Къо ккедал — бахIарчиял, хIал ккедал — бихьинчиял…

Гьаб ракьалда тIад бугебщинаб берцинлъиги, гьайбатлъиги, хIеренлъиги, чалухлъиги, чергеслъиги БетIергьанас барахщичIого кьурал хIурма­тиял руччаби! 
 
Нуж мустахIикъал руго ракьалда ругелщинал тIугьдузе, нужедаса берцинал гьел гье­чIониги. Нуж руго, калам хIа­ли­малги, хIалкIолъи бугелги, тIегьлъун кенчIолелги, заз­­лъун хIенчолелги, канлъи би­кьулелги, ханлъи бекьу­лел­ги, рокьуе мукIуралги, гIан­чIал ракIазул, гогьаб гьимидул, къо ккедал бахIарчиял, хIал ккедал бихьинчиял, бухIа­раб цIорозабизе, цIорораб бухIи­забизе кIолел, гIодизе малъизеги релъизе гьукъизеги кIоларел, БетIергьанас дунялалде би­тIа­­раб инсанияталъул гьайбатаб ва камилаб бутIа. БухIун щва­раб бакъудасаги балеб го­­ро-цIералдасаги кIудияб гъве­­тIалъ цIунулел гIадин, нуже­цаги цIунула бихьинал кве­шабщиналдаса, кигIан кIу­дияб кьуру цебе букIаниги, гьеб кьвагьунги, нух бахъула нужер цо рагIуца.  Свалат-салам лъеяв аварагасул хIадисалда бу­го улбузул хIатIикь бугин алжанин абун. Гьениб бакI щвеялдаса тали­хIал руго нижги!