел рокъор тана, кIиголъабгоял ругезул цо-цо чи къватIире рахъана чачаназул Ножаюрт районалде.

   Квачарал хасалил къоязда «Буцрахъ» къварилъухъан рачана Гъагъалъ росулъе. Гьезул колхозалъул кансиларалда сордоги базабуна, гьоболасул бакIалде инегицин риччачIого. Хадусеб къоялъул радалиса рахъун, «Ракьул гохI» абулеб щобдасан ана Ножаюрт районалъул Беной росулъе. Беноялда сордоги базабун, рачана Гелани росулъе. Радал Гелани росулъ данде ракIарана Дагъистаналъул районазул росабалъа гьенире ритIун рачIарал. Солдатаз сверунги ккун, рохьахъ ругел хъачагъаздаса цIунун рукIана чачаназул росаби. ГьитIинаб машинаялда рекIун гьениве вачIана Дагъистаналъул партиялъул обкомалъул бетIер ГIабдурахIман Даниялов. Кинабго гьенибе бачIараб халкъ бакIарана Гелани росдал рагIалда бугеб кIудияб байданлъиялде.

   Гьеб майданалде ракIараразда ГIабдурахIман Данияловас абуна: «Чачан-ингушазул республикаялъул халкъ Сталиница гочинабуна, хIукуматалде дандечIей гьабун ва рохьахъ рахчун, хъачагълъи гьабун цогидал росабазул ва колхозазул гIи-боцIуе зарал гьабун течIого. Гьел гочинарун, къватIахъ, рохьахъ бихха-хочун хутIараб колхозалъул ва жидерго букIараб магIишат данде бакIаризе нилъеда тIадкъан буго Сталиница. Дагьал къояздасан цогидал магIарулазул росабалъа гIадамалги гочун рачIине руго гьазул росабалъе. Гьал февраль-март моцIазул къоязда нужеца чачанал гочинарун арал росабазул гIи-боцIи гьазул колхозазул фермабазде бакIаризе ккола. ГIачи речIчIизе, гьезие рагIи-хералъе, вехьлъи гьабизе кумекги гьабизе ккола. ЧIороголъун хутIарал чачаназул росабалъ рукъзабахъ рега-рахъинги гьабе нужеца. Цо моцI гIечIеб заманалда гьанире гочун рачIине руго гьазул росабазул магIишат тIаде босизе Дагъистаналъул росабалъа чагIиги. Гьел рачIинегIан нужеца гьал росабазул магIишаталъул тIалабги гьабизе ккола», — ян.

  ЦIиликь ва Сивухъ росабалъа рачIарал нижеда тIадкъана Гелани росдал гIи-боцIи ва магIишат бакIариялъул иш. Солдатаз абулеб букIана рохьахъ цIодорго рукIаян, гьенир хъачагъал ругин абун. БукIаниги, рохьахъги мугIруздаги кибего биххараб боцIиги гIиги бакIарана фермабазде. Колхозалъул фермабазде аскIобе баччана рагIихерги. Заманалъе дояркаби, гIухьби тун, гIуцIана колхоз. ЛъикIал фермабиги ратана Гелани росдал. Росулъги щивасул рокъоб щибго жо цадахъ инчIого бугоан, бусен-къайи, цIоросаролъил чIепал, багIаргьоло, пер, картошка, ханжу, цIам.

   Гелани магIишат данде гьабун хадур ниж ритIана Зандакъара, Датах, Беной, Гендерген, Чечилюз росабалъеги. Гелани гIадаб гIуцIа-къай гьел росабалъ хутIун батичIо. Хъачагъаз талавурчилъи гьабун бугоан гьениб. ТIадехун рехсарал чачаназул росабазул гIи-боцIи бакIариялъе кумекги, рукъзабазе ва квен-тIехалъе санагIалъиги нижее ккелароан, Гумбет районалъул Сивухъ росдал гIезегIанго цIаракиял, чачанал гьениса гочинарилалдего гьел росабалъе гочун, гъоркь ратичIелани. Гумбет районалъул Сивухъ росулъа гьенире гочун чIарал чагIаз хинал рукъзалги кьуна нижее регизе, хинаб квенги кьуна щибаб ригьалда. Гьел росабазул фермаби ва цогидаб магIишат нижеца данде бакIаризегIан, Сивухъ росдал цере гьенире гочарал чагIаз кумек гьабуна кинабго гIуцIизе.

