ТIабигIиял балагьазда цебе нилъер загIиплъи

 

 

    Араб анкьил ахир цIакъ рахIат хвараб бачIана магIарухъе. 23- 25 сентябралда рарал кутакал чвахунцIадаз кIудияб зарал гьа­буна ЦIунтIа, ЦIумада, ЛъаратIа районазда ва БежтIа участо­калда гIумру гьабун ругел чагIазе. ГIертIиниса тIолеб гIадин, балеб цIадалдаса хадуб, доба-гьаниб цун, кIодолъун бачIараб гIоралъ хвезаруна рагIаллъабазда рукIарал ахал-хурзал, риххи­заруна кьоял, чIунтизаруна нухал, амма гьелдасаги кIудияб за­рал ккана гIадамазул минабазе. ГIурул рагIаллъуда ран рукIарал гьел риххизаруна щвараб гIоралъ.

 

 Масала, социалиял гьиназда тIибитIизабураб видеоялда буго Агъвалиб гIурул рагIалда цIибараб кIитIалаяб минаялъе гIоралъ гьабурал зарал. Гъоркьан кьучIги чурун, бералда бихьулаго, гIурулъе бегун ана гьеб. Рукъалда аскIобго ччугIа гIезабулеб бакIги, цебе ах-хурги букIун буго гьев чиясул. Гьеб кинабго хъа­мун ана лъеца. Гьелдаго релълъараб къварилъи ккарал бакIалги гIемер руго магIарухъ.

ТIабигIиял балагьаздаса хадуб канлъиги гьечIого хутIун рукIана, тIадехун бицен гьабуралги малъун, 11 муниципалите­талда гIумру гьабун ругел гIадамал. Гьел ккола кинабниги 118 росулъ вугев 65 азаргогIанасев чи.

  28 сентябралда гьезул гIемерисел бакIазде ток кьуна.

  Гьелда бан ДРялъул хIукуматалда гIуцIун буго ахIвал-хIалалъулаб центр. Гьелъул данделъи тIобитIана 26 сентябралда хIукуматалъул мина­ялъуб. Гьениб гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министр Нариман ГъазимухIамадовас би­цухъе, чвахунцIадаз зарал гьабу­рал районазде 25 сентябралдаго ана кIиго батIияб къокъа. Россиялъул МЧСалъул бетIераб управлениялъулги республикаялъул гьебго ми­нистерствоялъулги хIалтIухъаби гъорлъ рукIараб къокъаялъ чIезабуна киб ва кигIанасеб къадаралда зарал ккун бугебали.

КIиабилеб къокъаялда гъорлъ рукIана гIадамазе ккараб зарал лъугIизабизе ритIарал МЧСалъул хIалтIухъаби – республикаялдаса I03 чиги техникаялъул 42 единица­ги, гьединго РФялъул МЧСалъул хъулухъалъул 8 чиги техникаялъул кIиго единицаги.

Нагагь хIажалъи ккани, ахIи тIаде щварабго къватIире рахъине хIадурго ругин жеги 3820 чиги, тех­никаялъул 891 единицагиян абуна ДРялъул МЧСалъул министр Нари­ман ГъазимухIамадовас.

Бицен гьабулел районазде битIун буго сахлъи цIуниялъул хIалтIухъаби тIад ругеб чанго вертолетги.

Данделъиялъул ахиралда ЦIумада, ЦIунтIа, ЛъаратIа районазул ва БежтIа участокалъул нухмалъулезда лъазабуна лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ би­цине бакIалъул гIадамазулгун гьор­кьоса къотIичIого бухьен кквейин ва гьезул гIумруялъе хIинкъи гьечIел шартIал гIуцIизе тадбирал гьарейи­лан. Гьединабго магIнаялъул цоги­далги тIадкъаял кьуна хIукуматалъул председателасул вице-премьераз ункъабго муниципалитеталъул нух­малъулезе.

ЦIунтIагун БежтIа: Балакури, Исоъ нухазул сипат хвезабуна, кьоял риххизаруна

Бищунго хIалуцараб ахIвал-хIал букIанин абизе бегьула ЦIунтIа рай­оналда. Ункъабго сордо-къо бугин районалда я канлъи, я машинаялъе нухал гьечIогоян хъвана Фейсбу­калда Мокъокъ росулъа чияс 27 сентябралъул къаси. ГьабсагIаталда гIемерисел бакIазде канлъи гьабун бугин бицана «Дидойские вести» га­зеталъул редактор Адам ГIалиевас. 28 сентябралда цо чанго росу хутIун букIана жегиги токги гьечIого.

БежтIа участокалда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ гьадин би­цана газеталъе муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъулев ХIусен ХIайбулаевас.

