Кинаб макъратIисалъ халкъ цIараб?

Къаси театралде йилълъине кколин ахIун бачIана дихъе чIарадисезул халкъияб театралъул режиссер Рашидатица. Белталги ругила росун, кополаб комедияги бугилан. Гьанже гьеб маданията­лъул дунялалде берхьвагIичIого тIуязехъинги гьечIелъул. Махщелцояз абухъего, беццизе щвечIони, какизениги хIужа камиларин, ячIинин кьуна рагIи.

     МаркIачIул какдаса хадуй теат­ралде гIагарлъулаго, араб гIас­руялъул 90-абилел соназ чакарул килоялда хадуб гIадаб, гIадамазул халатаб читIир халлъана кассаялда цебе. «Лъилниги концерталдедай гуккун гьание якIарарай» — ан паркъана пикру. ЖанахIалде лъугьунаго берчIвараб «Цо ясалъул ункъо бахIарав» музыкалияб комедиялъул афишаялъ гьеб пикруги хъвагIана.
     РещтIун халкъалъ цIуна зал. Гьаб щиб хIикмат? Спектаклялъ гьедин зал бакIарун гIемер бихьун букIинчIо. Гьединал пикрабазда сверухъ балагьулаго халлъана театралъул машгьурай актриса Наира ХIабибулаева.
     — Гьаб щиб гIаламат, Наира, кинаб макъратIисалъ гьаб халкъ нужеца бакIарараб къаси?
     — Дица лъураб комедиялъха, — ян абуна Наираца, жиндиего хасиятаб разилъиялда. — Нагагь тохаб жо бихьани, дида абичIого тоге,-янги абун, жиндирго ишалъ ана комедиялъул режиссер.
     Узухъда, реклама хьвадизабулел жамгIиял гьиназулги кверба­къи камун батиларо комедиялъул цIар тIибитIизабиялъе. Инстаграм дергъезабулел гIадал чагIи рукIанин ккола гIемериселго данделъун.
     ХIакъикъаталдагиха интеллигент гIадав чиясда нагагьги берчIвачIо. 2000-абилел соназ театралде цIазего кIоларого букIараб залалъул цIикIкIунисеб бутIа гIолохъанав зрителас ккун бугоан.
     Сценаялдаса рихьулел рокьул кор боркьарал накъитаз паналъарал гIолилал «гIив» ахIизе лъугьана. Рекъон гьечIин, гIодоре риччаян аскIор рукIарал чIахIияз тIадрагIи абидал:
     — Дол, рокьул махх гIадал, актрисабазул движениязда абизе жого гьечIищ нужер, хIурматиял? — ин цIакъ гIедерго жаваб кьуна гIоркьилаз.
     — Дол хIалел ругоха..
     — Кутакалда цIакъ хIалел руго! — ян абулаго, гIолохъаби нижедаса рикIкIаде, нахъисел кьеразде ана гIодор чIезе.
     Театралъул гIумруялъул гIезе­гIан­го мех гьоркьоб биччан букIун буго дица. Гьеб заманалда жаниб Наира ХIабибулаевалъе кьун буго «Дагъистаналъул халкъияй артистка» цIар, гьелъ режиссерлъиялдаги хIалбихьун, сценаялда цIигьабун буго кIигониги спектакль. Гьеб хIалбихьиялъул хIасиллъун бугин абизе бегьила, релъудаса кIал тIолареб, занкIун цIураб зал. Гъол гIолохъабаз абулел рекъечIел движениял дида гIемер халлъичIо, халлъана цIиял гьунарал. Гьезулъги тIокIго вихьана ИсмагIилил роль хIалев гIолилав. БитIахъе рекIедаса унеб букIана халкъ гьесул кополаб хIаялъ. Рагъа-ракари гуребги, цIакъ кIарчанго, сон росулъа эхеве вачIараб гIадин чвахун бицунеб бугоан мацIги.
     ХIасилул калам, саламатго релъизаруна цо ясалъул ункъавго бахIарас. ЛъикIав актерасул кIалдиса унеб каламалъги тIубан кверде босула зал, асар кьоларезул каламалъ чIамучIлъиги бегизабула. Гьединабго къуват яги загIиплъи букIуна текст хIадурулез актеразул кIалдиб лъураб мацIалъулги.
     Пайда босизе лъарав чиясе гъварилъиги бечелъиги гIураб гьечIищха нилъер мацIалъул. Гугьар кьолеб хIалалъ гьеб хIал­тIи­забизе лъай-лъангутIи — гьеб цоги суал буго..
     Гъол «гIив» ахIулел гIолилазул бадибчIвай актеразгун режиссераз хIисабалде босани, бегьунгутIи букIинароан…