Цо турист къадаралде щвана, щугоял хвасар гьаруна

 

  14 июналда Шамил районалъул Микьигьориб ккана пашманаб лъугьа-бахъин. Туристал рекIараб машинаялъ гьабуна авария.

  Гьелъул хIасилалда машина бачуней йикIарай чIужугIадан бакIалдаго хвана. Гьелда цадахъ вукIарав 11 сон барав вас райбольницаялде хъамуна. Гьесул гIумруялъе хIинкъи гьечIин абуна тохтурзабаз.

   Рулалда нахъа йикIана 1981 соналда гьаюрай Протасова (Денисова) Евгения Сергеевна. Больницаялде ккарав вас ккола Ставрополь краялдаса.

Дагьал церегIан къоязда Шамил районалъул Гьолокь росулъги дагьалъ хутIана талихIкъараб иш ккезе.

   Туристал рекIараб резиналъул раса Авар гIурухъ гъанкъизе бахъана.

Экстремалияб тайпаялъул туризм бокьулеб къокъа, Авар гIурухъан рачIунаго, гьезул цояв лъелъе вортана. Гьев хвасар гьавизе кIанцIана гьел цIунизе цадахъ вукIине кколев чи.

   Тадбир гьабизе чиги гьечIого хутIараб раса, гIоралъ цебе хъамун унеб букIана. ГIемер рикIкIад гьечIого, гьудулзабигун хIухьбахъуда вукIарав МухIамадхан ХIажимухIамадовасда бихьана гьеб кинабго ва туристал хвасар гьаризе кIанцIула. Амма цIакъго гIедерго чвахулеб гIор сабаблъун, гьесул рес кколаро гьезда тIаде ине. КъватIивеги вахъун, цин велосипедалда, хадуб машинаялда, гIурул рагIал ккун гьезда хадувги вортун, цIидасанги кIанцIула МухIамадхан гIурулъе ва туристал хвасар гьарула.

  МухIамадхан ХIажимухIамадов ккола ДРялъул МВДялъул наркотиказда хадуб халкколеб хъулухъалъул хIалтIухъан.