Къо-мех лъикI, гIолохъанлъи  

 

   Гьадинги абун, гIумруялъулгун къо-мех лъикIги гьабун, ана абадияб рокъое нижер пишацояй, Хьаргаби районалъул Къудукь росулъа ГIащат Асадулаева.

Цадахъ хIалтIулелдаса гIемер заман ун букIинчIониги, гьей йикIана гъорлъ йосарай, хIеренаб каламалъул, ритIухъаб рагIиялъул, махщел камилай хIалтIухъан. Редакциялда щиб тадбир гьабулеб бугониги, гьелъ хIаракат бахъулаан, бищун цееги щун, кумек гьабизе. ЗахIмат буго нижее жакъа ГIащатил хIакъалъулъ араб заманалда бицине. Амма рес щиб…

   ГIажаибаб жо буго гIумру. Беролаго, гьелчолаго, цебехун боржун унеб бугеб гьеб цо лахIзаталъ, жиндагоцин лъачIого, чIаралъубго хутIула. Гьелъул нуцIида, лъихъаниги ихтиярги босичIого, кIетIола хвел. Ва, жиндирго къвалакь инсанасул къисматги ккун, уна цебеса. РукIана ГIащатилги, щияй чIужугIаданалъул гIадин, анищалги. Гьезул бищунго гвангъараблъун букIун батиларищха щуго ва кIиго сон барал лъимал гIун рихьи. Амма тIубазе хъван букIун гьечIо гьеб анищ.

   Камуна коллективалъе ГIащат. Камуна гьелъул махсараби. Камуна гьей васазе. Камуна хъизамалъулаб гъасда ГIащатил цIа. Камуна эбелалъе. Аби буго, эбел хведал, бечIалила ясалъул рекIел тIегьилан. Амма яс хведал, эбелалъул ракI карандаса тIунго унеб батила. КигIан захIмат бугониги, ясалъул дарманал каранде къазеги, гьел реэдизеги, рагIичIого хутIараб эбелалъул кечI жиндиралъго хисизеги къуватги гьарула ГIащатил эбелалъе.

ГIащатица жиндирго гъасда бакараб цIадул хинлъиялъ жиндие тIокIалъ асар гьабизе гьечIев гьелъул гIумруялъул гьудуласдаги гъваридаб пашманлъиялда зигара балеб буго нижеца.

   Гьале жакъаги щвана хIалтIуде. Цо лахIзаталъ лъалхъана гьелъул кабинеталда цере. ХIинкъадго рагьана нуцIа – хьул букIана мун, гьимулаго данде ячIинин абураб. Амма пайда щиб…

   Пашманаб чIобоголъи буго редакциялда. ТIегьан бачIине букIараб къисматалда речIчIана кьогIаб хвалил пири. Ва чIурхIун рехана гьелъ дур пикрабигун анищал. ЧIурхIана гьелъ гьединго дур гIолохъанлъиялъул куркьбалги. Борхалъуде ишангун хьвагIулел рукIарал гьел даималъего чIезаруна Аллагьасул бацIцIадаб къадаралъ. Къо-мех лъикI, ГIащат. Аллагьас иманалда тIойитIун ятаги.

Редакция