60 сон – гIумруялъул завал

Шамил районалъул мугIрузул жаниблъиялда буго найил тIулби гIадин тIатIала сокIкIарал минабазул гьитIинабго Лъануб росу. Лъандадерил буго жидерго хасаб мацIги. Бугониги магIарул газеталъулги адабияталъулги кIудияб къимат гьабула гьеб росулъ.

ГьитIинго бижана, доб мехалъ «МагIарул большевик» абураб цIаралда гъоркь къватIибе биччалеб букIараб, республикаялъул газеталдехун рокьи, гIумру гьеб газеталъе кьурав фотомухбир ва журналист НигIматулагь НурмухIамадовасулги. НурмухIа-мадовазул рокъоб гьобол камураб мех букIунароан. КIудияб гъираялда гIенеккулаан гьитIинав НигIматулагь гьезулги инсулги накъиталъухъ, гьез магIарулазул церехъабазул хIакъалъулъ рицунел халкъиял биценазухъ. Гьединлъидалги батила, жиндирго кьерилаздаса магIарул мацI гьесда лъикI лъалеб букIарабги. Жеги школалда цIалулаго байбихьана НурмухIамадовас районалъул газеталде хъвадаризе. Хъвадариялда цадахъго НигIматулагьица байбихьула суратал рахъизеги. ТIоцеве Лъанув суратал рахъулев чи вукIун вуго фельдшерлъун хIалтIизе витIун вачIарав Иванин абурав цо гIурусав. Жеги школалде иналдего, «МагIарул большевикалда» лъурал суратаз хIикмалъизавурав гьесие кIудияб давла букIана нахул чирахъухъе суратал гьарулев Иванида аскIов вахъун чIезе щвей. Гьеб махщела-лъул тIоцересел дарсалги гьев ракI лъикIав инсанасдасан щванин жиндиеян бицуна НигIматулагьица.
ЛъугIана школа. ГIолохъанав магIаруласда церечIун рукIана: «Кинаб махщел тIаса бищилеб? Киве цIализе инев?» — абурал суалал. ГIакълу дандбазе аскIов вукIинчIо эменги, тIоцебесеб классалда цIалулаго камуна НигIматулагьие гьев.
МахIачхъалаялъул цо къотIнов вахъунги чIун пикрабалъ вукIуна тIоцеве шагьаралде щварав гIолохъанчи. Цин ракIалде ккола, фельдшер Иванго гIадин, медиклъун вахъун лъикIин. Хадуб гьес пикру гьабула цин цо кинаб букIаниги хIалтIуде лъугьун лъикI гуродаян. Ахир-къадги НигIматулагь цо минаби ралеб организациялда хIалтIизе лъугьана. ЛъагIелалъ гьенивги хIалтIун, гьев лъугьуна МахIачхъалаялъул дармил техникумалде. Гьенив цIалулаго магIаруласул гьудуллъи ккола сельхозтехникумалда цIалулев ГIабдулмажидин абурав цо даргиясулгун. ЛъикIав фотограф ватула гьев, ва НигIматулагьил махщел цIубаялъе кIудияб квербакъи щола ГIабдулмажидидасан.
ТIокIлъиялда техникум лъугIарав магIарулав, директоралъ тIалабги гьабун, витIулев вукIуна Москваялъул къватIисел улкабазулгун дармил институталде цIализе. Амма НигIматулагь ракIалъ магIарул газеталде цIала. ТIоцебе газеталде гьесул нух байбихьула подчитчиклъиялдаса. Гьоркьоб НигIматулагьица цо лъагIелалъ ЦIунтIа учительлъиги гьабула. Амма киве щваниги, НурмухIамадовасда кодоб букIунаан дов даргиясул босараб «ФЭД» фотоаппаратги. ГьабсагIатги гьесул бечедаб фотоархивалда руго дол соназ шагьаралдаги магIарухъги рахъарал заманаялъ тIогьиллъарал суратал. МагIарухъа НурмухIамадов тIад вуссуна махщел цIубарав фотографлъун ва гьев «БагIараб байрахъалъул» фотомухбирлъун хIалтIизе лъугьуна. АнцIила лъабго соналъ кIудияб махщалида нухда бачуна гьунар бугев магIарулас гьеб, къечарасе лъимгIан газеталъе чара гьечIеб хIалтIи. Гьел соназ Н. НурмухIамадов гIахьаллъула республикаялъулги, гьеб тун къватIирехуниселги гIемерал фотовыставкабазда. Гьесул суратал рахъула гуржиязул, чачаназул ва цогидал миллатазул газетаздаги централиял журналаздаги. Киса-кибго НигIматулагьил творчествоялъе кьуна кIудияб къимат. Н. НурмухIамадов ккола гIемерал фотоконкурсазул лауреат. Гьесул махщелалъе кIудияб къимат кьуна Болгариялъулги Югославиялъулги специалистаз.
Нилъеда щибаб къоялъ бихьулеб, нилъеда ругьунаблъун кколеб гIемераб лъугьа-бахъиналъул, инсанасул гIумруялъул батIи-батIиял рахъазул суратазул мацIалдалъун бицине, инсанасул рекIел хIал суратаздасан баян гьабизе гьедигIан бигьаяб иш гуро. Фотомухбирасул махщалида бараб буго гIумруялъул лъугьа-бахъинал битIараб къа-гIидаялда, ракIазе асар гьабуледухъ рихьизари. РакIчIун абизе кIола Н. НурмухIамадовасухъа гьеб масъала бергьенлъиялда тIубазабизе бажарун бугин. Фотоархивалъул хал гьабидал бихьула НигIматулагьил «гаргадулел» суратал ругеблъи. Жакъа республикаялъул батIи-батIиял газет-журналазда хIалтIулел руго
Н. НурмухIамадовасдасан махщел щварал гIемерал фотомухбирзаби.
НурмухIамадовас бажарун бачунеб букIана «Такъсир ва тамихI» абураб тема. Закон цIуниялда ва гIадлу-низам букIинабиялда хурхун хъварал макъалабазе гIоло гьев мустахIикълъун вукIана республикаялъул МВДялъул дипломалъе. Шапакъаталин абуни НурмухIамадовасул гIемерал руго. РакIбацIцIадаб захIматалъе гIоло НигIматалугь кIодо гьавуна «ЗахIматалъул ветеран» медалалдалъун.

ХIурматияв НигIматулагь, гIа-гараб «ХIакъикъат» газеталъул тIолабго коллективалъ баркула дуда гIумруялъул 85 сон тIубай. Гьарула щулияб сахлъи, халатаб гIумру, рохел ва талихI.