ЦIадирабазда лъуни, творчество бергьуна

Дир анищ — Шамил имамасе памятник гьаби

 

Скульптор, РФялъул ва ДРялъул мустахIикъав художник, ДРялъул пачалихъияб премиялъул лауреат, гIурус интеллигенциялъе, МухIамад Танкаевасе, Ирчи Хъазахъие ва гIемерал цогидалги памятниказул автор, Гъуниб районалъул СалтIа росулъа ГIалихIажи Сайгидовас 27 февралалда тIубана 70 сон. Гьеб къоялъ редакциялде вачIарав гьесулгун къокъабго гара-чIвариги гьабуна.
— Баркулаха, ГIалихIажи, юбилей. Кинал пикрабигун гьелда дандчIвай гьабураб?
— Цебехун гьабуралдаги хадубккун гьабизе ракIалда бугелдаги тIад ургъулаго.
— Нахъа тараб творчествоялъулаб гIумруялдаса рази вугищ мун?
— Гьаб буго лъимерлъиялдаса нахъе дие бокьулеб букIараб, сундухъ­ниги хисулареб хIалтIи. Дица тIа­сабищараб, дида жибги жинда дунги ватараб махщел бугелъул, кинха разилъичIого вукIинев.
— ГIумруялде рахъинаризе кIва­нищ ракIалда рукIарал анищал?
— Инсан чIаго вугебгIан мехалъ тIуран лъугIулел жал ратиларо анищал. Нилъер республикаялда гIемерал рукIана Шамил имамасе, ХъахIал къункърабазе, Афгъанистаналда хваразе ва цогидал памятникал раялда сверухъ гIуцIарал конкурсал. Гьезул киназулъго дие тIоцересел бакIалги щвана. Амма гьезул цонигияб (гIурус интеллигенциялъе хутIун), дида рарал гурел, цо ричIчIуларел гIиллабаздалъун гIумруялде рахъинаризе кIвечIо.
— Хадубккун щибха гьабизе ра­кIал­да бугеб?
— Творчествоялъулав чиясул планал рукIуна гьев чIаго вугебгIан заманалда, гьел гьечIони, гIумру гьабиялъул магIнаго букIунаро. Дир кидагосеб, жеги дица течIеб хиял буго чода рекIарав Шамил имамасе памятник гьаби. Цебегоялдаса нахъе букIана «Эбелалъе» «Дагъистаналъу­л эбел» памятник базе пикруги. Рамазан ГIабдулатIиповасул разилъиги квербакъиги щун, хIисабалде босун букIана рорхун квералгун какилъ йигей эбелалъул монументалияб, 30-35 метр борхалъи бугеб памятник Тарки-Тау магIарда (цебе Ленинил бюст букIараб бакIалда) базе.
Заманалдаса хисана гьеб пикру ва къотIи ккана дагьаб гIадатияб, монументалияб гуреб памятник МахIачхъалаялъул централияб майданалда лъезе. Дун гьеб памятникалде тIад хIалтIана 2 лъагIелалъ. Хадуб ГIабдулатIиповги хъулухъалдаса ана, хIалтIиги чIун хутIана. Гьанже дир кIудияб хьул буго гьеб суал тIубаялъе республикаялъул цIияв нухмалъулев Владимир Васильевас квербакъилин абураб.
— ЦIадирабазда лъун борцани, хIалтIулъ творческияб рахъищ бакIлъулеб материалияб рахъиш?
— Тарихалде балагьани бихьула — гIемерал художникал гьаб дунялалдаса ана язихълъиялда, гIадамазда жидерго творчество бичIчIичIого. Дирги буго дирго, Дагъистаналда гIемераз жеги къабул гьабулареб къагIида (стиль). БукIуна хIалтIи яшав гьабиялъе гьабулеб, гьелда цадахъго букIуна жиндирго хаслъи бугеб, хIакъикъияб творчествоялъулаб хIалтIиги.
ГьабсагIаталда рес буго дандекколедухъ гIумруги гьабизе рекIел анищал тIураледухъ творчествоялдаса пайдаги босизе. ЦIадирабаздалъун борцани, бергьуна творчество, гьеб буго дир тIинчI, гьелдаса тIадегIанаб щибго гьечIо. Гьеб бергьинчIони, гIумруялъулги хIалтIулги пайда щиб?
Гара-чIвари гьабуна
ГIабаш ГIабашиловас.