   Ножаюрт районалъул гIи-боцIи, магIишат данде бакIарун лъугIун хадуб ниж ургъана хадубккун щибдай нижеца гьабилаян. ГI. Данияловас Гелани майданалда гьабураб данделъиялда бицун букIана, гьал росабазул гIадлу лъугьиндал гьабизе бегьулеб жо: «Рагъде гIолохъаби ун, нужерго магIарухъ ругел росабалъ хIалтIул къуватги цIакъ дагьлъун буго. МагIарухъа Чачаналде гочине бокьичIел магIарул росабазул, гьанже гьанир ругел нуж, нужерго росабалъе тIад руссинеги бегьила. Гьанир чIезе бокьарал чагIи ратани, гьанирго чIезеги ихтияр буго», — абун. ЦIиликь росулъа гьанире рачIун рукIараз хIукму гьабуна чачаназул росабалъ чIечIого рукIине. Ниж тIад руссана магIарухъе. Сивухъ росулъа нижеда цадахъ гьенире ритIун рукIаразул гIемерисел чIана чачаназул росабалъго. Гьез абуна магIарухъалдаса магIишат гьабизе бигьаябги, гIатIилъиги бугеб ракь бихьулин чачаназул, гьаниб бакI-хIал лъалел нижерго росдал гIагарал гIадамалги гъоркьгоги ругин, ниж гьанирго чIелин абун. Цо чанго чи Сивухъ росулъа нижеда цадахъ магIарухъе тIадги вуссана. ТIад руссун унез абулеб букIана чияр, хIалалаб гуреб ракьалда жал чIеларин абун. Гумбет районалъул цогидал росабалъа цо-цо чагIиги Чачаналъго чIана.

   1944 соналъул февраль моцIалъул ахиралда ЦIиликь росулъе вачIун вукIана районалда хIалтIулев ЛъаратIа росулъа ГIалиев ХIажи (кIаркьен ссурав ХIажиян абулаан гьесда). Гьес цIилкьадерида абулеб букIана Ножаюрт районалъул цо росулъе гочине кколин. ЦIиликь росдал гIадамаз районалъул нухмалъулезе инкар гьабуна гочине. ЦIилкьадерица гочине инкар гьабидал, ГIалиев ХIажи ана Сивухъ росулъе Чачаналде гочиналъул суалгун данделъи гьабизе. 1944 соналъул март моцIалда Сивухъ росдал жамагIаталъ хIукму гьабуна Чачаналде гочине. Гьезул росу гочана Зандакъараялде ва Гендергеналде. Гьезда цадахъ гочана ЦIиликь росулъа гIадамазулги цо чанго цIараки. Сивухъ росулъ Чачаналде гочине инкар гьабун гъоркь хутIана 16 цIараки. Дагьал сонал индал, Сивухъ хутIараб 16 цIаракиялда районалъул хIакимзабаз лъазабуна, росу гочун иналдалъун Сивухъ росдал цIар районалъ гьоркьоса бахъараб хIукму гьабун бугин. Колода гIадамал толареб законги бахъун бугин, нуж гочине кколин ЦIиликье, МелъелтIе, росдал советалги, школалги ругел росабалъеян абун. Сивухъ росдал гьенир хутIун рукIарал гочана цоял Чачаналде, цогидал батIи-батIиял росабалъе.

   Рохьахъ чIарал хъачагъазги толел рукIинчIо талавурчилъи гьабун. Чачаназул росабалъе ун, гьезул колхозал цIигьарун гIуцIана нижеца. Гьединал захIмалъаби раччана 1941-1945 рагъул соназда. Рагъда гьечIониги, тылалда ругел росабазеги цIакъ захIмат букIана доб заманалда. Хъутабазде нус-нус километралъ лъелго ун, ах, хур, рецаби гьаруна. Ихдал магIарухъеги, хасалихъ хъутабаздеги, цIадукьги, гIазукьги гочинабуна колхозалъул гIи. Хвелал гIемер ккана, квачалъул унтиги ккана дол соназда. Бихьараб гIакъубаялъул бицун бахъинаро. Гьанже бугеб гIелалъе гIатIилъи гьабулаго, гIемераб къварилъи, захIмалъи бихьана нижеда».

Сулайман МУХIАМАДНУРОВ, Гумбет район, ЦIиликь росу

Чачанал тгочинари-дагъистаниязе зарал