Хвараб нух къачIанги церехун унаан

Аваразул театралъе кьучI Хунзахъ лъураблъи лъаларев чи гIемер ватиларо. Гьелдаса нахъе исана сверула 85 сон. Зама-заманалдасан театралъул гIумруялдаса цо-цо лъугьа-бахъинал кьуни лъикIин ккана нижеда.

 

    Бащдаб гIасруялдаса цIикIкIун за­маналъ Авартеатралъул актерал ра­ччулеб машинаялда хIалтIарав чи вукIана мунагьал чураяв ТIаса­жунгуталдаса ХIасан-ХIосен Му­хIа­мадов. Шоферлъун хIалтIизе гьев вачIун вуго Авартеатр жеги Шурагьибго бугеб мехалъ. ЦерегIанго соназ гьесулгун букIараб гара-чIвари батана дир архивалда.
    Актеразул цIураб автобусгун ХIа­сан-ХIосен щвечIеб магIарул район ва росу батиларо Дагъистаналда. Гьел сапаразда хурхарал ХIасан-ХIосенил ракIалдещвеял кьолел руго жакъасеб номералда.
    «Доб, 50-абилел соназул байбихьуда автобусалги рукIинчIо. ГIемераб гIакъуба бихьулаан артистазда нухда, гастролазда. МагIарухъе нухал рукIана захIматал, къваридал. Гьединал чIедерал бакIаздасан тавакал тIамун чанги нухалъ бачана машина. Байбихьуда дихъ букIана цIулал кабинаялъул полуторка машина. Балеб цIадакь, пулеб гьоролъ кузовалдаса гъоркье хIатIалги риччан рукIунаан артистал. Нижер ахIилъун букIана нух хун батаниги гьебги къачIан церехун ине. ЦIадаз ччукIун, тIун батараб бакIалда артистал киналго тIаделъун гьабулаан нух.
     ЛъаратIаса тIадруссунел рукIана цо нухалъ. Цояз гIисинккун зикру бачунеб, цогидал кечI ахIулел актералгун гIисинаб бакъаналъ рачIунел рукIана. Доб мехалъ директорлъун вукIана ХIамзатов МухIамад. Гьев вукIана дида аскIов кабинаялъув. Гьездехун вуссун дунги тохлъун цо заманаялъ машина чIана гIурулъе балагьун кьурул рагIалда. ГIодобе гирунги инчIого, бегизеги бегичIого гьетIун чIана. ГIурул рахъалдехун вукIарав директорги ана рагьун нуцIаги бачIун вортун, гьединго артисталги инарищха. Дунги чIана вугелъуса шуричIого, гьанже гьал киналго гIурулъеги рортун дие гIумру щай, машинагун цадахъ гьабсагIат шапун инилан. ТалихIалъ, гьеб букIун буго чабхил лабаллъи. Киналго чIаго-гIатIго ра­чIана гIурул рагIалдаса тIаде харун. Гьелдаса нахъе цIакъ бер цIодорго вукIине хIаракат бахъулаан къваридал нухазда.
     Цоги нухалъ ЧIараде унаго, ЧIохъ- Коммунаялде щведал, нухал квешал ратун, гьенибго дица бачунеб автобусги тун рилълъана актеразул къайи-цIа тIад лъураб машинаялдеги рахун. Машина бачунев вукIана Закаталаялдаса вачIарав цо гIолилав. ТIадруссун рачIунаго цIакъ къваридаб бакIалдаса нух тIун ун батана. КIиябго рахъалда чIун гIемерал машинабиги рукIана. Нижер грузовикалъул шофер, жинца жеги чIужу ячун гIумру гьабизе ккун бугинги абун, жиндирго къайи-цIаги босун, ругелъур нижги машинаги тун, лъелго цевехун ана. Рохьоре ун рахалги къотIун, гьелги данде рухьун нух гьабизе рачIаян дица абидал гIенеккулев чи ккечIо. Дунго вилълъана рохьове. Хадур цогидалги гIунтIана. Дица абухъе, рахалги данд­рухьун гьабуна нух. Амма гьениса тIоцебе машина бачине таваккал гIолев чи вукIинчIо. Кьун газгун доб рахъалдехун боржизабуна дица машина. Гьеб мехалъ артистаз дун кодовеги восун эхе-эхеде рехана лъикI заманаялъ.
     Анкьго директор хисана театралда дун хIалтIулел соназ. Шофёр гIа­дин гурев, творчествоялъул чи хIи­сабалда къабул гьавулаан гьез дун.
     Актерлъиялъе щай хIал бихьуларебан абулаан гIемер. Дие бокьарабани гьаз дун цевего артистлъун ва­хъинавилаан. Цо нухалъ МестIерухъ ро­сулъ рукIана «ЯхIиял бертин» абу­раб спектакльгун. Сценаялда унеб букIана бертин. Цо мехтарав чия­сул гьитIинабго сценка хIазе тIад­къан букIана дида. (ГIадамазда щиб­ха лъалеб дун шофер вукIин). Дун цеве вахъарабго, пинхъи-пинхъи бахъана актеразул. Дихъ балагьун релъун чIезе кIвечIого, киналго артисталги сценаялдаса тIурун ун, цо­хIо дунго хутIана халкъалда цеве. ТIокIаб роль хIазе дун вахъинчIо.
     Кидаго кIоченаро ПатIимат Хизроевалъулгун цадахъал сапарал. Гьей цадахъ йигони, коллективалъул ва­къарав, къечарав, тIад чорокаб ретIел бугев чи вукIунароан. ЦIакъ гIаданлъи бугей чIужу йикIана мунагьал чурад. Цо нухалъ, ракIалда буго Харахьире щведал, коллективалда цояз мичIилъ хинкIал рокьилилан абулеб рагIун, ПатIиматица гьел гьаризе бахъараб хIаракат. ГIадамазухъа хьагги ханжуги гьарун, къватIиб цIаги бакун, цо параялда релъун мичIилъ хинкIал лъуна гьелъ нижеда цере. Гьединавго вукIана цадахъ ругезе Басир Инусиловги.
     Махсара-хочIалда унаан сапаразда къоял. Актерал аралъуве ине гъира кколаан диргоги. Жалго сценаялде унеб мехалъ лъималгун толаан гьез дун. ГIемерисел актеразул лъимал гIуна дир кабинаялъур. Тезе чи гьечIез цадахъ рачунаан кидаго. Дунги, тIадаб жо гIадин, ругьунлъун вукIана гьел хьихьизе».
     МагIарулазда, би­хьи­забизе бегьулареб, нилъер гIа­да­таздаги диналдаги дандекколареб жо букIунаро Авартеатралъул. Заман щун буго гьебги бичIчIун, авар халкъалъ нилъер миллияб театралъул хIурматги гьелъие бажарараб кумекги гьабизе.
     Миллияб театр бугеб бакI миллатцоязда кIочараб заман букIана доб.