-ГьабсагIатги тIаде гирун рачIунел гьарчалги, зама-заманал­дасан ччукIун рачIунел гIеркъалги руго. Гьелъ квалквал гьабичIогоги хутIулеб гьечIо. Нижеца, тIоцебесеб иргаялда, кIвар кьуна республика­ялъул даражаялъулаб шагьранух къачIаялде. ГьабсагIатги хIалтIулеб буго чанго техника. Республика­ялъул МЧСалъул хIалтIухъабиги рукIана рачIун хал-шал гьабизе, амма зарал кканщинаб бакIалде рагIа-ракьанде щун хал гьабизе санагIат ккечIо гьезул, гIаммаб су­раталъухъ берги речIчIизабун, нахъ руссун ана.

  Балакури абулеб кIкIал буго БежтIа росдадаса тIадегIан, Шулъ­гел мегIералда (Богосский хребет) гъоркь бугеб бакI. Гьениб саламатаб росу гIун буго ахираб заманалда, 100-ниги цIараки батила. Гьениб кканин абизе бегьула бищун цIикIкIун зарал. Росу къотIун унеб лъар кIодолъун, гьелъ рагIаллъабаздаса гIебеде ругел  минабазе къварилъи гьабуна, нухал хвеза­руна.

 

   Гьединго чвахунцIадаздаса хадуб зарал ккана Исоъ росдаеги – хун руго нухал. Кьоял руго иххица жагъал гьа­рун, цо-цо бакIазда дал-далун хутIун.

150 метралъул манзилалда хвезабун буго ЦIунтIа рай­оналде унеб шагь­ранухги. Къокъаб хIасил, гIураб за­рал ккана БежтIа у ч а с т о к а л д е х у н . Гьелъул мухIканаб цIех-рех гьабун, смета хIадуризе буго. Амма гIарац кигIандай щвелаян абураб суал бугоха жеги захIматаб. Лъала­ро, хIукуматалъул резервалъулаб фондалдагIаги букIинарищ гьенибе биччазе гIураб гIарацали, -ян абуна ХIусен ХIайбулаевас.

 

ЛъаратIа ток кьуна.

ЧIиркъатIагун Рулдаб – кIудияб балагь

 

     28 сентябралде ЛъаратIа райо­налъул киналго росабалъе ток кьу­нин бицана райгазеталъул редактор Расул Абакаровас. Кирехунго гIадин, жидер гьенирги нухал хвезаруни­ла гьалагаб цIадаца. Гьанже гьениб хIалтIулеб рагIула техника.

КIудияб зарал ккана Гумбет рай­оналъул ЧIиркъатIа росулъа Саги­тов Сагитиласул хъизамалъе. До­ба-гьаниб цун бачIунеб гьалагаб ихх кIанцIана гьесул минаялъубе. Сагитиласдаги гьесул хъизан-лъи­малаздаги кIвана гьениса къватIире рорчIизе, амма мина тIубанго чIунтизабуна. Киналго рукъза­бахъе кIанцIун, лъеца хвезабун, на­хъе щибго хутIичIо гьесул къайи-цIаялъул. Гьанже гьесул мина жаниб гIумру гьабизе бегьулел шартIазда гьечIо. РакIалдаго гьечIеб балагь ккараб хъизамалъе садакъаялъе гIарац бакIарулеб буго. Кумек гьа­бизе бокьарал гIадамаз гIарац ре­хизе бегьула гьаб хадусеб счеталде 5469600017357906 яги гьаб номерал­де +7988-270-70-61.

    Гьелдасаги ракIгурхIараб лъугьа-бахъин ккана 26 сентябралъул къалъул гIужалда ЧIарада районалъул Рулдаб росулъ. ЦIадаца жагъал гьа­бураб басриябго минаялъул къедги биххун, гьелда гъоркье ккун, ГIириб росулъа 45 сон барав чи хвана гье­нив. Биххун араб минаялда цебе ма­шинаялъув гIодов чIун вукIун вуго гьев гъарим. НуцIа рагьулев вукIарав машинадул бетIергьан, гьелда жани­ве гIодов чIезе вачIунаго, хехго нахъе кIанцIеян ахIулеб гьаракьги рагIун, чIаго хутIана, гьесул сапарцояв гьал­магъ абуни къадаралде щвана.

  Гьединаб лъалкI тана тIабигIияб ба­лагьалъ магIарухъ. ГIодоблъиялдаги гьелъ рахIат хвезабичIого хутIичIо. Сулахъ гIор цIакъго гьалаглъун букIиналъ, сверухъ росабазе хIинкъи буго. Гьединлъидал, нагагь хIажалъи ккани, нахъе гочине хIадурго рукIаян лъазабун буго Гъизилюрт районалъул администрациялъ Гъоркьияб Чирюрт, Кироваул, Чонтаул, СултIанянгъиюрт ва Нечаевка росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазда.

 

Ашахан ЮСУПОВ